Меню
16+

Сетевое издание «По новому пути»

11.06.2020 18:22 Четверг
Категория:
Если Вы заметили ошибку в тексте, выделите необходимый фрагмент и нажмите Ctrl Enter. Заранее благодарны!
Выпуск 22 от 11.06.2020 г.

Баркула гьавураб къо

15 июналда Дагъистан Республикаялъул Пачалихъалъул Советалъул ХIурматияв Председатель, РФ захIматалъул БахIарчи МухIамадов МухIамадгIали МухIамадовичас бала 90 сон.

Баркула гьавураб къо

15 июналда Дагъистан Республикаялъул Пачалихъалъул Советалъул ХIурматияв Председатель, РФ захIматалъул БахIарчи МухIамадов МухIамадгIали МухIамадовичас бала 90 сон.

Лавашаб районалъул гIадамал роххарал ва чIухIарал руго МухIамадгIали МухIамадовасдаса. Гьес жиндирго рухIги, яхIги кьуна 60 соналъ гIагараб халкъалъе гIоло. ГIемерал миллаталъул Дагъистаналъул гIадамаз мисал босизе мустахIикъав чи ккола МухIамадгIали МухIамадов.

М.М. МухIамадов гьавуна 1930 соналъ Дагъистан АССРалъул Лаваша росулъ. Гьесул лъимирлъиялъул замана кьварарал КIудияб ВатIаналъул рагъул соназда дандчIвана. Гьеб букIана гIадамазе цIакъ захIматаб мех. МухIамадгIалил ва тIолго халкъалъул рекIелъ бессун букIана ВатIаналде рокьи.

Лавашаб гьоркьохъеб школаги лъугIизабун, 1950 соналъ гьев цIализе лъугьана Дагъистаналъул педагогикияб институталде ва гьеб берцинго лъугIизабуна.

ГIадатав росдал учитель хIалтIана батIи-батIиял бакIазда: школалъул директорлъун, лъай кьеялъул отделалъул заведующийлъун, колхозалъул председательлъун, росдал магIишаталъул управлениялъул начальниклъун, райисполкомалъул председательлъун, КПСС-лъул райкомалъул тIоцевесев секретарьлъун — гьединал гIумруялъул болъаби рахана 23 соналъ МахIамадгIали МахIамадовас Лавашаб районалъул ракьалда. Гьеб кинабго бигьаго букIинчIо гIадатав росдал учителасе. Киналго захIмалъаби къуне гьаризе кIвана гьесда жиндирго яхI-намусалдалъун, гьес кьуна жиндирго хIалги, къуватги, ракIги халкъалъе гIоло, районалъе гIоло, ВатIаналъе гIоло.

РукIине риччан те дир районалда

Мун гIадинал васал жеги гIемерал,

Гьез берцин гьабизе Лаваша район

Гьез тIегьазабизе тIолго Дагъистан.

МухIамадгIалил цIаралда хурхарал руго районалда лъугьарал лъикIал ишал. Гьев вуго унго-унгояв инсан — гIадамазе лъикIлъи гьабизе Аллагьас кьурав. Нижеда лъала щиб хIалалда букIарабали район МахIамадгIали МахIамадов гьенив хIалтIизе лъугьарав мехалъ. РайоналтIа букIана хIукуматалъул налъи. ХIалтIухъабазул букIинчIо хIалтIизе гъира, гьезул букIинчIо гIадлу: бокьанани рахъунаан хIалтIизе, бокьичIонани рахъунароан. Дагь-дагьккун магIишат лъавуде бачIине лъугьана. Халкъалъе хIалтIул къоязухъ щвезе лъугьана продуктаби гурониги, гIарацги. ХIалтIухъабазул гъира ккана хIалтIизе. Кинабго рахъалъ нахъе ккараб район лъугьана цебетIураблъун, бечедаблъун. Дагъистаналдаго рагIизе лъугьана церетIурал «Коминтерна» цIаралъул, «Бергьенлъи», «Хажалмалъи», «ЦIадахIар» колхозазул гьаракь. Районалда кIиго хIалтIухъан вахъана «ЗахIматалъул бахIарзал». ХIалтIулъ гьарурал бергьенлъабазухъ Лаваша районалъе КПСС-лъул ЦКаялъул, СССР-лъул министрзабазул Советалъул, ВЦСПС-лъул ва ВЛКСМ-лъул ЦК-ялъул цоцахъе кьолеб «БагIараб байрахъ» щвана.

Районалда лъай кьеялъул, медицинаялъул, культураялъул рахъалъ ккарал бергьенлъаби МахIамадгIали МахIамадовичасул цIаралда рухьарал руго. Росабалъ рана гIемерал школал, больницаби, культураялъул учреждениял.

Нижер руччабазе кIу-диял бигьалъаби ккана МахIамадгIали МахIамадови-час хIалтIабаздалъун гьабураб кумекалдаса. Жакъасеб къоялъ газ бачун буго районалъул киналго, 68 росабалъ, рачун руго чирахъул канлъи, руго лъималазул ясли-ахал. Гьеб киналъухъго баркалла гьесие.

30 соналдасаги цIикIкIун хIалтIана М.М. МахIамадов Республикаялъул даражаялъул гIемерал жавабиял хIалтIабазда: КПССалъул обкомалъул отделлалъул заведующийлъун, ДАССРалъул Министрзабазул Советалъул председателасул заместительлъун, ДАССРалъул Министрзабазул Советалъул председательлъун, ДАССРалъул Верховный Советалъул Президиумалъул Председательлъун, Дагъистаналъул Верховный Советалъул Председательлъун, Дагъистан Республикаялъул Пачалихъалъул Советалъул Председательлъун.

Жиндирго бахIарчилъи, бажари бихьизабуна МахIа-мадгIали МахIамадовас Дагъистаналда ккарал кьогIал ишазулъги. Гьев вуго тIадегIанав инсан, гьев рикIкIуна: «Кавказалъул политикаялъул тамада» — ян. ВатIаналъ гьесул хIалтIабазухъ жаваб кьечIого течIо. Гьесие кьуна: «РФ захIматалъул БахIарчи»- абураб тIадегIанаб цIар, «Дагъистан Республикаялъул хIурматияб гIаламат» орден, «ЗахIматалъул БагIараб Байрахъ» кIиго орден, Октябралъул Революциялъул орден, «ВатIаналда цере гьарурал хъулухъазухъ» орден, Александр Невскиясул орден, «Дагъистан республикаялъе гьабураб мустахIикъаб хIалтухъ» орден, «Чачаназул республикаялъе гьабураб мустахIикъаб хIалтIухъ» медаль ва гIемерал цогидалги шапакъатал.

МахIамадгIяли МахIама-дович, 90 соналда жанир гIемерал лъикIа-лъикIал ишал гьаруна дуца!

Мун гьавурай эбел, аги ГIаршалде

Лаваш берцинлъизе месед гьавурай,

Хварав дур инсуе Алжан батаги,

Дагъистан гвангъизе вас куцан тарав.

Добавить комментарий

Добавлять комментарии могут только зарегистрированные и авторизованные пользователи. Комментарий появится после проверки администратором сайта.

105