Меню
16+

Сетевое издание «По новому пути»

27.07.2018 17:19 Пятница
Категория:
Если Вы заметили ошибку в тексте, выделите необходимый фрагмент и нажмите Ctrl Enter. Заранее благодарны!
Выпуск 29 от 27.07.2018 г.

Щалха нилъ, магIарулал?

Щалха нилъ, магIарулал?

«КIола кIудияб мина базе, гьениб жаниб рахIат ва хIалхьи босизе кIоларо.

КIола дунялалда лъикIаб бусен – къайи босизе, макьу босизе кIоларо.

ГIарцуда кIола дунялалда бугеб щинаб библиотека босизе , гIакълу кIоларо.

Бокьарай чIужугIадан йосизе, рокьи кIоларо.

Бокьараб дару босизе кIола, сахлъи кIоларо.

БокьанагIан лагъзал росизе кIола, амма гьезул дудехун адаб – кIфоларо.

Бокьараб квен босизе кIола, аппетит босизе кIоларо.

Бокьарав судияв восизе кIола, ритIухълъи – кIоларо.

Бокьараб музикалияб алат босила дуца, макъан босизе кIоларо.

ХIасил – калам дунял кIийиде бикьизе бегьулеб буго – бичун босизе кIолелдеги, кIоларелдеги.

Инсанасул кIодолъиги нилъеца борцине бегьула гьесухъ бугеб бичун босизе бегьулареб щинаб жоялъухъ балагьун, инсанасул адабги нилъеца гьедин гьабула. Бичун босизе бегьулареб щинаб жоялде гъорлъе гIарац лъугьунеб гьечIони лъиениги щибниги къварилъи букIунаро. Амма гIарац лъугьани макъан бичун босизе, адаб бичун босизе, талихI бичун босизе, кIолареб щинаб жо гьабизе, гьелъ рачуна нилъ балагьазукье. Амма кигIан лъица щиб бицаниги нилъее гIарац бокьула. Гьеб гIарцуда аскIоб гIакълуги бугони гьеб дагьабги цIакъ бокьула».

ГъазимухIамад Гъал-бацIов

МагIарулазе магIарулаллъун жалго рукIин кIвар бугеб жо бугебдай? «Дун магIарулав вуго» — йилан абураб жоялда жаниб кинаб букIаниги магIна лъолебдай магIарулаз? МагIарулав ватичIого, татарав, узбекав, маврикияв ватун вукIаравани хисизе жо букIанадай?

БукIун батуларо. ГьечIо гьабсагIат, магIарулав цойгидал миллатаздаса ватIа-вахъизе лъалеб, цебе умумул чIухIулел рукIараб я бахIарчилъи, я рукIа-ракъин, я хасият-гIамал, я ретIа-къай, я мацI.

Унго-унгояв магIаруласул букIине ккола миллаталде рокьи ва гьелдаса чIухIи. Бугищха нилъер гьеб? ГьечIо. ГьечIеблъиги нилъеда бихьула цо кинав вукIаниги магIаруласул рахъ ккун, рищиязда гIахьаллъизе къватIире рахъине ккани. Гьенире унаго нухда, чанго магIаруласда ракIалде ккола, «щай дун досул рахъ ккун, дов цIакъав вукIиналъе нугIлъи гьабизе ине кколев? Дунго вуго гурищ дун досдасаги цIакъав» — илан. Гьеб бакIалда гьес нух хисула ва досда хадур инел рукIаразул цо бутIа тIезабун жиндирго рахъалде цIала… Цо гуревлъидал гьединав магIарулав вукIунев. Гьедин ракIалде ккезе бегьула чанго магIаруласда. Гьединлъидал рикь-рикьун магIарулалги дагьлъула, дагьабго букIараб дандиязул миллатги, цолъиялъ, гIемерлъун батула, гьезул вакилги бергьуна. ГIабдалзаби гIадин магIарулалги хутIула.

