Меню
16+

Сетевое издание «По новому пути»

28.02.2020 17:25 Пятница
Категория:
Если Вы заметили ошибку в тексте, выделите необходимый фрагмент и нажмите Ctrl Enter. Заранее благодарны!
Выпуск 08 от 28.02.2020 г.

Авартеатралда рахьдал мацIалъул къо

Рокьула, рокьула дий магIарулал, МагIарулал гьечIищ-гьечIо Дагъистан!

Авартеатралда рахьдал мацIалъул къо

Рокьула, рокьула дий магIарулал,

МагIарулал гьечIищ-гьечIо Дагъистан!

МагIарул Миллиябгун Маданияб Автономиялъул хIаракаталдалъун исана микьабилеб нухалдаги 22 февралалда МахIачхъалаялъул ЦIадаса ХIамзатил цIаралда бугеб Авар музыкалиябгун драматическияб театралда тIобитIана авар мацIалъул фестиваль. Гьеб бухьинабун букIана Халкъазда гьоркьосеб рахьдал мацIалъул къоялда.

Гьеб тадбиралда гIахьаллъи гьабуна магIарул киналгоязде гIагарун райгазетазул, гьединго цо-цо шагьаразул редакцияз. Фестивалалда гIахьаллъи гьабуна районалъул маданияталъул отделалъул нухмалъулев Халид МутIалимовас, «ЦIияб нухдасан» газеталъул хIалтIухъан Мадина Сайгидовалъ, ХахитIа росдал КДЦялъул директор Зульфия Къурбановалъ, районалъул Чуни ва ХахитIа школазул учительзабаз.

Щибаб соналъ гIадин Авар театралъул жанахI цIун букIана батIи-батIиял мухъаздаса ва шагьараздаса рачIарал магIарулазул ва гьединго цогидал миллатазул вакилзабазул.

Исана авар мацIалъул санайил тIобитIулеб фестивалалъул букIана 8 сон тIубай.

Программаялда бихьизабухъе, Авар театралъул фойеялда тIобитIана магIарул тIахьазул, газет-журналазул, суратазул выставка. БатIи-батIияб миллияб ретIел ретIарал лъималгун руччабазги бихьиназги батIияб гугьар кьун букIана тадбиралъего. Релъа-рохун, адаб-хIурматалда цоцазде руссарал магIарулазухъ балагьидал, рухIдаллъана умумузул цебесеб гIумруялда — жакъасеб байрам гIадаб щибаб къо жидер букIарал. Рачунел некIсиял бакъназги, ахIулеб кечIалъги, кьурдухъабазги гIенеккаразе кIочон толареб асар гьабулеб букIана.

РачIунелго рачIунел рукIана байрамалде гIадатиял магIарулалги, магIарулазул машгьурал церехъабиги, гIалимзабиги, артисталги, кьурдухъабиги, учительзабиги, батIи-батIиял бокIназдаса нилъер миллаталъул вакилзабиги. Авар мацIалъул фестивалалде рачIана цогидал миллатазул интеллигенциялъул вакилзабиги, гьез гьединго баркана ракIараразда рахьдал мацIазул къо кIодо гьабун тIобитIулеб тадбир ва жиде-жидер мацIазда цIалана кучIдул.

Фестивалалъул гIахьалча-гIазда ТIолгодунялалъулго рахьдал мацIазул байрам баркизе Авар театралде щвана Дагъистан Республикаялъул миллияб политикаялъул министр Энрик Муслимовас.

СагIат 11ялда байбихьана магIарул учительзабазул Ассоциациялъ хIадурараб церерахъин.

