Меню
16+

Сетевое издание «По новому пути»

30.07.2020 18:55 Четверг
Категория:
Если Вы заметили ошибку в тексте, выделите необходимый фрагмент и нажмите Ctrl Enter. Заранее благодарны!
Выпуск 29 от 30.07.2020 г.

Къурбанкъоялъул хиралъи ва тIокIлъи

Дунялалда лъикIасдаги квешасдаги гурхIулев, ахираталда хасго муъминчиясда гурони гурхIуларев Аллагьасул ссалат-салам лъеги Аварагасда (с. т. гI. в.). Гьев БетIергьан Аллагьасул рахIматги, Аварагасул разилъиги лъеги тIолабго исламияб умматалда. РахIматгун, баракатгун, Аллагьасул балъгояб, ракIазулъ иманияб нур базе гьабулеб, къудратаб гурхIелгун бачIун батаги тIаде щвараб Къурбан хъвей ва гьелъул гIид. Аллагьас нилъее киназего тавпикъги кьеги гIидалъул ва Къурбан хъвеялъул адабал цIунизе.

Къурбанкъоялъул хиралъи ва тIокIлъи

Дунялалда лъикIасдаги квешасдаги гурхIулев, ахираталда хасго муъминчиясда гурони гурхIуларев Аллагьасул ссалат-салам лъеги Аварагасда (с. т. гI. в.). Гьев БетIергьан Аллагьасул рахIматги, Аварагасул разилъиги лъеги тIолабго исламияб умматалда. РахIматгун, баракатгун, Аллагьасул балъгояб, ракIазулъ иманияб нур базе гьабулеб, къудратаб гурхIелгун бачIун батаги тIаде щвараб Къурбан хъвей ва гьелъул гIид. Аллагьас нилъее киназего тавпикъги кьеги гIидалъул ва Къурбан хъвеялъул адабал цIунизе.

Гьале тIаде щвана цоги рахIматалъул моцI — ЗулхIижа. Гьелъул хиралъиялъул бицани, гьеб моцIалъ борхула бусурбабаз ХIеж, хъола Къурбан, бачуна зикру, такбир, ГIарафа къоялъ цIалула 1000 Къулгьу.

Къурбан хъвеялъул бугеб хиралъиялъул, цогидал байрамазда цебе гьелъул бугеб тIокIлъиялъул, Къурбан хъвеялъулъ цIунизе кколел адабазул ва гьел гурел цогидалги шартIазул нижее бицана Лаваша районалъул имам Шамиль БахIандалиевас.

- Шамиль, Къурбан хъвеялъул тарихалде раккани, нилъеда лъала Ибрагьим аварагас вас ИсмагIил Аллагьасе гIоло Къурбаналъе хъвезе къотIи гьабун букIин ва гьеб къотIи тIубазе нияталда гьев къватIиве вахъиндал ккарал хIикматазул. Гьелъул хIакъалъулъ дагьаб гIатIидго бицани бокьилаан.

-Ибрагьим авараг (гI.с.) васги гьавуларого, гьесухъ гIащикъго вукIиналъ, ячун йикIана гьес ХIажар абурай жиндирго гъараваш. Гьелъ гьавула гьесие ИсмагIил. Амма гъоркь йикIарай чIужу Саратил гьелдехун рокьукълъи бижулеб букIиндал, Ибрагьим аварагас Аллагьасдаса гьарула ХIажар нахъе йиччазе изну.

Къурбан хъвеялъул гIид тIубанго бухьараб буго ХIежалъул заманалда. ХIажизабазда лъала КагIбаялдаса гIемер рикIкIад гьечIого бугеб Сафа-Марва абураб бакI. Гьений йикIаго, къечалъул хIал цIикIкIун, дое-гьание екерула ХIажар анкьго нухалъ, цинги Аллагьасде гьабулеб гьариги рагIун, ракьулъа кIанцIун бачIуна ицц – Зам-Зам. Анкьго нухалъ гьей дое-гьание екериялъул мисал хадуб лъугьана, МухIамад (с.т.гI.в) аварагасдасан нилъехъе бачIараб хIежалъул рукнулъун, киналго хIажизабазги гьа-була гьебго.

