Меню
16+

Сетевое издание «По новому пути»

25.01.2019 17:54 Пятница
Категория:
Если Вы заметили ошибку в тексте, выделите необходимый фрагмент и нажмите Ctrl Enter. Заранее благодарны!
Выпуск 3 от 25.01.2019 г.

Аваразул революциялда цебесеб хъвавулаб поэзия

19 векалда халкъалда гьоркьосан рахъарал лъикIаланго поэтаз аваразул хъвавулаб поэзия цебе тIезабизе байбихьун буго. Гьезда гьоркьосан бищунго машгьураллъун ккола Хьаргабиса МахIа-мадбег, Инхоса ГIалихIажияв, Ругъжаса ГIанхил Марин ва Элдарилав, ЧIикIаса МухIамад, Ганзил ГIабдула, БакьайчIиса ЧIанкIа, ХъахIабросулъа МахIмуд, ТIелекьа Этил ГIали, Кьохъа МухIамад, Инхелоса Къурбан ва гь. ц.

Аваразул революциялда цебесеб хъвавулаб поэзия

19 векалда халкъалда гьоркьосан рахъарал лъикIаланго поэтаз аваразул хъвавулаб поэзия цебе тIезабизе байбихьун буго. Гьезда гьоркьосан бищунго машгьураллъун ккола Хьаргабиса МахIа-мадбег, Инхоса ГIалихIажияв, Ругъжаса ГIанхил Марин ва Элдарилав, ЧIикIаса МухIамад, Ганзил ГIабдула, БакьайчIиса ЧIанкIа, ХъахIабросулъа МахIмуд, ТIелекьа Этил ГIали, Кьохъа МухIамад, Инхелоса Къурбан ва гь. ц.

Гьезда гьоркьосан Хьаргабиса МухIамадбег, Ругъжаса ГIанхил Марин ва ТIелекьа Этил ГIали хутIизегIан цогидал гIараб мацIалъулгин гьелъул литератураялъул цIикIкIунниги дагьабниги лъай-хъвай щварал гIадамал рукIун руго. Инхоса ГIалихIажияв вукIун вуго жинца дибирлъиги гьабулев, гIараб мацIги гьелъул литератураги лъалев машгьурав гIалимчи. Гьес диниял ишазда хурхарал кучIдулги (туркаби) гьарун руго. Жинцаго абухъе, гьев рокьул кучIдузул гьудул вукIун гьечIо. Бугониги ГIалихIажияс революциялда цебесеб авар поэзиялда жаниб лъикIаб бакI ккола. Щай гурелъул ГIалихIажиясдаса цере ва гьесул заманалда рукIарал ГIаймакиса Абубакар, Кудалиса ХIасан, Миякьуса ГIумархIажи гIадал гIалимзабаз рахьдал мацIалда туркаби ва мавлидал гурони хъван гьечIо. Гьеле гьединал гIадамазде данде ккун, бечедазде, махIкамачагIазде данде, диванбегзабазде, будун-дибирасде данде рахьдал мацIалда бегIераб къалам тIоцебе къватIибе бахъарав чилъун ГIалихIажияв рикIкIине бегьула.

Ругъжаса ГIанхил Марин кIалзул гьунар цIикIкIарай, чIужугIаданалъул ихтияралъул пикру кучIдузулъ хIалтIизабурай качIохъан йикIун йиго. Гьелъ бихьизабулеб буго бихьиналгин руччабазда гьоркьоб букIунеб рокьи-балагьи букIине бегьулеб, гIадамазе тIабигIияб жолъун. Жиндир заманалда гьелда цIар бугей магIихъанилан абулеб букIана. Амма гьелъ цоги магIихъаби-руччабазда релълъун магIy гьабулароан; магIирукъалдаса гьелъ доб заманалъул социалияб гIуцIиялде дандечIей бихьизабизе пайда босулеб букIун буго. Бечедал гIадамаз гъоркьан рекъон, загьру кьун, хвезавурав гьебго росулъа Элдариласде гьабураб магIуялдасан гьеб баянго бичIчIула.

Элдариласул кучIдузул гIолареб рахълъун рикIкIине бегьула, басриял рокьул кучIдузул гIадаталда рекъон, чIужугIадан гаргадизе гьаюн, хьандезе гьаюн, тIарамагъада гьей мукIурлъарайлъун, чучарайлъун йихьизайи. Гьедин букIаниги Элдарилавги гьесул кучIдулги дунялалъул яшавалда хурхарал ругелъул церетIураллъун рикIкIуна.

19 векалъул ахиралдасан байбихьун гIaгa-шагарго цого заманалда авар поэзиялда жаниб рокьул кучIдул гьари цебетIун буго. Гьелъул рахъалдасан церетIураллъун рикIкIуна БакьайчIиса ЧIанкIа, Игьалиса Ганзил ГIабдула, ХъахIаб росулъа МахIмуд, Кьохъа МухIамад, Инхелоса Къурбан гIадал кочIохъаби.

