Меню
16+

Сетевое издание «По новому пути»

08.11.2019 17:01 Пятница
Категория:
Если Вы заметили ошибку в тексте, выделите необходимый фрагмент и нажмите Ctrl Enter. Заранее благодарны!
Выпуск 44 от 08.11.2019 г.

ГIолохъанай шагIир

ГIолохъанай шагIир НасихIат ГIабдурашидова гьаюна Лаваша районалъул Урма росулъ I994-леб cоналъул 3 сентябралда. 2013-леб соналъ гьелъ лъугIана Урма росдал гьоркьохъеб школа.

ГIолохъанай шагIир

ГIолохъанай шагIир НасихIат ГIабдурашидова гьаюна Лаваша районалъул Урма росулъ I994-леб cоналъул 3 сентябралда. 2013-леб соналъ гьелъ лъугIана Урма росдал гьоркьохъеб школа.

ГьитIинаб мехалдаса йикIинисей шагIиралъулъ бижана литератураялде рокьи. АнцIабилеб классалдаса байбихьун жинцагоги гьаруна кучIдул. Гьелъул кучIдул рахъана республикаялъул батIи-батIиял газетазда, журналазда. Гьаб соналъул март моцIица, НасихIатица ккуна тIоцебесеб бакI, МахIачхъалаялда тIобитIараб, поэзиялъул конкурсалда. НасихIатил гьединал бергьенлъаби жеги руго. Жинца жий поэтлъун рикIкIичIониги, жакъа НасихIат ккола чанги кучIдузул автор. НасихIатил буго, 2016 соналъ къватIибе биччараб тIехь «БухIараб хIухьел». Гьеб тIоцебе бачIараб тIехьалде росун руго бухIараб хIухьеллъун ккарал гIищкъуялъул шигIраби ва гIагараб росдаде, росуцоязде, учительзабазде ва магIаруллъиялде кидагосеб рекIелъ бугеб рокьи загьир гьабулел кучIдул.

МагIарул тарбия щун гIурай НасихIатил хъвадарухъанлъиги тIоцебесеб иргаялда магIаруллъиялда бараб буго. Гьелъул кучIдузул аслиял темабиги руго ВатIан, гIумру, ислам. Щибаб кочIолъ, абизе бегьула, гьелъ загьир гьабун буго жиндир гIураб тIалъудеги, жиндир ВатIаналдеги, халкъалдеги, дин исламалдеги бацIцIадаб рокьи. Бащадго кучIдузулъ гьелъ цогидалги ахIулел руго ВатIан-халкъ бокьизе, дин ислам бокьизе, гIумру бокьизе. Гьединго гьелъул руго рокьул темаялда гьарурал кучIдулги. Амма рокьул кучIдузулъги НасихIатица цIунун буго магIарул ясалъе хасал рахъал. Нижеца нужер ихтияралъе кьолеб буго гьелъул творчествоялъул чанго кечI.

Эмен

Эмен, дир ургъалил гъамас цIун бугин,

ТIасан чвахилалде лъиде чучилеб?

ГIемераб жо буго лъезе бакI гьечIеб,

Бабахъгойищ телеб духъейищ кьелеб?

Хабалалъе щвани мун ватуларо,

Хабал агьлуялъе дир къварилъи щай?

Къаникье ячIани занал гIемерал,

Дир ургъел бикьизе регIун гьечIо гъол.

Дир мун цо вукIана, хирияв дада,

Хвана мун гьитIинай лъимер дунги тун.

Дир хIеренаб ракIалъ къасиги къадги,

Дадаян ахIила яхI лъугьизегIан.

Къадар бачIарав чи гьанив толаро,

Дида гьеб биччIана кIудияй гIедал.

Дур хIеренлъиялъухъ дун чIалгIун йиго,

ЧIалгIен бусcинчIей дун кинан йикIиней?

Дир гIадинав дада лъилго вукIинчIо,

РекIел тIолго хинлъи дие бикьарав.

Дир гIадинав дада цойги вижичIо,

Дунялалъул талихI дихъан бихьулев.

Дий чанагъ гьабурав, чода дун лъурав,

Хурие ячарав, рухI кьун хьихьарав.

Хварал рахъунаро дида гьеб лъала,

Дада вачIинаро урхъун хутIила.

Щвела дирги заман духъе ячIине,

Вихьизе хьул буго гIарасаталда.

Хирияв, хIасратав, хIалимав эмен,

Дида чIалгIун буго мун гьечIеб дунял.

Дир рекIел къварилъи рукъги ккун буго,

Дадаян ахIизе мунги гьечIого.

ЧIунтун буго керен камун вуго мун,

Кие свераниги сабру гьечIо дир.

*******

Эбелалде

Ракьалда дир гIадай эбел йигодай,

Эбелалъ тарай дун каранде къарай.

Кийниги дир гIадай бабу йигодай,

Рарал щинал соназ дун еэдарай.

Валлагь йокьиларо цойгидай эбел,

Царал хIилла гьабун дун рехун тарай.

ХIелун кIалъаниги божиларо дун,

БатIияй гIаданалъ ясин абуни.

Дие щибизе шалайдулъ къаяй,

Щун бачIунеб иххикь дун реххун тарай.

