Меню
16+

Сетевое издание «По новому пути»

07.02.2020 16:33 Пятница
Категория:
Если Вы заметили ошибку в тексте, выделите необходимый фрагмент и нажмите Ctrl Enter. Заранее благодарны!
Выпуск 05 от 07.02.2020 г.

4 февраль - имам Шамиль ракIалде щвезавиялъул къо

Князь Барятинскиясухъе Гъуниб магIарда кверде ун хадуб, Шамиль пачаясухъе Петербургалде вачана. Гьениб гьесул хIурматалда пачаяс тIаде къабул гьариги гьоболлъиги гIуцIун букIана. ГIемерал рагъулал гIадамал рукIана гьенир. Хъанчазги медалазги керен цIурав цо генераласе берзуе гIечIо Шамиль ва гьагъав чигунищ 25 соналъ пача вагъилев вукIарав абун имам гIадхочI гьавун кIалъалев вукIана гьев. Тилмач вуцIцIун чIун вукIана.

4 февраль — имам Шамиль ракIалде щвезавиялъул къо

Имам — асирлъуда

Князь Барятинскиясухъе Гъуниб магIарда кверде ун хадуб, Шамиль пачаясухъе Петербургалде вачана. Гьениб гьесул хIурматалда пачаяс тIаде къабул гьариги гьоболлъиги гIуцIун букIана. ГIемерал рагъулал гIадамал рукIана гьенир. Хъанчазги медалазги керен цIурав цо генераласе берзуе гIечIо Шамиль ва гьагъав чигунищ 25 соналъ пача вагъилев вукIарав абун имам гIадхочI гьавун кIалъалев вукIана гьев. Тилмач вуцIцIун чIун вукIана.

Амма Шамилида бичIчIулеб букIана генераласул тIад велъи. Тирщун тIадеги вахъун гьес тилмачасда абуна: — Гьагъав чиясда абе, дир рахъалдасан буюре, тIаса горде бахъейилан. Гьенире ракIарарал лъугьунеб бугеб жо лъаларого хутIун рукIана. Шамилица тилмачасдехун жеги кьварун абуна: — Дица гурищ дуда абулеб бугеб!? Цинги тилмачас Шамилил амру генераласда бицана. Бокьуларого лъугьун вукIана гьев. Амма Шамилил балагьиялъ гьес, жиндаго лъачIого, гьеб бахъулеб букIана. Тимар гьабун къачIараб, бокьа-бокьараб кун кьаралъараб генераласул гIазухъахIаб черх цебелъун букIана. Горде бахъана Шамилицаги. ТIабигIаталъ кIвекIун лъадарараб гьесул черхалда жеги сахлъичIеб чамалиго ругъун букIана, сахлъаралги малъун гьел къоло микьго рукIана. БитIухъего гьалгъан хутIун рукIана гьенире ракIарарал.

- Гьал ругъназ бицуна дир рагъухъанлъиялъул, -ян абуна Шамилица, -шапакъатаз керен цIурав дуда цониги гьечIогури ругъун. Цинги сундухъгIагидай пачаяс гьеб хIалалъ мун кIодо гьавурав? Абизе жо лъаларого гIодове къулухъе хутIун вукIана генерал. Пачаяс Шамиль жиндаго аскIове ахIана ва гьесда къвал бана. Генерал абуни гьеб данделъиялдаса нечон нахъе ине ккана.

Шамилил хъизан

КIудияб хъизам — кIудияб бечелъи Халкъияб гIакълу

Шамиль имамасул букIана кIудияб, гIемермиллатазулаб хъизан. Имамас кинайниги ячана микьго чIужу. Гьез дандекъан Шамилие гьаруна I0 лъимер: 5 вас ва 5 яс. Шамилил тIоцеесей чIужу — Генуса ХIурия, гIицIго лъабго къоялъ гурони гьесулъ ригьнада йикIинчIо. ШаргIиял къанунал цIунун гьабураб жиндирго тIоцебесеб ригьин Шамилица халат кквечIо. Шамилил кIиабилей чIужу — ГIабдулгIазизил яс ПатIимат, гьаюна I8I0 соналда. ПатIиматил эмен ГIабдулгIазиз вукIана Унсоколо росулъ чIарав машгьурав тIабиб. Шамилил эмен Денгасул МухIамадилгун гьесул букIана лъугIулеб бугеб гIагарлъи. Денгав гьеб ригьнадаса цIакъ вохарав вукIана.

Жиндирго гьабихъе рачIарал гIадамазда гьес гьикъулаан: «Росулъ хабар щиб бугеб?» — абун. Щибго гьечIилан жаваб гьабидал, гьев гIажаиблъулаанила: «ВахI! Шамилие ПатIимат абун йигиланги бицунеб гьечIищха?»- ян. ПатIимат йикIана унго-унгояб куцалда, жиндиегоги эбел-инсуеги йокьун ячарай чIужу. Шамилие гьей цIакъ хирияй йикIана. Гьелъ Шамилие щуго лъимер сайгъат гьабуна. Хвана ПатIимат Чачаналъ, 1845 соналда. Шамилил лъабабилей чIужу — Генуса ЖагIпарил Жавгьарат, гьаюна 1814 соналда. Гьей йикIана цIакъ берцинай гIадан, Шамилие кутакалда йокьулей чIужу. Шамилица Жавгьарат ячана, рос МаллахIусенги чIван къороллъуда хутIарай гIадан. ТIоцевесев росасдасан гьелъул вукIана вас, инсул цIар лъурав. Жавгьаратица Шамилие гьавуна цо вас. Имамасул чIужу, бахIарчияй магIарулай Жавгьарат шагьидлъана АхIулгохIда.