Гьезда гьоркьоса МахIмудил рокьул лирикаялъ тIадегIанаб бакI ккола. MaxIмудил кучIдузул цо тIел, ЦIадаса ХIамзатица абухъе, ЧIанкIалги ва цоги авар кочIохъабазулги квер гIунтIулареб борхалъуда буго. Жого гьечIого гуро Дагъистаналъул литература жинда лъалев гIурусазул советияв поэт Н. Тихоновас МахIмудида Кавказалъул Блокилан абураб. Гьелдалъун бичIчIулеб буго МахIмудил лирикаялъул цохIо авар халкъалъе гуребги кIвар букIин.

Профессор Л. Жирковас МахIмудил авар литератураялда жаниб бугеб роль гlypyc литератураялда жаниб А. С. Пушкинил бугеб ролалда релълъинабун xъвaлeб буго.

Абухъего, авар халкъалъеги цересел кочIохъабазда гьоркьосан МахIмуд хирияв вуго, гьелъ гьев киназдасаго кIодо гьавула. Гьесул кучIдул халкъалъул рекIел хIалалда рекъарал, халкъалъул гIумруялда цIикIкIун релълъинарун хъварал руго.

Авар мацIалъул гьаркьилаб бечелъи, гьаркьазул цоцазде данде кквей, цоцазда хадур рекъон рачIин бищунго цIакъ, бищунго берцин МахIмудил кучIдузулъ буго. Гьесул кучIдузулъ буго берцинго, хIеренго херхараб поэзия; щибго жагъаллъи гьечIеб искусство, проза гъорлъ гьечIеб калам, цоги рахъалъан, МахIмулида халкъалъул тIадегIанал художествоялъул рокьул кучIдуздаса, халкъалъул пасихIаб мацIалдаса, хIикматал рагIабаздаса, гIакъилал кицабаздаса ва бицанкIабаздаса берцинго пайда босизеги лъан буго. Гьелъие гIоло буго магIарул кочIохъабаз «ГьадигIанго гIемер щай нужее MaxI мудил кучIдул ахIизе рокьулел?» — абун гьикъараб мехалъ, «Гьесул кучIдул бигьаго axlун рачIуна, гIенеккаралги гьез хIайран гьарула»,— ян жаваб кьолеб. МахIмудил кучIдузулъ росдал гIадатал, рукIа-рахъин, хьвада-чIвади, яшавалъул киналго рахъал тIадегIанаб поэзиялъул даражаялде рахинарун руго.

Рокьи басандулеб росуги танин, Саламилан абе бецIал сардазда. Балагьи тIегьалел мугIрулги танин. ТIерхьунгеян абе багIарбакъалда.

Гьеб куплет ккола, ЦIадаса ХIамзатица абухъе, «гьитIинаб кIулалъ ричIулеб кIудияб гъамас». Гьединал кIулаз ричIулел кIудиял гъансал МахIмудица гIемерал гьарун руго. Жиндиего вокьулесе ине йиччаларого йигей ясалъ эбелалда гьадин абулеб буго:

Бакъул завал буго къалъул гIужалда,

Бакъаниде ккани, тIерхьуна, уна.

МоцIрол цIар абула анцIила щуйилъ,

Ахиралде ккани, ккунги хутIула.

Хирияй эбелалъ унеб гьакида

Юк цIикIкIинабула, цIалебилан ккун.

ЦIамул гьирида тIад пуд маххулги къан,

Билълъаян кьабула гъарин черхалда.

Гьел рагIабиги ккола xlepeнгo абулел, хIалуцун речIчIулел «гIинда кIутIилалде рекIелъ росулел» рагIаби. Живго МахIмудидаги жиндирго рокьул лирика тIадегIанаб букIин бичIчIулеб букIун буго.

Дунго хвананиги халкъалда лъалел

Къасидатал ругел таманал рокьул.

Ракьулъ вукъаниги къанихъ урхъараб

Къо гIемер бачIина гIишкъу ккаразул.

Амма гьаниб абизе ккараб цоги жо буго. МахIмудиеги гьесда релълъарал цогидал кочIохъабазеги мустахIикъаб къимат щвана совет власталъул заманалда.

I9 векалъул ахиралдасан байбихьун авар лирика цебетIеялъе сабаб щиб ккараб?

Гьеб заманалъ аваразул рокьул лирика хIалуцун цебетIеялъе сабаб ккана халкъияб поэзиялъ феодалиябгин исламалъул культураялъул асаралда гьоркьа борчIизе тIалаб гьаби. ГIанхил Маринил, Элдариласул, МахIмудил, Кьохъа МухIамадил кучIдузулъ диниял образал дагь гурони кьун гьечIо. Лирикаялъул гьеб рахъ дагьабги баянго цебе чIезабиялъе гIоло нилъеца кIиго батIияб заман данде кквезе бегьула. 19 векалъул 30-абилел соназдс гIагарлъун магIарул росаби гьоркьоса къотIичIого кьалулъ-рагъулъ рукIана. Гьеб заманалда муридзабилъун лъугьун цоял, жанисел ханзабазул боде данде, ялъуни гlypyc пачаясул аскаргун цадахъ Шамилиде данде рагъулел рукIана.