Заманалдаса Ибрагьимиде Аллагьасул амру бачIуна вас Къурбаналъе хъвейилан. Гьеб къотIи тIубазабизе щулияб нияталда вукIуна гьевги. ХIакълъунго, Къурбан хъвеялъул тарихалъулъ буго нилъее кIиго мисал, кIиго дарс. ТIоцебесеб, рухIгIанги жиндие хирияб рижи букIаниги, Аллагьасул амру тIубазе гIоло гьев Къурбаналъе хъвезе хIадурго вукIарав эмен Ибрагьимги, жив хъвезехъин вукIин лъалаго гьелдаса инкар гьабичIого, Аллагьасул амруялъе мукIурго хутIарав вас ИсмагIилги. ТIадегIанав Аллагьасеги гьесул Къурбан хIажат букIинчIо, гьеб кинабго букIана гьес Ибрагьимил гIакъидаялъул хIалбихьизе ургъунго гьабураб иш. Гьелдаса БетIергьанги разиго хутIана.

Аллагьасе мукIурго инсуда цадахъ унев ИсмагIил битIараб нухдаса таризавизе хIалбихьун гIемераб къеркьана, Аллагьас нагIана кьураб илбисги. «Мун Аллагьас хъвезе вачунев вугин, унге», — ян ИсмагIил вуссинавизе хIаракат бахъулеб букIана гьелъ. Амма Аллагьасул ният гьединаб батани, жив гьелда рази вугилан ИсмагIилица гьелъухъ гIинцин тIамичIо. Гьеб нахъе бачахъизе бокьун, гьелда чIимхалги речIчIана гьес. Гьеб, ай чIимхал речIчIиги лъугьана хIежалда арабго нилъеца тIубазабулеб рукнулъун.

Гьединго, кIудияб хIикматлъун буго ИсмагIил хъвезелъун, Ибрагьимица гьесул горбода нус бахъидал, нусалъ гьесул гьан къотIизе инкар гьабиги. Гьелда ццим бахъун Ибрагьимица нус гIодоб речIчIула. Гьеб мехалда нусалъ абула: «Дур ццим бахъиналъе гIилла дида бичIчIуларо, кин дица къотIилеб Ибрагьимил габур, Аллагьас диде къотIугеян амру гьабун бугеб мехалда. Гьесул гьан хIарам гьабун буго дир балалъе», — абун.

Нилъеда бичIчIизе ккола Аварагзабазул хIакъалъулъ къисаби, нилъее батIи-батIиял биценаздалъун загьир гьарун ругониги, гьезул кьучI, аслу цо букIин. Гьединго, цо-цо бакIазда буго Ибрагьимица нус бахъун букIинчIин абунги. Жиндир баркат нилъее щваяв ЧIикIаса КIудиясул тIехьалда буго гьеб киналъулго бицун: гьес нус бахъун хадуб гьелъ къотIизе инкар гьабиги, носоца Ибрагьимидехун гьабураб каламги. Гьенибго буго ИсмагIилихъ хисун, Къурбаналъе хъвезе Алжаналъуса куйги бачун ЖабрагIил малаик витIун вачIиналъул биценги. Гьеб куй букIанин, жиндир заманалда Адамил вас Гьабилица Аллагьасе садакъа гьабураб, гьес зодобе бачун хадуб Алжаналъуб хьихьун букIуна гьеб, ИсмагIилихъ хисун Къурбаналъе хъолеб къо тIаде щвезегIан. Кинниги, СагIид-афандиясул (къ.с.) тIехь бугелъул гIемерав чияс цIалараб ва магIна босараб, нилъецаги гьелда бугеб биценалде мугъчIвай гьабуни лъикIаб букIина.

- Къурбан хъвеялъулъ цIунизе кколел адабал кинал ругел? Бищунго хъвезе лъикIаб хIайван щиб кколеб?