МагIарулав чIухIула живго жиндасаго ва гьелъ гьесул бетIер сверизабула. Гьеб буго нилъер гIамал. Гьабизе кIолеб жоги гьечIо. КIвезеги бегьилаан, цойгидазул гIакълуялъухъ гIенеккулеб гIамалниги букIарабани магIарулазул чорхолъ. ГьечIелъул гьебги. ГIакълу малъулел чагIиги тIубанго данде кколаро магIарулазе. Киназдасаго цIодорал чагIазда гIакълу малъиги гIантлъи букIинарищха.

ГьедигIан цIодорал, чIухIарал, жидедасаго цIакъал чагIи дунялалдаго гьечIиланги ракIалде ккун хьвадулел магIарулал, гIисинккун кьолел гъурщазги, сихIираб политикаялъги гъоркье рехана гIурусаз. Дагь-дагьккун, гIарацго щибжояли лъалареб букIараб магIарул халкъ, гIарцуде ругьунлъана, харжила, пенсияйила, инвалидностилан тIаде чваххулеб жо камичIо. Щвана. ЩварабгIан бокьана. БокьанагIан щвана. Нагагь щвечIого хутIани, хIехьезе кIоларого лъугьана. Дагь-дагьккун гIарцухъ бичана тарих, маданият, адабият, мацI, яхI-намус, гIадат-гIамал... Миллатго бичана. Учузго. ГIарцуда аскIоб гIакълу хIалтIичIо. ГIуруслъана. ХутIана цохIо щибниги гъоркь, тIад, жаниб гьечIеб гьодораб, тIадагьаб цIар. Мун щивилан гьикъани, кутакаб пахрулъиялда, бацIцIадаб магIарул мацIалъ «аварец» — илан абула. МагIарулалъ кIалъайилан абуни, «не знаю я» — иланги тIаде жубала. Гьеле нилъ рортарал кIкIалал гъварилъи.

Берцинго, жидерго рорхатал мугIрузда рукIарал магIарулал, гьанже руго кIкIалал тIиналда, тIад къоноги чIван. Гьенир рукIаниги, расги жо лъугьинчIеб гIадин, дагьабги гъваридаб кIкIалахъе нух балагьулел руго, дагьабги гIемераб гIарац доба бати мурадалда. Я миллат къваригIун гьечIо, я мацI къваригIун гьечIо, я гьелда хурхараб щибго къваригIун гьечIо. Эбел-инсул цIарцин кIочене хIадурал руго, гьелъухъ щолеб жо бугони.

КигIан кутакалилан нилъедаго кканиги, гьечIо нилъ гьедигIан кутакал чагIи. Тамахал чагIи руго. «Гьадаб гIор бахарабго къваригIунареб жо буго нужер гьеб магIарул мацI, гIурус лъазабе, ингилис лъазабе, гьел мацIазе ботIрода жаниб бакI букIине, рахьдал мацIал малъуге лъималазда» — йилан абуни, гьедин гьабизеги гьабула. ГIемераб жо лъазабунагIан лъикI хIалтIулеб жо бетIер букIунеблъицин лъаларо нилъеда. Бица-бицаралда божула. ГIурусал рачIинегIан бецIал, щибго жо лъаларел чагIи рукIанин магIарулалин абураб жоялдаги божула. Дол нилъер тIагIинарурал аза-азар гIалимзаби американал рукIун ратила. Жеги нахъе цIунун ругел дозул бечедал библиотекаби, жалго жедедасаго рижун ратила.

МагIарул росабалъ эбел-эмен гаргадулел руго лъималазда гIурус мацIалъ. «Щай, вац, мун лъималазда гIурус мацIалъ кIалъалев» — илан гьикъани — гIурус лъазейилаха. Гьукъаниги лъачIого хутIуларо гьанже гIурус мацI. ГьебгIан гIемераб жо щибниги гьечIо нилъеда сверу-хъверун. ГIурус мацIалъул лъеца росун инел руго нилъ. Цо-цоязул гъоркьа хIатIалцин рихьулел гьечIо.