Цо маргьуялдаса цогидаб маргьуялде рачана махщалида программа гIуцIарал ва кIудияб бажариялда гьеб бачарал Ассоциациялъул нухмалъулей Баху Шамиловналъалъ. ЛъикIал церерахъинал рукIана хIадурун цIалдохъабазги. РекIелъе бортиледухъ Расулил «Авар мацI» кечI ахIана, цIалана Гъ. ГъалбацIовасул «Дун» абураб асар, бихьизабуна ЦI. ХIамзатил «ТIагьир ва Зугьра» абураб сценка, гьединго «Ясазул дада» абураб сценкаялъул цо бутIа, рикIкIана рекIехъе кучIдул, рукIана гIисинал кьурдухъабазул церерахъиналги. Кинаб бажари-махщел гьез бихьизабурабали борцунеб букIана ралагьаразул халат рахъарал хъатчIваяз. Гьезда гьаоркьоб гIахьаллъи гьабуна ХахитIа росдал гьоркьохъеб школалъул 5 абилеб классалъул цIалдохъан Мариям Амирбековалъги. Программаялъул тIоцебесеб бутIа лъай-хъваялъулабгун гьудуллъиялъулаб букIаниги, кIиабилеб лъугьана унго-унголъунги лъугьа-бахъиназдалъун бечедаб, магIарул мацI ва маданияб ирс цIуниялда сверун пайдаяб, ракI рагьараб гара-чIвари лъугьараб къолъун.

Кидаго гIадин, исанаги рохел-сухIмат хисулеб букIана баркиялъул хинал рагIабаз ва шапакъатаз.

ХIурматиял шапакъаталги, баркалаялъул кагъталги, къиматал сайгъаталги студентаздасан байбихьун, гIелмиял хIалтIухъабазде щун рукIана кьолел.

МагIарул миллиябгун маданияб автономиялъ тIубараб соналъ мацI, тариях, маданият, гIадатал, лъазариялъе ва цIуниялъе гьабураб хIалтIухъ баркалаялъул кагътал ва гIарцулал къиматал шапакъаталгун орденал кьолел рукIана. Дагьал рукIинчIо гьезие мустахIикълъарал магIарулал: гIалимзабиги, артисталги, журналисталги, тарихчагIиги, жамгIиял хIаракатчагIиги, учительзабиги. Щивав номинантас баркалаялъул кагъат къабул гьабулаго, кIвар буссинабуна гьадинал тадбиразул бугеб кIваралде.

Исанаги нилъер районалъ авар мацIалъул фестивалда лъикIаб гIахьаллъи гьабуна. Киназулго ракIал асир гьаруна тIадагьаб ва берцинаб «Авадан» ансабилалъул кьурдабаз ва АхIмад ХIапизовасул кочIоца.

Тавпикъ кьеги МагIару-лазул миллиябгун маданияб автономиялъул церехъабазе лъикIал ишал гьаризе.

МацI билизе тани,

билула миллат.

Кинидахъ дий ахIана

МагIарул халкъияб кечI,

Кинидахъ дий ахIана

Авар мацIалда назму.

Нус-нус сонал рихьараб,

ГIемер гIасраби лъараб

Авар калам рагIана

ГIундузда бищун цебе.

Цинги магIарул мацIалъ

Дунял кIалъана дида.

Дий нилъер рагIудалъун

Рогьалилъ бакъ баккана.

РакI гIекколедухъ, хIанчIаз

АнцI-анцI бакънал рачана…

Авар мацIалда руго

Чилулел мугIрул иццал.

ГIагарал гьаркьал руго

Кьурабаца угьулел.

Гьел магIарул рагIаби

Такрар гьарула сиртаз.

Ссунареб дандерижи

Боржунеб буго даим

Дир халкъалъул мацIалда

Гаргадулел ганчIазул.

Кавказ ккураб къолден –

Сарир пачалихъ

БукIана кIалъалеб

Авар мацIалда.

ЦIар араб гьеб улка –

Гъункараб свери

МагIарул рагIулги

ГIамалалъулги.

ГIурал мугIрул цIунун,

ЦIадай унаго,

«Эбел-ВатIан!», – илан

АхIана васаз.

Инсухълъи тIегьазе

Биял тIолаго,

БукIана щурулеб

МагIарул калам.

Ракь бахъидал, гуро

Халкъ асирлъулеб.

МацI билизе тани,

Билула миллат.

ГIизудинил ХIамзат

Добавить комментарий

Добавлять комментарии могут только зарегистрированные и авторизованные пользователи. Комментарий появится после проверки администратором сайта.

4