Меню
16+

Сетевое издание «По новому пути»

24.01.2020 18:52 Пятница
Категория:
Если Вы заметили ошибку в тексте, выделите необходимый фрагмент и нажмите Ctrl Enter. Заранее благодарны!
Выпуск 3 от 24.01.2020 г.

Кварал гьечIого хIалтIулел телефоназул зарал

Нужеда лъалищ кварал гьечIого хIалтIулел «мобильный» телефонал хъалиян цIаялдасаги, асбесталъул хIуралдасаги инсанасул черхалъе цIикIкIун зарал гьабулел рукIунеблъи?

Кварал гьечIого хIалтIулел телефоназул зарал

Нужеда лъалищ кварал гьечIого хIалтIулел «мобильный» телефонал хъалиян цIаялдасаги, асбесталъул хIуралдасаги инсанасул черхалъе цIикIкIун зарал гьабулел рукIунеблъи?

Гьез бищун зарал гьабула инсанасул гIадал нахалъе, нервабазул хIалтIуе. Гьез ккезарула сах гьаризе захIматал, хIатта тIад ине тани, сах гьаризецин кIоларел гIадалзул нах гьорой гIадал онкологиял унтаби. Гьез гIагарал соназда жаниб гIалимзабазги промышлнносталъги батIияб жо ургъичIони, киналгIаги хиса – басиял гьаричIони, гьел телефонал сабаблъун ккарал унтаразул къадар миллионазде бахине буго. Иш гьелде ккун букIиналъе кьучIал хIужаби ракIарун руго цIар рагIарав нейрохирург Вини Куранаца. Амма кварал гьечIого хIалтIулел телефоназул ассоциациялъ кинго гьел далилал хIужабилъун рикIкIунел гьечIо ва гьез зарал гьабулеб букIиналда разилъизе бокьун гьечIо.

Гьанже гIалимзабаз гьел «хехел» телефоназе «хвалилалин» абун цIар кьун буго. Гьедин абиялъе гIиллаги гьев Вини Курана абулев гIелмабазул докторас гьарурал цIех – рехазул хIалбихьиязул хIасил ккола. Ахиресел 18 соналъ къватIире рахъарал 30 гIелмияб хIалтIухъ гьесие щун буго 14 щапакъат. Гьесул киналниги гIелмиял цIех – рехазда гъоркь буго гьел «мобильный» телефоназ инсанасе гьабулеб заралалъул бицун хIвараб 10 гIелмияб хIалтIи.

В. Кураница абулеб буго: «Кварал гьечIого хIалтIулел телефоназдасан щибаб къойил пайда босизе бегьуларо гIадамаца. ХIукматалъул бутIруцаги гьел телефонал къватIире риччалел чагIацаги хехаб къагIидаялъ хIалтIи гьабизе ккун буго гьел телефоназул зарал дагь гьабиялда тIад – «мобильный» телефоназ риччалел радиоактивиял чIорал дагьлъулеб къагIидаялда». – ТIаде жубана – Гьел хIужабаз чIезабулеб буго кварал гьечIого хIалтIулел телефонал гIемер хIалтIизарулел чагIазе хIакъикъияб хIинкъи бугин ботIролъ рак унти ккеялда», — ян.

Гьелдаго цадахъ гIагарал соназда жаниб жидерго сахлъи нахъе ккеялдалъун гIадамазда якъинго бихьизе буго гьел телефоназ гьабулеб зарал. В. Куранал рагIабазда рекъон, рак унтиялъул гIадат буго 10 соналда жаниб къватIибе загьирлъулеб. Жакъа къоялде щвезегIан гIалимзабаз гьарурал киналгIаги гIелмиял цIех – рехал, хIалбихьиял нахъчIвана гьанже гIалимзабаз гьарурал хIалбихьияз. Щайин абуни, цере жакъа гIадин хIалтIизарулароан гьел телефонал. Гьеб цо. КIиабизе бугони, гьелъ гьабулеб заралалъул гIелмияб цIех – рехалги цере гьарулароан.

