Меню
16+

Сетевое издание «По новому пути»

13.03.2020 18:30 Пятница
Категория:
Если Вы заметили ошибку в тексте, выделите необходимый фрагмент и нажмите Ctrl Enter. Заранее благодарны!
Выпуск 10 от 13.03.2020 г.

Гьава-бакъ рекъараб батаги

Умумузул абиялда рекъон, бачIинги тIорщелги гьарзалъиялъул балъголъи бугила, байрам тIобитIиялда бараб. Кин гьеб дандчIвараб, гьелда релълъун бачIинги бакIарулила хаслихъе.

Гьава-бакъ рекъараб батаги

ХахитIа росулъ тIобитIана оцбай

Умумузул абиялда рекъон, бачIинги тIорщелги гьарзалъиялъул балъголъи бугила, байрам тIобитIиялда бараб. Кин гьеб дандчIвараб, гьелда релълъун бачIинги бакIарулила хаслихъе.

Ахирал соназ районалъул росабалъ рехун тун буго оцбаялъул байрам тIобитIулеб гIадат, амма ХахитIа росдал администрациялъ, жамагIаталъ, умумузул ирсалъе хилиплъичIого, сонайил тIобитIула гьеб тадбир. 12 марталда иргадулаб нухалъги гIуцIадго тIобитIана ХахитIаб оцбаялъул байрам. Байрамалде рачIун рукIана росу тун къватIир гIумру гьабулел росуцоялги, мадугьалихъ ругел росабалъагун районаздаса ва шагьараздаса гьалбал. Байрам байбихьана росдал мажгиталда мавлид ахIиялдалъун. Мавлид цIалун хадуб, жамагIат бахъана хурибе тIоцебесеб рахъ бахъизе. КидагогIадин, хур бегилалде цебе, росдал дибирас дугIаги гьабун, тIоцебесеб рахъ бахъизе ниятгун цере рахъана росдал жамагIаталъул бихьинал Гьеб тадбиралъул гIадатлъун ккола росулъ ихдалил хIалтIаби байбихьилалдего, мавлид цIалун, садакъа бикьун, баракатаб, гьава-бакъ рекъараб ва бачIин гьарзаяб сон батагийилан Аллагьасде гьари. Гьелъул буго цоги хаслъи: росуцоял дандеруссин, росдал жамагIатгун данделъи, умумузул хабалазда зиярат гьаби, гьудул-гьалмагъзабазухъе щвей ва вацлъи щулалъи. ВагIза-насихIатал тIуран хадуб, росдал жамагIатгун гьалбал бачулаго зикругун, къокъана байрамалъул хадусеб программаялъе кинабго хIадурлъи бугеб росдал школалъул площадкаялде. Хадур тIоритIана батIи-батIиял спортивиял къецал: рекери, кIанцIи, волейбол, гира рехи, квар цIай. Гьединго программаялда букIана, бакъанида Лавашаб бугеб заладеги ун, биллиард хIай.

Рекеризе тIамуна тIоцебесеб классалдаса рахъарал, чIахIиял бихьинал ва руччаби. Бергьаразе рихьизарун рукIана, умумуздасанго бачIараб къагIидаялъ къачIарал, чадил горал ва гIарцул сайгъатал.

Гьеб берцинаб, умумуздасанго бачIараб гIадат хвезе тунгутIи, абизе бегьула, хвахдерица тIаде босун бугилан, гьеб гьез хвезеги теларилан ккола ракIалде. ГIун бачIунеб гIелги куцанани нилъерго берцинал гIадатазда, гьезги гьеб жидедасаго хадуб, хвезе течIого, абадиялъ цIунилин пикру буго.

Квешалде гурелъулха ахIулел ругел, лъикIалде, сахаватаб жоялде, хазина гIадин гIодоб течIого, гIумруялъулъ рахъинаризе лъикIал гIадатал. Гьезда гьоркьоса гьечIищха Оцбайги? Хвезе телареб батила, гьадин гьайбатго тIобитIулеб гьеб ихдалил байрам.

ЛъикIал гIадатал гъорлъ рилълъунги ругони, сахаватаб гьекъел-мехтел гьечIеб рукIа-рахъинги бугони, битIараб тарбияги бугони, росуги берцинлъила, тIабигIатги гIадамасул лъикIлъила.

Умумузул гIадатал, гьезул ишал ва гьезул рукIа-рахъин — гьеб буго нилъее аслияб нух. Умумуца нилъее тараб хвел гьечIеб хазина.

Байрамалъул къо лъугьана гвангъараб ва бакъ бугеб. Гьелъ батилаха киналго гIахьаллъаразул букIана рохалилаб рекIел асар. Оцбай байрамалъ байбихьи лъуна росулъ киналго ихдалил хIалтIабазе.

Аллагьас тавпикъги икъбалги кьеги росдал жамагIаталъе хадубккунги, умумузухъан ирсалъе щвараб байрам, хвезе течIого, тIобитIизе.

Добавить комментарий

Добавлять комментарии могут только зарегистрированные и авторизованные пользователи. Комментарий появится после проверки администратором сайта.

7