Шамилил ункъбилей чIужу йикIана эрменияй ШугIайнат. Гьей гьаюна 1825 соналда. Ахъбердил МухIамадица 1840 соналда Моздокалде гьабураб чабхъеналъул хIасилалда асирлъуде ккарай Анна Ивановна Улусова Шамилил гIумрудул гьудуллъун хутIана. Гьей испагьияй эрменайги бахIарчияв имамги, тIоцере цоцада рихьаралго, цоцазе рокьана ва бижана цIияб ригьин. Гьелъ Шамилие гьаюна цо яс. Хвана ШугIайнат 1876 соналда Истамбулалда. Шамилил щуабилей чIужу — Гъазигъумекиса Жамалудинил яс Загьидат гьаюна 1828 соналда. Имамас гьей ячана 14 сон барай гIадан. Гьеб ригьин букIана, цо къадаралда, сиясатияблъунги. Загьидат йикIана цIакъ гIакъилай чIужугIадан. Гьелъ Шамилие гьабуна лъабго лъимер. Загьидат хвана Мадинаялда 1870 соналда. Шамилил анлъабилей чIужу — Генуса ГIадушил МухIамадил ПатIимат йикIана ригь арай гIадан. Гьей ячун йикIана рукъалъул ва магIишаталъул тIалаб гьабизе. ПатIиматил лъимер букIинчIо. Шамилил анкьабилей чIужу — Гъазигъумекиса наиб ГIабдулагьил Цакхарил яс Аминат гьаюна 1835 соналда. Гьебги букIана сиясатияб мурадалда гьабураб ригьин. Загьидатил мурад гьабун, Шамиль 1858 соналда гьелдаса ватIалъана. Гьезул лъимер букIинчIо. Шамилил микьабилей чIужу йикIана чачанай Зайнаб. Гьей ячун йикIана баракаталъе. Ячараб къоялъго Шамилица гьей йиччанги тана.

Шамилилги ПатIиматилги тIоцевесев вас – Жамалудин гьавуна 1831 соналда Генуб росулъ. Микьго сон барав Жамалудин АхIулгохIда гIурусазухъе аманаталъе кьуна. Гьев гIуна Россиялда, вахъана гIурус армиялъул офицерлъун. Рокъове Жамалудин тIад вуссана 1855 соналда. Гьес ячун йикIана чачанай, наиб ТалхIикIил яс. Жамалудин хвана ва вукъана 1858 соналда КIкIаратIа. Шамилилги ПатIиматилги кIиабилев вас – ГъазимухIмад гьавуна 1833 соналда Генуб росулъ. ГьитIинго гьев гIахьаллъана рагъазулъ, 18 сон байдал тIамуна КIкIаратIа наиблъун. Наиблъи гьес бажаризабуна. Рагъул ахиралдехун гьев лъугьана имамасул аслияв кумекчилъун. ГъазимухIамадица ячун йикIана Илисуялъул султан Даниялбекил яс Калимат. Гьей Калугаялда хвейдал, ГъазимухIамадица ячана ЧIохъа Давудиласул яс Хъистаман-ХIабибат.

Эмен хун хадуб, ГъазимухIамад гочана Турциялде ва гьениб рагъулаб хъулухъ гьабулаго, вахана маршаласул даражаялде. ГIумруялъул ахир, инсуцаго гIадин, гьесги Мадинаялда тIобитIана ва гьенив хвана 1902 соналда. Шамилил лъабалилев вас – Юсуп гьавуна Жавгьаратие 1837 соналда Генуб росулъ. Гьесда тIоцебе Юсуп абурабги хисун, лъун букIана цIияб, СагIид абураб цIар. Гьеб цIар кьун букIана машгьурав гIалимчи, лъабавго имамасул аслияв мугIалим ГьаракIуниса СагIидил хIурматалда. СагIид эбелгун цадахъ шагьидлъана 1839 соналда АхIулгохIда.

Шамилил ункъабилев вас МухIамадшапигI гьа вуна ПатIиматие 1839 соналда Чачаналда. ГьитIинго гьев гIахьаллъана рагъазулъ ва балугълъиялда тIамуна Гъуниб наиблъун. МухIамадшапица ячун йикIана ЧIохъа ГIинкъав-ХIажиясул яс Аминат. Гьей хвана Калугаялда. МухIамадшапигIил кIиабилей чIужу йикIана татарай Мариямханум. Гьес хъулухъ гьабуна гIурус армиялда ва вахъана генерал-майорлъун. МухIамадшапигI хвана 1905 соналда Пятигорск шагьаралда. Шамилил щуабилев вас – МухIамадкамил гьавуна Загьидатие 1861 соналда Калугаялда. Гьев ГъазимухIамадида цадахъ ккана Турциялде. Турциялъул армиялда хъулухъ гьабулаго гьев вахана генераллъиялде. Гьесул чIужу йикIана дагъистанияй Набигьа. МухIамадкамил хвана 1951 соналда Истамбулалда.