Жакъа нилъ цIакъ захIматаб хIалалде ккун руго. Цо чанго соналдасан рак унтиялъ унтаразул къадар рикIкIен гьечIого гIемерлъизе рес буго гьаб жакъа гIадин пасатго ва гIемер нилъеца мобильный телефонал хIалтIизарулел ругони. Инсанасул черхалъе зарал гьабулебщинаб жоялда гьоркьоб бищунго цебесеб кьердерачIунел руго кварал гьечIого хIалтIизарулел телефонал. Гьеб гIадамазда лъазеги кколаян абулеб буго гIалимчи В. Кураница. Гьел телефоназдасан пайда босулеб буго гIаммаб къагIидаялъ кинавниги 3 млрд. чияс. Гьеб ккола, хъалиян бухIулезда дандн ккун, лъабго нухалъ цIикIкIараб къадар.

Гьел телефонал къватIире риччалелги бухьен чIезабулелги хIалтIухъабаз инкар гьабулеб буго гьеб В. Куранал хIалбихьи къабул гьабизе. ГIицIго цо чиясул хасаб пикру бугила гьеб, тIолгодунялалъул сахлъи цIуниялъул идараялъ хIадурлъарал баяназде данде кколеб гьечIила гьес гьабураб гIелмияб цIех – рех. Гьеб гуребги, жеги 30 батIиял, жалго жидедаго чIарал хIалбихьиял гьарулел цIех – рехаздеги данде кколеб гьечIила гьес хъвараб гIелмияб хIалтIи.

Абизе ккараб буго гIалимзабазда гьоркьоб кколеб тIоцебесеб дандеккунгутIи гурони гьебилан ГIадамаз, гьез кьолеб заралги бичIчIун, жидерго сахлъиялда тIадчIей гьабулеб бугони, гьел телефонал къватIире риччалезеги ричулезеги бечелъизе рес щвезехъин гьечIо. ХIакъикъаталдайин абуни, «мобильный» телефоназ къватIире риччалел заралиял чIораз гIадамасул чорхол хIал дагь гьабула, макьу тIуризабила, ккезабила батIи – батIияб ботIрол унти, инсанасда кьижизе кIоларо, нервабазул унти бахуна, ццидахин цIикIкIуна, гIакълу хисун ккола, ракIалдаса жо уна (склероз ккола). Гьезул гIемераб зарал буго жеги инсанасда жиндаго лъалареб, амма гьесул черхалъе зарал кьолеб. Хасго заралияб буго гьеб гIун бачIунеб гIелалъе, гIисинал лъималазе. Макьу теялъ черхалъе гьабулебщинаб заралалъул бицине ккеларо, щивав чиясда жиндаго лъалелъул макьу гьечIеб мехалъ гьесда букIунеб хIал.

«Мобильный» телефоназ инсанасе гьабулеб заралалъул бицунел ахирал соназда тIиритIарал гIелмиял цIех – рехал рикIкIуна бищунго гъваридал, бищунго мугъчIвай гьабизе мухIканал хIужабиги ругел, кьучIал хIалтIабилъун. Гьел гIелмиял цIех – рехал гьарун руго Швециялъул бищунго дунялалда тIад рикIкIунеблъун бугеб Каролинский институталъул гIалимзабаз, Упсалы универститеталъ ва Америкаялда бугеб Мичиганалъул универститеталъ.

ТIоцебе гIарацги кьун гьединаб цIех – рех гьабеян гIалимзабазе заказ кьурал чагIи рукIун руго жалго «мобильный» телефонал къватIире риччалел ва гьезул даран гьабулел чагIи. ГIелмиял хIалбихьияз, гьарурал цIех – рехаз гьединаб зарал кьолеб бугин чIезабидал, гIадамазда рагIизабизе киса гуреб, гьеб къабул гьабизецин инкар гьабун буго гьез. Гьел цIех – рехал жеги рагIа – ракьанде щун тIиритIун гьечIин, мугъчIвай гьабизе бегьуларин, гьез кинго гIадамазе зарал гьабизе рес гьечIин ва, гьездаго релълъарал батIи – батIиял далилалги рачун, къабул гьабулеб гьечIо гIалимзабазул лъазаби.

Амма гьел халгьабиял, хIалбихьиял гьарулел рукIарал гIалимзабазул къокъаялъе бетIерлъи гьабулев вукIарав Бенг Арнетцица лъазабулеб буго : «ХIакъикъаталдаги нижеца чIезабуна гьел «мобильный» телефонал инсанасул черхалъе зарал бугеллъун рукIин ва гьез инсанасул гIакълуялъе, гIадалзул нахалъе, нервабазе заралиял хиса – басиял ккезарулеллъун рукIин», — ан.

Добавить комментарий

Добавлять комментарии могут только зарегистрированные и авторизованные пользователи. Комментарий появится после проверки администратором сайта.

6