Меню
16+

Сетевое издание «По новому пути»

17.05.2019 19:10 Пятница
Категория:
Если Вы заметили ошибку в тексте, выделите необходимый фрагмент и нажмите Ctrl Enter. Заранее благодарны!
Выпуск 19 от 17.05.2019 г.

Рамазаналъул хиралъи

Баракатаб моцI

Рамазаналъул хиралъи

ТIадегIанав Аллагьас Къуръаналда абулеб буго (магIна): «Ле, иман лъурал чагIи, нужеда тIадаблъун гьабун буго Аллагьас кIал кквезе, нужеда цере рукIарал умматазе гьабун букIарабго гIадин, нуж мунагьаздаса цIунун хутIизелъун». («Бакъарат», 183).

КIал кквеялъ, мунагьалъул цебехъанлъун жиб бугеб шагьват бекула. Цоги аяталда буго (магIна): «Рамазан моцI ккола жиндилъ Къуръан рещтIараб (ЛавхIул махIфузалдаса дунялалъул зодибе), жибги гIадамал къосиналдаса хIакъалде тIоритIулеблъун бугеб, хIукмабазул хIакъалде тIоритIулел ва хIакъалдагун батIулалда гьоркьоб батIа бахъулел баянал аяталгун». («Бакъарат», 185).

Абугьурайратица бицана: «Рамазан бачIарабго аварагас асхIабзабазда рохел бицунаан ва абулаан: «Нужеде тIаде бачIун буго баракатаб моцI, жиндилъ кIал кквезе Аллагьас нужее паризаяблъун гьабураб ва къаси тIаде рахъун сордо чIаго гьабизе суннатаблъунги гьабураб. Рамазан моцI бачIарабго алжаналъул каваби рагьула ва жужахIалъул нуцIби къала, гьеб моцIалъ шайтIабиги рухьуна ва рамазаналъулъ буго азарго моцIалдаса хирияб цо сордоги», — абун. ТIадегIанав Аллагьас рамазан моцIалъе гьарун руго гIемер хаслъаби: гьеб гьабун буго баракатаб, къадру цIикIкIараб моцIлъун, гьелъулъ гьабун буго цо сордо азарго моцIалдаса хирияб, гьелъулъ кIал кквезе паризаяблъун гьабун буго, сардал рорчIизе суннатаблъун бихьизабун буго. Щив чи вугониги цо лъикIлъи гьабун, гьев релълъуна цоги заманалда лъабкъоялда анцIго паризаяб гIамал гьабурасда. Рамазан ккола сабру гьабиялъул моцI, сабруялъул жазаян абуни ккола алжан. Рамазан ккола гIадамаз цоцазе боцIудалъун кумек гьабулеб моцI, муъминчиясул ризкъи цIикIкIунеб, кIал ккурав кваназавурасе щола лагъ тархъарасе щолеб гIадаб кири, кIал ккурав гIорцIизавурасе ялъуни гьекъезе лъим кьурасе Аллагьас кьола жиб гьекъон хадуб киданиги къечолареб гьекъолеб жо. Гьеб ккола жиндир авал рахIматлъун, бакьулъ бакI — мунагьал чурилъун, ахир — жужахIалдаса тархъилъун бугеб моцI. Рамазан моцIалъ гьабизе лъикIаб буго ункъо пиша: кIигояб — нилъедаса Аллагь разилъулеб, кIигояб — нилъее чара гьечIого къваригIунеб. Нилъедаса Аллагь разилъулеб кIиго гIамал ккола шагьадат битIиги, истигъфар гьабиги. Нилъее чара гьечIого къваригIунелъун ккола БетIергьанасда алжан гьариги, жужахIалдаса цIуни гьариги. КIал ккурав чиясул кьижи гIибадат буго, гьесул хIухьел тасбихI буго, гьесул дугIаялъе жаваб гьабула, гIамалги чанцIулго кIодо гьабула. Цо гIалимас абун буго: «Вакъарав чи кьижун вугеб мехалда гьесдаса шайтIан лъутула, гьев ворчIун вугеб мехалда кин тIурилареб? ВорчIун вугев чи гIорцIун вугони, шайтIан хьвадула гьесул бидурихьазулъ, гьев кьижун вугони киндай хьвадилареб?» — абун.