Гьеб ахIвал-хIалалдаги, гIурус мацI халкъалда лъазейилан цIиял программабиги гIуцIцIун, 50 миллион Россиялдаса ахIарал гIурус учительзабазе кьезейила, 7, 5 миллион цойгидал тадбиразе кьезейилан бихьизабун буго Лъай-кьеялъул министерствоялъул сайталда. Квеш букIинчIого букIине батилаха, рахьдал мацIалги лъазаризе кколилан, гIемерал тадбираздасан гIуцIцIараб программаги буго гьениб, цо беццаб капек гIарацги гьечIо бихьизабун. Гьеле хIукуматалъулги миллатазде ва мацIазде бугеб бербалагьи. Жалго жидеего къваригIунарел миллатал хIукуматалъе щай?

Кутакалилан нилъедагоги кколел, вахьнаби руго нилъ. Нилъ вахьнаби рукIин цойгидаздаги бихьулеб буго.

Цойги мисал: рахьдал мацI лъаялде кIвар кьеялъул мурадалда, 9 класс лъугIигун цIалдохъабаз экзамен кьезе кколин лъазабуна эбел-инсуда. Рохаралищха гьел? РохичIо. Гьез, рекерун, мацI лъималазда лъачIого букIине нухал ралагьана. Сентябрь тIаде щвейгун, гьел рекерана, лъимал гIурус мацIалда кьолеб «Дагестанская литератураялъул» дарсазде ритIейилан гIарзаби хъвазе. Гьел дарсалги руго Дагъистанги рихарал, дагъистаналъул миллаталги рихарал, гьезда, кигIан кIваниги хехго, мацI кIочон тей мурадги бугел чагIаз ургъарал дарсал. Гуронани, дагъистаналда вугев чиясда, кинаб лъанги, дагъистаналъул миллатазул мацI лъазе кколилан, течIого, щибизе ургъараб жо гIурус мацIалда кьолеб дагъистаналъул адабият. Лъараб жоялъул зарал букIинилан хIинкъун ратилаха. Гьеле нилъер гIакълу.

Цодагьабниги яхIалъул асар бугев чиясда квеш букIинеб хIалалъ хъванин кколаха дица гьаб. Щай? Щайгурогоха, халкъалда гьоркьор рукIуна, гьеб бечелъиялъги, гIарцуцаги, хъантIиялъги, рецц-бакъалъги жидеде асар гьабичIел, роцIцIараб бетIералъул цо-цогIаги миллаталъул вакилзаби. Гьел рукIуна ахIи балел, «Лееее, магIарулал, дунялалда букIуна бичун босулебги босуларебгиииии! Гьеб бичун босулелда хадур рекерахъдилаго, бичун босун бажарулареб тIагIине тогеееее!» — илан. «ЦIуне нилъерго миллат, цIуне мацI» — илан ахIделел рукIуна гьел чагIи. «АбгIаги щибизе къваригIараб жо? ГIурусалъ бицани бичIчIуларогойищ бугеб» — илан, гIинцин тIамуларо магIарулаз. ЦIакъ бокьилаан пикру гьабуни, бицунелъухъ гIенеккани, лъалез малъараб гьабуни. Гьаб рагIизе кколел чагIаз я казият цIалуларо, я гIакълу щвезе бегьулел тадбиразде рачIунаро, рихьизецин рихьуларо. ГIемерисел гьединал руго.

Дица гIамм гьабун бицаниги, магIарулазда гъорлъ миллаталъул багьаял магIарулал рукIинги лъаларев чияс казият цIалулеб батиларин ккола. Лъидасаго гIемераб буго нилъер миллаталдаса чIухIизе гIилла. Амма…. РакI унтун буго.

Добавить комментарий

Добавлять комментарии могут только зарегистрированные и авторизованные пользователи. Комментарий появится после проверки администратором сайта.

0