Меню
16+

Сетевое издание «По новому пути»

06.03.2020 17:07 Пятница
Категория:
Если Вы заметили ошибку в тексте, выделите необходимый фрагмент и нажмите Ctrl Enter. Заранее благодарны!

Баркула 8 март - Халкъазда гьоркьосеб руччабазул къо

Щибаб их бачIингун магIарул чIужу

МахIмудил хабада лъе ихдалил тIегь.

ТIубараб гIумруялъ, гIащикъаб ракIалъ

Мун кIодо гьаюраб кечI ахIанин дос.

Баркула 8 март - Халкъазда гьоркьосеб руччабазул къо

Щибаб их бачIингун магIарул чIужу

МахIмудил хабада лъе ихдалил тIегь.

ТIубараб гIумруялъ, гIащикъаб ракIалъ

Мун кIодо гьаюраб кечI ахIанин дос.

Баркула 8 март — Халкъазда гьоркьосеб руччабазул къо

ХIурматиял Лаваша районалъул руччаби! РакI-ракIалъ баркула нужеда, ихдалил байрамазул тIоцебесезул цояб – 8 март.

Нилъер улкаялда гьеб байрам кIодо гьабула бищунго хIурматияб къагIидаялъ. ЧIужугIадан – гьей ккола инсанасул талихI-рохел, лъикIабщиналде анищ, хьул. ЧIужугIаданалъ цIунула хъизаналъул къайи-свери, гьелъул кверазги, гIакълъуялъги, махщалицаги гIуцIула дунял. Бищунго аслияб, чIужугIадан – гьей йиго эбел. ГIицIго гьеб рагIуе гIоло гьей мустахIикъай йиго гIорхъи гьечIеб хIурматалъе, адабалъе ва тIалаб-агъазалъе. Гьелъул гьумералда рохел, гьими ва разилъи букIин ккола нилъее жинда бащадаб цойги гьечIеб, бищунго кIудияб хазиналъун. Араб гIасруялда руччабаз нахъа тана бахIарчияб къеркьеялъул гьайбатаб нух. Бихьиназда цадахъ гьел къеркьана талихIаб букIинеселъе гIоло.

КIудияб ВатIанияб рагъул соназда гьел тыл щула гьабиялда свак лъачIого хIалтIана. ТIолабго улкаялъул руччабазго гIадин, бакълъулазул руччабазги хIаракатаб гIахьаллъи гьабулеб буго районалъул экономика борхизабиялда, лъималазе лъайгун тарбия кьеялда, сахлъи цIуниялда, гIадамазе социалияб хъулухъ гьабиялда. ХIурматиял руччаби, гьарула нужее щулияб сахлъи, гIемерсоназулаб талихIаб ва рохалилаб гIумру, хIалтIулъ бергьенлъаби. Биччанте нужер гьурмалъ ва рекIелъ букIине разилъи, рохел. Биччанте нужер хъизаналъулаб гъаситоялда кидаго букIине цIа, парахалъи, гьарзалъи. Нужелъ кидаго цIунун хутIаги магIарул чIужугIаданалъулаб гIаданлъи, яхI-намус, гурхIел-рахIму!

Шамиль Дабишев

МР «Лаваша район» бетIер

Гьаб ракьалда тIад бугебщинаб берцинлъиги, гьайбатлъиги, хIеренлъиги, чалухлъиги, чергеслъиги БетIергьанас барахщичIого кьурал хIурматиял руччаби! Нуж мустахIикъал руго 8 марталъ гуребги, Аллагьас кьу-рабщинаб къоялъ нижеца, ай бихьиназ, кIодо гьаризеги, рохизаризеги, адаб-хIурматалда рехсезеги. Нуж мустахIикъал руго гьаб ракьалда тIад ругелщинал тIугьдузе, нужедаса берцинал гьел гьечIониги. Нуж руго, хIурматиял руччаби, калам хIалималги, хIалкIолъи бугелги, тIегьлъун кенчIолелги, канлъи бикьулелги, ханлъи бе-кьулелги, рокьуе мукIуралги, гIанчIал ракIазул, гогьаб гьи-мидул, къо ккедал, бахIарчиял, хIал ккедал, бихьинчиял, бухIараб цIорозабизе, цIорораб бухIизабизе кIолел, гIодизе малъизеги релъизе гьукъи-зеги кIоларел, БетIергьанас дунялалде битIараб инсани-яталъул гьайбатаб ва камилаб бутIа. БухIун щвараб бакъу-дасаги гьалаглъун балеб горо-цIералдасаги кIудияб гъветIалъ цIунулел гIадин, нужецаги цIунула ниж, бихьинал, кве-шабщиналдаса, кигIан кIудияб кьуру цебе букIаниги, гьеб кьвагьунги, нух бахъула ну-жер цо рагIуца. Умумуз абухъе, эбелалъул хIатIикь буго ал-жан. Гьениб бакI щвеялдаса талихIал руго нижги! Кьеги нужее талихI.

ГIабдусалам Дибиров

МР «Лаваша район» бетIерасул I зам.

РакI-ракIалъ баркула районалъул тIолалго руччабазда бищунго рохалилаб, гвангъараб ихдалил байрам — Халкъазда гьоркьосеб руччабазул къо — 8 Март. Гьаб ихдалил къоялъ нилъеца рекIелъ кIудияб чIухIигун ва баркалагун ракIалде щвезаюла дунялалда тIад бищунго хирияй чIужугIадан. Гьелъулъ нилъеда бихьула кинабго лъикIабщинаб ва берцинабщинаб. ВатIаналъе ва Республикаялъе бищун захIматаб заманалда улкаялъулго руччабазда цадахъ нилъер районалъул руччабазги гъеж гурун хIехьана тIаде бачIараб къо ва сундулъго бихьизабуна бахIарчилъи. ЦIикIкIараб ва кIудияб бутIа лъола руччабаз район экономикиябгун социалияб ва культурияб рахъалъ цебетIезабиялъулъ, тIаде гIолеб гIелалъе тарбия-лъай кьеялъулъ, гьезул тIалаб-агъаз гьабиялъулъ, жамгIияб хIаракатчилъиялъулъ. Гьарула районалъул киналго руччабазе кибго ва сундулъго сабру, гьабулеб ишалъулъ икъбал.

М. ГI. ХаламухIамадов ХС депутат

Добавить комментарий

Добавлять комментарии могут только зарегистрированные и авторизованные пользователи. Комментарий появится после проверки администратором сайта.

166