- Имам ШафигIиясул мазгьабалда Къурбан хъвей цIакъго хирияб, беццараб ишлъун бихьизабун буго. Амма тIадаб парзлъун гьабун гьечIо. Хъвезе лъикIаб хIайван ккола гIиялъажо, оц яги гIака, гьединго вараниги. Гьезда гьоркьосаги бищун хирияб буго гIиялъажо хъвезе, щай абуни, Къурбаналъе оц ялъуни варани хъвезе бегьула анкьго чиги гIахьаллъун, гIиялъажо хъвезе бегьула цо чиясдаса. Амма цо чиясдасан гIиялъажо хъвезе хирияб буго, анкьго чиясдасан варани ялъуни гIака-оц хъвеялдасаги. ГIиялъажоялда гьоркьобги бищун лъикIаб буго хъахIаб куй хъвезе. Хъолеб хIайванги букIине ккола сахаб, кьарияб, унта-щокълъи гьечIеб, лага камичIеб. Мисалалъе, гIуж балаго бащдаб гIин нахъе босараб ялъуни бацIица лъукъун бащдаб рачI тIураб лемаг бугони, гьеб Къурбаналъе хъвезе бегьуларо.

Къурбан хъвезе бищунго беццараб буго тIоцебесеб гIидалъул къоялъ ва гьединго гьелда хадуб бачIунеб лъабго къоялъги. Гьездаги абула «Аямул Ташрикъалъул» къоялилан. Нилъеда лъала, кIалбиччаялъул гIидалъул къоялъ как базе унаго чамасдакIги кванан ани беццараб бугеблъи. Къурбан къоялъ беццараб буго, радал вахъиндал щибго тIагIам квинчIого чIей, ай гIидалъул как бан лъугIун хадуб къурбаналъул гьан квинегIан.

Гьединго, беццараб буго, мисалалъе, Къурбаналъе бичун босулеб чахъу яги куй бугони, бетIергьанас абураб багьаги кьун, ракI разиго даран гьаби.

Гьаниб бицинчIого гIоларо, къурбан хъолелъул цIунизе кколел адабазулги. Хъвезе бачунеб хIайваналдаса нус бахчизе, гьединго кIиго я цIикIкIун гIиялъажо хъвезе бугони, хутIаразда бихьулареб хIалалъ, батIаги бачун хъвезе беццараб буго тIоцебе горбода нус бахъулеб хIайван. Свалат-салам лъеяв а варагасги а бун буго: «Нужеца Къурбаналъе хъолеб хIайван кIиго нухалъ чIваге», — абун. Гьелъул магIна буго цин жиндирго берда цебе гьалмагъги хъун, кIудияб захIмалъиги чIамизабун гIазаб кьо-гейин, хадуб жибгоги хъвезе бугеб хIайваналъейин абураб. Гьединго, лъикIаб гьечIо хъвезе бачунеб хIайваналъе зулму гьабун, хадуб бехъерхъун, малал ран гIакъуба кьезеги. ХIал кIванагIан недегьаб бербалагьи букIине ккола гьелдехун. ЦIакъго кIвар кьезе кколеб бакI буго горбода нус бахъулеб мехалъ цIунизе кколеб адабалъулги. РекIинчIеб нусги хIалтIизабун, чед къотIулев чияс гIадин тIатIала лъулъазабизе карагьатаб буго. ЛъикIго рекIинабун, цо нухалъ бахъарабго габур къотIун рехуледухъе рекIун букIине ккола нус. Хъолеб хIайван гIазаб-гIакъубаялдаса цIуни буго гьеб киналъулго мурад. Гьел бакIал цIакъ кIвар кьун хIисабалде росизе ккола нилъеца.

Къурбан хъвей цIакъ хирияб суннатаб иш бугеблъи бицана, амма Къурбан хъвезе рес гьечIого вугев чиясе беццараб буго къавудаса би баккизабун цо хIелеко хъунги гьеб къоялъул хIурмат гьабизе. Амма чара гьечIого бичIчIизе ва лъан букIине ккола гьеб жо Къурбан кколареблъи, гьеб буго гIурус мацIалъ абуни, символическияб къагIидаялъ гьабураб гIуж-куц гIадаб жо.

