Меню
16+

Сетевое издание «По новому пути»

05.07.2019 18:55 Пятница
Категория:
Если Вы заметили ошибку в тексте, выделите необходимый фрагмент и нажмите Ctrl Enter. Заранее благодарны!
Выпуск 26 от 05.07.2019 г.

Миллиял хIаязул чемпионат тIобитIана

Лаваша районалъе 90 сон

Миллиял хIаязул чемпионат тIобитIана

29 абилеб июналда Лаваша районалда тIобитIана районалъ 90 сон тIубаялда хурхараб кIудияб байрам.

Юбилей кIодо гьабиялъул тадбиразда Лаваша росулъ тIобитIана, Дагъистаналъул миллиял тайпаялъул хIаязул чемпионат ва миллиял кучIдузул фестиваль «МугIрузул гьаракь».

Байрам баркизе рачIун рукIана хIурматиял гьалбал, Гос. Думаялъул депутат ГIабдулмажид Маграмов, ДР БетIерасул вакил МухIамад Камилов, ДР министерствобазул ва ведомстабазул вакилзаби, Дагъистаналъул районаздаса ва шагьараздаса гьалбал.

Гьениб гIахьаллъи гьабуна Лаваша районалъул бетIер Шамиль Дабишевас, гьесул заместительзабаз, районалъул идарабазул нухмалъулез, Дагъистаналъул ХС депутат Мухтар ХаламухIамадов, районалъул росабазул бутIруз ва гьединго цогидаз.

Чемпионаталъул къецазда гьоркьор унел рукIана: гира ва гьецIо рехи, халалъуде кIанцIи ва чуял риччай.

Тадбир рагьана ва берцинго бачана Лаваша районалъул бетIерасул 1-сев заместитель ГIабдусалам Дибировас. Гьес рагIи кьуна Лаваша районалъул бетIер Шамиль Дабишевасе. Районалъул бетIерас данделъаразда баркана байрам, гьарана щулияб сахлъи, ракълилаб гIумру ва гьабулебщиналъулъ битIккей. Гьединго гьарана чемпинаталъул гIахьалчагIазе лъикIал хIасилал.

Гьединго кIалъазе рахъана ГIабдулмажид Маграмов, МухIамад Камилов, Рамазан Малачиев ва цогидал гьалбал, гьезул щивас бицана Лаваша районалъул социалибгун-экономикаяб ва спортивияб рахъалъул цебетIеялъул. Байрамалъул торжествияб рахъ лъугIигун рукIана спорталъул къецал.

Къецазул хIасилазда 100 м. рекери:

1. Валиев Шамиль Гъуниб р-он 15 000 азар. гъуруш.

2. Мусаев Бастамир Я. МахIачхъала ш. 10 000 азар. гъуруш.

3. МалламухIамедов К. ГIахъуша р-он 5 000 азар. гъуруш.

1500 м. рекери:

1. АлихIаджиев МухIамад И. Акушинский р-он 1 15 000 азар. гъуруш.

2. ГIалиев МухIамад М-Р г.Махачкала 10 000 азар. гъуруш.

3. МухIамадов Нариман М-Р Лаваша р-он 5 000 азар. гъуруш.

Халалъуде кIанцIи:

1. ГIабдулкеримов Арсен ГIахъуша район 15 000 азар. гъуруш.

2. ГIалигаджиев Заур Лаваша р-он 10 000 азар. гъуруш.

3. ИсмагIилов Рамазан Лаваша р-он 5 000 азар. гъуруш.

ГьецIо рехи (6кг) 21 сон барал бихьинал:

1. Шихшабеков Абдула Буйнакск район 15 000 азар. гъуруш.

2. МухIамадов АхIмад Лаваша район 10 000 азар. гъуруш.

3. Салихов Шамиль Лаваша район 3 5 000 азар. гъуруш.

ГьецIо рехи (8кг) 21 — 50 сон барал бихьинал:

1 МухIамадов МухIамад Левашинский р-он 15 000 азар. гъуруш.

2 ГIалихIажиев Заур Левашинский р-он 10 000 азар. гъуруш.