Шамилилги ПатIиматилги тIоцеесей яс – Написат гьаюна 1842 сонада Чачаналъ. Гьей йикIана ПатIиматил эбелалъул цIар кьурай яс. Гьей росасе кьун йикIана Гъазигъумекиса Жамалудинил вас ГIабдурахIмание. Написат хвана 1866 соналда Калугаялда, юкъана Генуб росулъ. Шамилилги ПатIиматилги кIиабилей яс – ПатIимат гьаюна 1843 соналда Чачаналда. Гьей йикIана АхIулгохIда шагьидлъарай Шамилил яцалъул цIар кьурай яс. Гьей росасе кьун йикIана Гъазигъумекиса Жамалудинил вас ГIабдурахIмание. Шамилил лъабабилей яс Нажават гьаюна Загьидатие 1846 соналда Чачаналда. Нажават йикIана кIиябго бохалда рекъай яс. Калугаялда тохтур Корженевскияс гьелъул бохдул ритIизару на. Гьей росасе ун йикIана МухIамад-Аминил васасе. Хвана 1874 соналда Истамбулалда. Шамилил ункъабилей яс – Сапият гьаюна ЩугIайнатие I850 соналда Чачаналда. Хвана Сапият Мадинаялда 187I соналда. Шамилил щуабилей яс – Бахумеседо гьаюна Загьидатие 1856 соналда Чачаналда. Гьей йикIана Шамилил эбелалъул цIар кьурай яс. Хвана Бахумеседо 1876 соналда Истамбулалда. БатIи-батIияб куцалда ккана Шамиль имамасул лъималазулги гIагарлъиялъулги къисмат. Гьезул ирсилал руго дунялалъул батIи-батIиял улкабазда гIумру ва магIишат гьабулел. Жакъа Шамилил тухум лъугьун буго халкъазда гьоркьосеб, кIудияб, гIемермиллатазулаб тухумлъун. Квешаб тадбир букIинароан умумазул ВатIаналда Шамил имамасул гIагарлъиялъул данделъи тIобитIани.

Хвараб къо

Маккаялде щун хадуб Шамилида гьенив дандчIван вуго хIежалде вачIарав цо магIарулав. Киса щивилан гьикъигун КъахIиса вугин абун буго гьес. Ва бицун буго кодоб букIараб гIарацги лъугIун ватIаналде тIад вуссун ине ресги гьечIого вугин живан. Шамилица гьев жиндаго цадахъ чIезавун вуго ва цо къоялъ гьел кIиялго МухIамад аварагасул (с. т. гI. в.) хабаде ун руго. -Ассаламу гIалайкум, тIадегIанав Бичасул авараг,-ян абун буго Шамилица хабаде щваравго. — ВагIалайкум салам, Аллагьасул ритIухъав лагъ, -ян рагIилеб рагIилареб хIалалъги абун хабалъан къватIибе баккун бачIун буго квер.

Шамилида цадахъ вукIарав дов чи тамахлъун гIодов ккун вуго ва рекIеде вачIиналде гьесул надалда тIад кверал рахъулев ватун вуго Шамиль. Гьеб хIикматалъул хIакъалъулъ имамасдехун бицен гьабизего кIун гьечIо гьесда. Гьелдаса заман ун хадуб, нухда гIарацги кодобе кьун, Шамилица гьев чи Дагъистаналде тIовитIулев вукIун вуго. Цинги имамас гьесда абун буго дун хвараб къоялъ зобал багIарлъизе ругин, гьеб къоялъ дуца мажгиталъувеги ун гIадамазда бицейин жакъа имам хвараб къо бугилан. — Даража тIадегIанлъаяв имам, кин росулъги вукIун гьединал жал рицингун дида гIадамал божилел, гIантав чи вугилан гIад-хочI гьавила дун гьез,-ян абун буго къахIисес. — БитIараб буго, дуда божичIого рукIинеги бегьула. Гьеб къоялъ дуца гьел зодихъе ралагьизе гьаре.

Имамас абураб къо букIун буго рузман къо. Рузманалдаса рахъунаго, росулъ дов чияс абун буго жакъа имам хвараб къо бугилан. Абухъего божун гьечIо гIадамал. Гьев чи гIантлъун вугин, ав нолъ досда аскIове ун вукIараб куц бугилан лъугьун руго гьел. Цинги гьес гIадамазда абун буго къватIиреги рахъун зодихъе балагьейин, гьеб багIарлъун букIине кколин, жинда имамас гьедин абун букIанин. Ва киса-кирего гьеб къоялъ зобал багIарлъун рукIана.

Добавить комментарий

Добавлять комментарии могут только зарегистрированные и авторизованные пользователи. Комментарий появится после проверки администратором сайта.

48