- Къурбаналъул гIид исламалъул цогидал байрамаздасаги хира гьабун бугин ТIадегIанав Аллагьасилан бицуна гIалимзабаз. Амма гьитIинаб мехалъ дидаго кколаан КIалбиччаялъул байрамалдасаги хирияб байрам батиларилан. Къурбанкъо гьедин токIгьабиялъе гIилла щиб?

- КIалбиччаялъул байрамалде нилъ ругьунлъун руго соналдаса соналде чIухIарал тепсиял къачIан, гIемерал нигIматал хIадурун, сайгъатал росизе гIарац харж гьабун. Амма гьеб шаргIалда беццараб жо гуро. Узухъда, кIалбиччаялъул гIид кIодо гьабизе, гьалбадерие тIагIам хIадури буго лъикIаб иш, амма щибаб жоялъул букIунаха жиндирго гIорхъи. ЦIакъго тIокIборчIарабги, цIакъго мукъсанаб куцалъ гьабурабги рекъоларо. КIалбиччаялъул гIидалъул байрам нилъеца къабул гьабизе бегьуларо, Рамазан моцI лъугIиялдаса бугеб рохел гIадин. ХIадисазда ва гьединго тIахьазда буго кIал кквеялъул моцI тIаса иналдаса рохел загьир гьабиялъ кIудияб мунагьалде рачине рес бугин. Жибго нилъ ругьунлъун руго кIалбиччанкъоялъ хасго лъималазе букIунеб аваданлъиялдаса, рокъо-рокъоре хьвадун тIобитIулеб букIиналъ, гьеб кIудияб байрам бугин абураб жоялде. Къурбаналъул гIидалъул хиралъиялъул бицани, гьеб къоялъ хIеж борхула ва байрам халат бахъуна жеги ункъо къоялъги, Къурбаналъул гьанги щола мискин-пакъирасе. Гьеб ккола хIатталдаса ун гIемераб кири щолеб ишги. Гьел мисалал гIола цогидал байрамазда гьаркьоб Къурбаналъул гIидалъул даража бичIчIизе.

- Шамиль, ахираб заманалда цIакъ чIаголъун ругин абизе бегьула хIайванал цIунулезул багъа-бачариял. Бусурбабазул байрам бугилан, габуниб нусги лъун Аллагьас бижараб рухIчIаголъи гIумруялдаса батIа гьаби бичIчIизе инкар гьабулеб буго гьез. ГIемерал гьечIониги нилъер республикаялдаги руго гьезул пикруцоял. Гьединазда хурхун щиб абилеб?

- Гьединал кIалъаялги дандечIеялги загьирлъиялъе гIурал ресал кьолел руго дагIба-рагIи хIабургъине бокьарал чагIаз. Цо кибалиго инжитаб куцалъ, хадубги бехъерхъун чахъу хъунила, хъулухъ гьечIелщинал хъвай-хъвагIаялги гъоркь рекIинарун риччарал мисалаз хIабургъинабулеб буго кинабго. Гьедин батани дагьалги рикIкIаде щай гьел раккуларел? Дора Испаниялда щибаб соналъ гIадамазул рекIелгъеялъе гIоло къецалги гIуцIун гIакъуба кьола бугъбузе. Гьединалго мисалал гIемер дандчIвала Европаялъул пачалихъазда. Амма нилъеца чIалгIадего, ургъун рахъун мацI лъалареб хIайваналъе гIакъуба кьолеб гьечIогури гьез гIадин. Нилъеца гIиялъажо хъолеб буго, гьан бикьула гьелде хIажатав нус-нус мискин-пакъирасе, Африкаялъул пачалихъазде гIунтIунги щолеб буго гьелъул садакъа. Жакъа гьан кваназе бегьуларилан цо тайпа чIунилан, тIолабго гIаламалъ гьанадаса инкар гьабуларо. Гьан квине шаргIалъ гьукъун гьечIо, амма гьеб квине ккани хIайван хъвечIого гIоларо. Нилъеца хIайван зулму гьабун чIвалеб гьечIо, аза-азар соназ цебе нилъеда аварагас бихьизабураб мисалги хIалтIизабун хъолеб буго. ГIакълу бугев чиясе гьелда жаниб гIураб дарсги мисалги буго.