3 ГIабдулкеримов Арсен ГIахъуша р-он 5 000 азар. гъуруш.

ГьецIо рехи (6кг) 51 — 60 сон барал бихьинал:

1 Рахманов Нури Акушинский р-он 15 000 азар. гъуруш.

2 Зубаиров МухIамад Хьаргаби р-он 10 000 азар. гъуруш.

3 Сайпулаев МухIамад Х. Гъуниб р-он 5 000 азар. гъуруш.

ГьецIо рехи (6кг) 61 сон ва цIикIкIун барал бихьинал:

1 Муталимов Халид Лаваша р-он 15 000 азар. гъуруш.

2 ХIажимухIамадов Идрис Лаваша р-н 10 000 азар. гъуруш.

3 ГIалихIажиев Ражаб Лаваша р-он 5 000 азар. гъуруш.

Гира рехи (32 кг):

1 МухIамадов МухIамад Лаваша р-он 15 000 азар. гъуруш.

2 ГIабдулкеримов Арсен ГIахъуша р-он 10 000 азар. гъуруш.

3 Агаев ХIусейн Ибр. Буйнакск р-он 5 000 азар. гъуруш.

100 м. рекери (гIинкъал ва мацI лъаларел):

1 Салихов Исрапиль Лаваша р-он 15 000 азар. гъуруш.

2 Абдусаламов ГазимухIамад ш. МахIачхъала 10 000 азар. гъуруш.

3 МухIамадов Юсуп Лаваша р-он 5 000 азар. гъуруш.

Чуял рекеризе риччай:

2000 м (бацIцIадаб тайпаялъул):

1 «Элитгол» — бетIергьан АлиасхIабов Т.А. Гумбет р-он — 50 000 азар. гъуруш

2 «Хамнас» — бетIергьан Ибрагьимов И.И. Ботлих р-он — 25 000 азар. гъуруш.

3 «Абухармет» — бетIергьан Юсупов И.А. Хасавюрт р-он — 15 000 азар. гъуруш.

4000 м (бацIцIадаб тайпаялъул):

1. «Инфант» — бетIергьан Джапаров М.Д. ш.Каспийск — 50 000 азар. гъуруш.

2. «Кнажич» — бетIергьан Качилаев А.М. Казбек р-н — 25 000 азар. гъуруш.

3. «Горный Кадар» — бетIергьан Эльмурзаев Э.И. Буйнакск р-он — 15 000 азар. гъуруш.

6000 м (бацIцIадаб тайпаялъул):

1. «Абар» — бетIергьан Дабишев Ш.М. Лаваша р-он — 50 000 азар. гъуруш.

2. «Рублевка» — бетIергьан АхIмадов Х.М. Лаваша р-он — 25 000 азар. гъуруш.

3. «Гроза» — бетIергьан Шарулбазов А. Ботлих р-он — 15 000 азар. гъуруш.

4000 м (бакIалъул):

1. «Рыжик» — бетIергьан МухIамадов А.И. Лаваша р-он — 25 000 азар. гъуруш.

2 «Сапсан» — бетIергьан Шапиев О.М. Лаваша р-он — 15 000 азар. гъуруш.

3 «Арабист» — бетIергьан Исупов Ах.Т. Кулинский р-он — 5 000 азар. гъуруш.

Чемпионаталъул киналго бергьаразе ва призазе мустахIакъазе кьуна грамотаби, кубокал ва гIарцул шапакъатал.

«МугIрузул гьаракь» фестивалалда гIахьаллъи гьабуна Лаваша, ГIахъуша, Лак, Гъуниб, Дахадаевский, Кулинский, Хьаргаби ва цогидал районазул ва Дагъистаналъул шагьаразул миллиял кучIдул ахIулез.

ЛъугIана тадбир, гIодобе биччана гьелъул байрахъ. ГIахьалчагIи, гьалбал тIоритIулаго букIараб къо-мех лъикI гьабиялъул кIалъаялда Шамиль Дабишевас баркала кьуна тадбиралда гIахьаллъарал гьалбадерие.

Добавить комментарий

Добавлять комментарии могут только зарегистрированные и авторизованные пользователи. Комментарий появится после проверки администратором сайта.

3