Меню
16+

Сетевое издание «По новому пути»

28.02.2020 17:17 Пятница
Категория:
Если Вы заметили ошибку в тексте, выделите необходимый фрагмент и нажмите Ctrl Enter. Заранее благодарны!
Выпуск 07 от 21.02.2020 г.

21 февраль - рахьдал мацIалъул къо

Санайилго 21 февралалда кIодо гьабула ЮНЕСКОялъ Халкъазда гьоркьосеблъун чIезабураб рахьдал мацIазул къо. МацIал гIемераб Дагъистаналъе гьелъул кIвар кIудияб буго. Республикаялда бищунго кIвар кьолел рахъазул цояб ккола миллиял мацIалгун культура цIуни ва гьел церетIезари.

21 февраль — рахьдал мацIалъул къо

Маданияталъул мугьру — мацI

Санайилго 21 февралалда кIодо гьабула ЮНЕСКОялъ Халкъазда гьоркьосеблъун чIезабураб рахьдал мацIазул къо. МацIал гIемераб Дагъистаналъе гьелъул кIвар кIудияб буго. Республикаялда бищунго кIвар кьолел рахъазул цояб ккола миллиял мацIалгун культура цIуни ва гьел церетIезари.

Байбихьул классазда лъималазе дарсал кьола 14 батIияб мацIалда, чIахIиял классазда рахьдал мацI лъазабула предмет хIисабалда. Дагъистаниязе гIурус мацI, рахьдал мацIго гIадин, гIагараб буго, гьелъ квербакъула гIадамал цолъизаризе.

Цоцазул культураги мацIалги бечед гьариялъе квербакъула, гьединго Дагъистаналъул мацIазда рахъулел литературиял асаразги, СМИязги, пачалихъиял театразги, хореографиялъулгун вокалазул коллективазги, фольклориял ансамблязги.

Рахьдал мацIалда гIадатал цIуниялъе гьабулеб хIалтIул рахъ ккола Дагъистаналъ, щайгурелъул улкаялда цолъиги, миллатазда гьоркьоб бичIчIигун рекъелги щулалъиялъе хIажатаб шартIлъун кколелъул гьеб.

Баркула районцоязда халкъазда гьоркьосеб рахьдал мацIазул къо, гьарула рекъел, сахлъи ва щибаб рукъалъе икъбал.

Шамиль Дабишев МР «Лаваша район» бетIер

Добавить комментарий

Добавлять комментарии могут только зарегистрированные и авторизованные пользователи. Комментарий появится после проверки администратором сайта.

8