- «Къурбаналъул бидул къатIра рикIкIун, мунагьал чуризе руго» — ян абула

- Къурбан хъвеялда аскIоб суннатаб буго хъолев чияс «Бисмиллагь» бахъизе, Аварагасде (с. т. гI. в.) ссалат битIизе, хъолеб жо ва гьеб хъолев чи къиблаялде русcун рукIине, «Бисмиллагьалда» цебеги хадубги «Аллагьу Акбар» абизе, ай такбир бачине, гьебги -лъабцIул – лъабцIул гьабизе хирияб буго, къабул гьабегиян абун, дугIа гьабун гьаризеги. Гьединго хъолеб нус лъикI рекIараблъун букIин, хех цебе-нахъе нус лъулъаялдалъун къотIи, хъолеб жо квегIаб хьибилалде бегизе гьабун букIин, бухьунелъуб кванараб хIетIе биччан букIин. Варани, бухьинчIого, сукIизе гьаби. Хирияб буго Къурбан жиндасан хъолев чиясе, гьеб хъолеб мехалъ, би гIодобе чвахун бахъинегIан, аскIов чIезе. Абу СагIидидасан бицараб хIадисалда абулеб буго Аварагас (с. т. гI. в.) абунин: «Я ПатIимат (р. гI.), мун эхеде яхъа, дур Къурбаналда аскIой чIа, гьелъул щибаб бидул къатIра рикIкIун, Аллагьас дур цере арал мунагьал чуризе руго», – абун. ПатIиматица (р. гI.) Аварагасда (с. т. гI. в.) цIехана хас гьабун нилъер рукъалъул агьлуялъулищ гьел мунагьал чурулел яги киналго бусурбабазулгойищ абун. Аварагас (с. т. гI. в.) жаваб кьуна нилъерги киналго Къурбан хъурал бусурбабазулгиян. Пикру гьабе, хириял диналъул вацал ва яцал, Къурбан хъвеялъ нилъее кьолеб бугеб рахIмат- гурхIелалъухъ. Цебе рехсовухъе, Къурбан хъвей муаккадияб (тIадчIей гьабураб) суннат буго, амма гьеб парзлъула, нилъеца тIадебосани гьадинаб куцалда: «Гьаб унтиялдаса сахлъани, яги дие лъимер гьабуни, яги гьаб сапаралдаса вуссани ва гь. ц. дица Къурбан хъвела», — ян абуни. Гьедин тIаде босараб Къурбаналдасан гьелъул бетIергьанас щибго квине бегьуларо, кинабго садакъаялъе бикьизе ккола, лълъурдузде гIунтIун. Нагагь гьелъул дагьабниги къадар хвезе гьабунани я кванани, гьеб бецIизеги ккола. Гьедин тIаде босичIеб суннатаб Къурбаналъул гьан кваназеги бегьула, садакъаялъе кьезеги бегьула. Гьелъулги бищун хирияб, хъизамалъе цо нухалъ тIамизе гьан тун, цогидаб садакъаялъе бикьи буго. Гьедин хIал кIвечIони, хIал кIвараб къадар бикьила.

- Къурбан хъвеялдалъун инсанасе щиб даражаха бугеб?