Хирияв аварагасул хIадисалда буго: «Щив чи вугониги рамазаналъ кIал ккун Аллагьасдаги божун, гIицIго Гьесие гIоло, Аллагьас гьесул церехун аралги хадур гьаруралги (гьитIинал) мунагьал чурула», — ян. Абугьурайратица бицараб хIадисалда буго: «Нужер БетIергьанас абулеб буго: «Адамил лъимералъ гьабулеб кинабниги лъикIлъи цIикIкIинабула анцIгоялдаса анкьнусгоялде щвезегIан кIал хутIун. КIал буго Дие ва Дица жаза гьабула гьесие. Гьес тола жиндиего бокьараб жо Дие гIоло», — ян. «КIал буго жужахIалдаса цIунулеб къолден, кIал ккурасул кIалдиса букIунеб махIги Аллагьасда аскIоб цIикIкIун лъикIаб буго мискалдасаги. Нужер цонигияс кIал ккураб мехалъ хъубал рагIаби абуге, шаргIалъул гIорхъабиги рахунге. Цониги чи гьесде вагъани яги хьандани, гьес абе дица кIал ккун буго», — ян (Тирмизи).

Маликил вас Анасица бицана: «КIал ккурал чагIи къиямасеб къоялъ, хобаздаса къватIире рахъуна ва гьел ратIа рахъизе лъала ккурал кIалал сабаблъун, гьездаса бугеб махIалъе гIоло. Гьезул кIалдиса бачIуна мискалдаса гьуинаб махI, гьезухъе росула тIиритIарал сурпаби, кIалазда мискалъул мугьру чIварал парччал ва абула: «Нужеца кванай, нуж ракъун рукIана цогидал гIорцIун ругеб мехалда, нужеца гьекъе ва гьез гьеб мехалда рахIат босула гIадамал къечон, свакан ругеб мехалда», — абун. Цо асаралъулъ буго: «Алжан къачIадула щибаб соналъ рамазан бачIунелъул. Рамазаналъул тIоцебесеб сордоялъ ГIаршалда гъоркьа гьури пула, алжаналъул тIанхал рагъаризарула ва гьелъул гьаракь бахъуна жиндаса лъикIаб гьаракь цоги гьечIеб гIадаб. Соналдаса соналде хIурулгIинзабиги къачIадула ва алжаналъул рагъабаздеги рахъун гьез ахIула: «Аллагьасда ниж гьарулев чи гьечIищ, Гьес ниж лъудбилъун кьезе?» — ян. Цинги гьез гьикъула: «Я, Ризван, гьаб щиб сордо?», – ян. Гьес лабайкаян ахIула ва цинги абула: «Гьаб буго рамазан моцIалъул тIоцебесеб сордо», — ян. ТIадегIанав Аллагьасги абула: «Я Ризван, дуца алжаналъул нуцIби рагье МухIаммадил умматалъул кIал ккурал чагIазе, ле ЖабрагIил, мун рещтIа ракьалде ва рухье къосарал шайтIаби, гьезда гудралги рай, цинги гьел рехе ралъдал гъварилъуде, МухIаммадил умматалъул кIал ккуразул кIал хвезабичIого букIине».

Гьединго, рамазан моцIалъул щибаб сордоялъ Аллагьас абула: «Тавбу гьабулев чи гьечIищ, Дица тавбу къабул гьабизе, мунагьал рахчи тIалаб гьабулев чи вугищ, Дица мунагьал чуризе, гьарулев чи вугищ Дица гьесие гьарараб кьезе, дугIа гьабулев чи гьечIищ гьесие жаваб гьабизе».

ТIадегIанав Аллагьас щибаб рамазаналъул къоялъ кIал биччаялда аскIоб гIазабалъе мустахIикъав миллион чи тархъан гьавула цIаялдаса, рамазаналъул ахирисеб къоялъ тIубараб моцIалъ тархъан гьаруралгIанасел чагIи хвасар гьарула жужахIалдаса.

Добавить комментарий

Добавлять комментарии могут только зарегистрированные и авторизованные пользователи. Комментарий появится после проверки администратором сайта.

22