Херлъидал хинлъилин хьул дур батани,

Хвезе ега гьанже чиярлъанин дун.

Дица мун хьихьила гьайичIей эбел,

Гьулакалда тIаде хIулиги рехун,

Йокьила дие мун, хьихьарай эбел,

Хьулицин хъваларо дир дой бикаялда.

Ячинищ каранде херлъарай эбел?

Халкъалда бихьизе рокьухъ бугеб мухь.

Балищ дуда цо къвал къиматай эбел?

РорчIарал сардазул гвангъи бихьизе.

*******

Школалъул директор

УмахIабият Багавдиновнаялъе

Нижер Урма росулъ лъаялъул устар,

Учитель — директор УмахIабият Багавдиновна.

Дуде буго хьулги, хьолбохъ рахъине,

Дуе хIажаталъе хIадурал нижер.

Борхизабе лъай, лъе дуца къимат,

Лъаялде мутIигIал цIалдохъабазе.

Рагье дуца нухал ритIе ВУЗазде,

Школа лъугIарал нижер гIолилал.

Дур бажари — лъаялъ, лъай — гIакълу щварал,

Божула дур лъикIаб махшалида ниж.

Улка хириязулъ хъвала дурги цIар,

ЦIар борхат ккуразул букIина дур лъалкI.

Школа цIилъаги рохел цIикIкIаги,

ЦIурмил гьаракь даим гьоркьоб къунгеги.

Росдайго хирияй дуй сахлъи кьеги,

Халкъалъ Урмадерил яслъун рикIкIаги.

*******

Депутат Шамилиде

Алжан кьун вохаги депутат Шамил,

Унтарал сахлъизе нижей пункт барав.

Шагьар гIейги гьесул васал ясазул,

ГIагараб росулъе лъим бачун тарав.

Жаниб гIураб росу чIухIараб лачен,

РакIалде щола мун цIа бакулелъул.

ЦIул — тIорччол ургъел тун газ нижей кьурав,

Кьеги дуй Аллагьас алжаналъуб бакI.

Бицаде хутIила институтазда,

Дуца цIализе лъун чагIи рахъарал.

Халкъул гIаламалъе лъикIлъаби гьарун,

ГIашикъ дунял тарав теларо кIочон.

*******

БахIаралъе нухлулаб гьари

Инсул рукъ толелъул гIамал рокъоб те,

Рукъалде юссиндал росасул борхе.

Эбел-эмен рокьа якьад рихунге,

ТалихIалда гали дуцаго тIаме.

МагIишат гьабе, кьварун хьвадуге,

Рекъезабун баче рукъалъул гIадлу.

Яслъи гьабун хьваде ракI рагьун йикIа,

Мун рештIараб рокъоб бакъ гвангъизабе.

Дуе нух битIаги, дунял битIаги,

Берцинаб магIишат данде билълъаги.

Я мун гIодугеги я къулугеги,

Къадру дур борхулеб наслу лъугьаги.

*******

Баркала учительзаби

Дица школа лъугIун заман аниги,

Гьал учительзабалъ дир гьитIинлъи щиб.

Риччарал гъалатIал гьанже ричIчIидал,

КъваригIун бугеб куц баркала кьезе.

Дарсал малъаралъухъ, лъай дий кьуралъухъ,

ЛъикIаб щинаб бицун дун куцаралъухъ.

ГIадлу гьабуралъухъ, гIакълу кьуралъухъ,

КватIун ятаниги къулула нужой.

Дун нужер лъалкIалдасан хьвадулей йиго,

Лъелара галаби дица къосарал.

Цебего абичIел рекIелъ рукIарал,

Жакъа гъол рагIаби рагIун абуна.

*******

Расул ХIамзатовасде

МагIарул мацIалъул цIар гьабурав дур,

ЦIализе рокьула хъварал асарал.

Адабияталъул бицунеб мехалъ,

Бицен нахъе тарав щола ракIалде.

Дагъистаналъул цIум цIар дур хвеларо,

ЦIунила гьеб халкъалъ, ХIамзатил Расул.

Боржун унеб буго къункърабазул тIел,

Мун долгун жувайдал ракI къварилъула.

Гьавураб къо баркун Дагъистаналда,

Дуе байрахъ чIвана, данде руссана.

Дуде къадар щведал къоялъ пашманго,

Мун лъалелщинаца зигара бана.

*******

Вилълъа дунгун цадахъ

Вилълъа дунгун цадахъ мун магIарухъе,

Гьаб тIабигIаталъул тIагIам босизе.

ТIегьарал авлахъал, гIурччинал мугIрул,

МагIарухъ букIунеб лахIзат бихьизе.

ТIогьол бусеналда гIодорги кIусун,

ГIумрудул къоязул къиса бицине.

Къаси сордоялъул лахIду бихьулеб,

МоцIрохъги балагьун рокьул бицине.

*******

Дуца дида абуна алжаналъул ясилан,

Анищалъ дунги тана, гIумрудулъа тIагIана.

ТIегьилан гIамиркойин гIащикъго гаргадана,

Горбода дун хурхидал хисун рагIи бицана

Добавить комментарий

Добавлять комментарии могут только зарегистрированные и авторизованные пользователи. Комментарий появится после проверки администратором сайта.

21