Щибаб къоялъ гIадин гIемерисел магIарул росабалъ рагъда чIварав чиясул магIирукъ камулароанилан абизе бегьула. Жакъаги чанги магIарул росулъе жанире лъугьунаго нужеда рихьизе руго гьенир рахъун чIезарурал занаби — къанал. Гьел ккола доб заманалъ рагъда чIварал гIадамал ракIалде щвеялъе гьарун рукIарал занал. ХIасил, 19 векалъул битIахъе 40 сон гIанасеб заман магIарул халкъалъ рагъулаб низамалда, кваназе гьечIого, ретIине гьечIого, къварилъуда биччан буго. Шамилица чIезабун букIараб рагъулаб низамалда рекъон,рокъоб лъималазе гьечIеб тIощел рагъде рекIине хIадур букIине чое кьезе кколаан.

Гьеле гьединаб хIалалдаги рукIун, рокьул кучIдузухъ гIенеккизе халкъалъул заман букIинчIо, гьединал кучIдул хIажат рукIинчIо. Гьебги тIаса ун, магIарул халкъалъе ракълилаб заман тIаде бачIана. Цо тайпа магIарулал гlypyc культура тIибитIарал Дагъистаналъул шагьаразде, жеги рикIкIа-рикIкIаде Россиялде ун хIалтIизе лъугьана. Чачан ва лъарагI ракьаздехун балагьун шагьра нухал рахъана. Шагьараздаги росабаздаги гьоркьоб даран-базар цIикIкIана. БакI-бакIалда магIарухъ базарал гIуцIана. Гьел шартIаздалъун магIарул халкъалъул бетIербахъиялъул, цебе букIаралде данде ккун, кIудияб гIатIилъи ккана. Гьеле гьедииаб гIумруялдалъун лъугьана араб заманалъе гIологи авар халкъалъул поэзия, хасго рокьул лирика цебе тIезе. Амма жеги халкъалда жаниб динияб рахъ чучун букIанин абизе бегьуларо.

ГIарабалъ цIалулел гlaдамал цереялдаса дагьал рукIинчIо, цохIо «доб дунялалъул» бицунел шайихзабиги дагьал рукIинчIо. Гьеб рахъалде данде пачаясул власталъул гьабин абизесел тадбиралги рукIинчIо.

Гьеб заманалда рахъарал поэтаз чIужугIаданалъул социалияб хIал, обществоялда гьоркьоб гьелъул бугеб къимат борхатаб даражаялде бахинабуна. БитIухъего эркенлъуде ахIулел рукIинчIониги, руччаби бихьиназда ихтияр бащадал рукIин бичIчIулеб букIана гьезул кучIдуздасан.

1917 соналъул КIудияб Октябралъул револлоциялъул заманалде гIагарлъанагIан гьеб тайпаялъул кучIдул цIикIкIине лъугьуна.

1905 соналъ Россиялда ккараб революциялъги, гьебго заманалде Япониялъулгун гьабулеб рагъалъги пачаясул хIукуматалде данде къеркьей гучлъизабуна. Гьелъул асар авар кучIдуздаги батула.

1904-абилеб соналъ Япониялъулгун Россиялъул рагъде ине абун, пачаясул хIукуматалъул хIилла-макруялъ махсараде ккун гIолохъаби полкалде хъвараб мехалъги, I9I8-абилеб соналъ Дагъистан кодобе босизе рачIарал туркал нахъ руссун араб мехалъги, Инхелоса Къурбан вуцIцIун чIечIо. «ЦIа босизе гIадин рачIун нахъ руссарал» абун турказда тIад велъанхъана гьев.

Социалияб рахъалъ ругел мекъал ишазул хIакъалъулъ гleмер кIалъан вуго Кьохъа МухIамад. Гьес жиндирго кучIдузулъ росабалъ мискинаб халкъ махсараде кквезе лъугьарал бечедал гIадамазул ягъзинал хасиятал къватIир чIвазарулел руго. Игьалиса Ганзил ГIабдулагьил «Я гьал гIадамаца алжан гьарани, дица мун гьарила бетIергьанасда» гIадаб кочIол мухъалъ, ХъахIаб росулъа МахIмудил «Халкъул гIаламалъе алжанал кьолев, алжан дуего тун, дой яс дие кье»... «Мун яхунел тIохал, тIасан унеб нух гьеб гуребдай алжан иман бугесе?» гIадал кочIол мухъазги диналде дандечIей гьабулаан.

Доб заманалъ авар поэзиялъул бищун борхатаб даражаялде бахараб рахъ буго, цебе бицухъе, чIужугIаданалъул къадру борхизаби, гьелъул рекIел хIал эркен гьабиялъул нухалда кучIдул гьари.

Добавить комментарий

Добавлять комментарии могут только зарегистрированные и авторизованные пользователи. Комментарий появится после проверки администратором сайта.

29