- Къурбан хъвей ккола — дунялги ахиратги къачIалеб гIамал. БетIергьан Аллагьас жиндир каламалда жаниб рещтIун буго Аварагасде (с. т. гI. в.) «Кавсар» абун цIар бугеб сура, жинцаги гьадинаб магIна кьолеб – «Дица дуе кьуна, я МухIаммад (с. т. гI. в.), гIемерал лъикIлъаби дунялалдаги ахираталдаги жал даимал. Дуца дур БетIергьанасе как бай ва, дуе кьурал лъикIлъабазе щукру гьабун, вараниги хъве. Дудехун ццин бахъаралги дица лъикIлъабаздаса къотIараллъун гьарула», — абун. Гьалдалъун бихьулеб буго Къурбан хъвей Аллагьас амру бачIараб, тIадчIей гьабураб букIин. Аварагас (гьадаб сура рещтIараб мехалъ) асхIабзабазда абулеб буго. «Диде амру гьабуна Къурбан хъвеян, амма нужее гьеб суннат буго», — ян. Нахъеги асхIабзабаца гьеб Къурбан хъвеялдаса цIехедал, Аварагас (с. т. гI. в.) абулеб буго гьеб бугин нужер эмен Ибрагьим (гI. с.) аварагасул суннат. Гьеб хъвеялдасан нижее щибха бугебан абун цIехедал, абулеб буго Аварагас (с. т. гI. в.), Къурбаналъе хъураб жоялда бугеб рас рикIкIун, лъикIлъи бугоян. Гьел рехсарал дунялалъулги ахираталъулги лъикIлъаби щвезе ккани, нилъер щибаб хъизамалъ, ресалда рекъон, Къурбан хъвезе рекъараб буго, гьеб хъвеялъул къагIидаби цIунулаго: жиндасан Къурбан хъвезе бугес суннатаб буго зульхIиджа моцI байбихьаралдаса Къурбан хъвезегIан рас, малъ тIаса инабичIого (ай къунцIичIого, кIкIвачIого) тезе. Къурбаналъе хъвезе бегьулел хIайваналги руго гьадинал — щуго сон бараб варани анкьго чиясдасан, кIиго сон бараб хIайван анкьго чиясдасан, лъагIел бараб чахъу цо чиясдасан, кIиго сон бараб цIцIе цо чиясдасан. Имам ШафигIил (р. гI.), ай нилъер мазгьабалда, гьалдаса сонал гъоркье ккарал Къурбаналъе гIей гьечIеллъун ккола. Гьединго гIей гьечIеллъун ккола рекъаб, беццаб, баянаб унти бугеб, гIин тIураб, гIин тIаса къотIараб, жиб цIакъго хераб, хIалакъаб, ай жиндалъун гьан мукъсанлъулеб гIилла тIад бугеб, балъ гьабурабги бегьула. Къурбан хъвеялъул гIужги щола, гIидалъул какдаса рахъарабго, гьебги халат бахъула ташрикъалъул къоязул ахиралда бакъ тIерхьинегIан. Гьел ташрикъалъул къоялги ккола гIидалъул къоялдаса хадусел лъабго къо.

- Къурбаналъул гьан бичизе бегьулищ?

- Къурбаналъе хъураб жоялъул гьан, тIом ва цогидаб бичизе, мухьдахъ кьезе бегьуларо, гьедин гьабуни, Къурбан хъвечIев чилъун вукIуна. Къурбаналъул гьан цогидаб росулъе, шагьаралде хъураб бакIалдаса кьеялъул хIукму закагIаталъул хIукмуялда релълъун буго. Аллагьас нилъер щибаб хъизамалъе хIал кьеги Къурбан хъвезе, нилъер ракIазулъ иманги цIикIкIизе гьабеги. Къурбан хъвей сабаблъиялдалъун Аллагьас нилъ мунагьал чурараллъун гьареги дунялалъулги ахираталъулги рокъор, балъгоял балагьасдаса цIунараллъунги гьареги. Бусурбанав вугониги, капурав вугониги, зулмучиясдасаги нилъ цIунаги. Диналъулъ питнаялдасаги нилъ хвасар гьареги. Амин!

Добавить комментарий

Добавлять комментарии могут только зарегистрированные и авторизованные пользователи. Комментарий появится после проверки администратором сайта.

29