Меню
16+

Сетевое издание «По новому пути»

10.05.2019 16:05 Пятница
Категория:
Если Вы заметили ошибку в тексте, выделите необходимый фрагмент и нажмите Ctrl Enter. Заранее благодарны!
Выпуск 18 от 10.05.2019 г.

Бадиб магIу хулараб рохалил байрам

ЦIуне ниж гьерсаздаса, цIуне ниж мацIаздаса,

ЦIуне ниж яргъидаса, цIуне ниж рагъалдаса.

Кье нижей бацIадаб зоб, кье роцIараб дуниял,

Кье хъахIилал ралъадал, кье тIадегIанаб гIумру.

(Р. ХIамзатов)

Бергьенлъиялъе 74 сон

Бадиб магIу хулараб рохалил байрам

ЦIуне ниж гьерсаздаса, цIуне ниж мацIаздаса,

ЦIуне ниж яргъидаса, цIуне ниж рагъалдаса.

Кье нижей бацIадаб зоб, кье роцIараб дуниял,

Кье хъахIилал ралъадал, кье тIадегIанаб гIумру.

(Р. ХIамзатов)

Иргадулаб, щибаб лъагIалида тIолабго улкаялъ кIодо гьабулеб, КIудияб Бергьенлъиялъул къо кIодо гьабиялъул байрам тIобитIана Лавашабги. Щибаб лъагIалидаса цIикIкIунеб буго гьеб кIудияб къо баркиялъе гьабулеб тIалаб, кIвар. Гьелъул хIасилги буго нилъеда бихьулеб. Гъоркьисеб соналда данде ккун исана цIикIкIун жавабчилъиялда ва борхатаб даражаялда тIобитIана Бергьенлъиялъул байрам. ТIолабго Совет хIукуматалдасаго гIадин нилъер гIагараб Лаваша районалдасаги ана рагъде гIолохъаби, эбел-инсул лъимал, лъудбузул росал, лъималазул умумул. Дуниял бижаралдаса нахъе тарихалда жаниб, бищунго вахIшияб, бищунго гIемер биял гIодоре тIураб ва камиял ккараб рагълъун рикIкIуна КIудияб ВатIанияб рагъ. Нилъер пачалихъалъул 27 млн чи къаникье ана ракълилаб ва рохалилаб гIумру нилъее щвеялъе гIоло. Хвана гьезда гъорлъ нилъер гIагараб Лавашаб районалдаса гIолохъабиги. Рагъул корониса руссаразул кьералги соналдаса соналде дагьлъун, гьабсагIаталда лъабго чи гурони хутIун гьечIо районалда.

Исана ичIабилеб маялда, Совет хIукуматалъ фашистазда тIад бергьенлъи босаралдаса сверана 74сон.

ТIолго дунялалъе гIахьалаб КIудияб Бергьенлъиялъул къо кIодо гьабуна Россиялда киса-кибего. ВатIаналъе гIоло рухI кьурал бахIарзал кIодо гьарулел рукIана 9 маялда Лавашаб районалдаги. Радал сагIат анцIго тIубарабго, администрациялъул минаялда аскIоса байбихьун тIобитIана парад. Исана парадалде районалъул ункъазариде гIагарун чи вакIарана.

Районалъул, цогидал гIуцIабазул нухмалъулел, интеллигенция, тIолго захIматчагIи, школлъимал райадминистрациялда цебе исанаги рохалилаб ахIвал-хIалалда дандчIвана кIудияб байрам тIобитIизе. Районалъул бищунго кIудияб, аслияб къватI чIван, бергьенлъиялъул кIучIдузда гъорлъ унел гIадамазул берцинаб читIир бихьарабго, рекIее кIудияб асар гьабуна. Кидаго гурелъул гьадигIан берцинго ва тIадегIанаб даражаялда гIуцIизе бажарулеб праздник. Кодор тIугьдузул квацIаби-горалгун, байрахъалгун байрамалъулаб колонна къокъана Лавашаб рагъдаса руссинчIел районцоязе бараб памятникалда цере. Соналдаса соналде мигьлъулел руго ВатIаналде къо ккедал гьелъие гIоло рухIалдаги барахщиларилан кьалул майданалде рахъарал бахIарзазул кьерал. Соназул кIодолъиялъги рагъда щвараб ругъун-сакъатлъиялъги, унта-щокълъиялъ районалда хутIарав кIиго ветеранасул цонигиясда кIвечIо исана тадбиралда гIахьаллъизе. Рохалилаб митинг рагьана ва бачана районалъул администрациялъул бетIерасул 1 заместитель ГIабдусалам Дибировас, дол соназ жакъасеб нилъер гвангъараб букIинеселъе гIоло рухIалда барахщичIого къеркьарал багьадурзабазе баркалаги кьуна, тIокIаб гьединаб вахIшилъи лъидаго бихьизе хъван батунгутIи нилъер мурад букIинги загьир гьабуна. КIалъазе, праздник баркизе, цеве вахъана районалъул бетIер Шамиль Дабишев. Гьес гIезегIан магIна бугеб кIалъай гьабуна. ТIоцебе баркана районцоязда Бергьенлъиялъул къо, хасго нилъер районалда хутIарал кIиго рагъул гIахьалчагIазда. «Жакъа нилъеца кIодо гьабулеб буго нилъер халкъалъе бищунго хирияб байрам – 9 май. Гьеб байрам гIасрабаз кIодо гьабизе буго нилъер наслабаз. ГIицIго нилъер ВатIаналъ гуребги, инсанияталъго кIодо гьабизе буго гьеб. 74 соналъ цебе БагIараб Армиялъул солдатас Бергьенлъиялъул Байрахъ чIвана рейхстагалда. Советияв солдатас эркен гьабуна гIицIго нилъер улка гуребги тIолабго Европа. Нилъ налъулал руго нилъер эркенлъиялъе гIоло гIумру кьурал умумузда цере. Нилъеда лъазе ккола, нилъ чIухIизе ккола гьездаса. Гьеб вахIшияб рагъда тIагIана 28 миллион чи. Лаваша районалдаса гьеб рагъда камуна азаралда хадув чи. Жакъасеб къоялъул бицунаго, абизе бокьун буго бергьенлъидул бахIарзазул наслабаз рагъулаб хъулухъ гьабулеб буго Россиялъул Армиялъул мухъилъ. Жакъа дунялалъул бокьараб бакIалда иш роцIинабизе бажарулеб борхалъиялда буго Россиялъул Армия. Нилъер ВатIаналъул гIорхъи щулияб армиялъул, бахIарчиял умумузул наслабазул цIуниялда гъоркь буго. Цоги нухалъ ракI-ракIалъ баркула нужеда ракьцоязда ва гьалбадерида Совет халкъалъ босараб КIудияб Бергьенлъи. Гьарула ракълилаб зоб ва гIумрудулъ битIккей»,- илан лъугIизабуна Ш. Дабишевас жиндирго калам.

Праздникалъулаб митингалда кIалъана районалъул рагъулав комиссар МухIамад МухIамадов. «Бергьенлъиялъул къоялъул праздник нилъер щивасе хирияб буго, гьеб къварилъи щивасда хъатIун букIиндал ва щибаб рокъобе гьелъ захIматал къварилъаби рачIун рукIиндал. Бергьенлъи нилъее бахъаразе ракI-ракIалъ налъулал руго нилъ. Кидаго кIоченаро рагъул ва тылалъул гIахьалчагIи!» — ян калам гьабуна гьес

Рохалилаб митинг лъугIана праздникалъулаб салюталдалъун.

Ахиралда, кидаго гIадин рагIи кьуна районалъул культураялъул хIалтIухъабазе. РакIал хIайран гьарулел кечIдуз роххизаруна гьез киналго.

Добавить комментарий

Добавлять комментарии могут только зарегистрированные и авторизованные пользователи. Комментарий появится после проверки администратором сайта.

11