Меню
16+

Сетевое издание «По новому пути»

09.08.2019 16:20 Пятница
Категория:
Если Вы заметили ошибку в тексте, выделите необходимый фрагмент и нажмите Ctrl Enter. Заранее благодарны!
Выпуск 31 от 09.08.2019 г.

Зуль-ХIиджа ва къурбан

Зуль-ХIиджа ва къурбан

Зуль-ХIиджа моцIалъул тIоцебесеб ичIго къо ккола исламалъул календаралда жаниб бищунго хирияллъун.

Аварагасул (с.гI.в) хIадисалда буго: «Гьел къоязул цо къоялъ ккураб кIал лъагIалил кIалалда бащалъула, цо сордоялъ гьабураб гIибадат-гIамал Лайлатул къадриялъ гьабураб гIамалалда бащалъула».

ГIарафа къо

Зуль-ХIиджаялул ичIаби-леб къоялда абула ГIарафа къойилан. Гьеб къоялъ суннатаб буго кIал кквезе. Аварагас (с.гI.в) бихьизабун буго ГIарафа къоялъ кIал кквезе суннатаб бугин. ХIадисалда рекъон гьеб къоялъ ккураб кIал сабаблъун, соналъул мунагьал чуризе рес буго.

ГIайшатица жинда Аллагь разилъаялъ абун буго Масрукида: «Ва Масрук, дуда рагIичIищ, Авараг (с.гI.в) кIалъалев гIарафа къоялъул кIал, аза-азар цоги къоязде данде ккун?».

Гьединго гьеб лъоялъ хирияб буго азарго «Къульгьу» цIцIализе, щибаб «Бисмиллягьи…» ялдасан байбихьун. ХIадисалда абулеб буго: щив чи вугониги, гьеб къоялъ азарго «Къульгьу» цIцIаларав, гьесул мунагьал чурулила.

Зуль-ХIиджалъул ичIаби-леб къоялдаса байбихьун I3-леб къоялъул бакъанил какда хадубалде щвезегIан бусурбабазе суннатаб буго такбир бачине.

Аллагьу акбар, Аллагьу акбар, Аллагьу акбар! Лаилагьа илляллагьу валлагьу акбар!

Аллагьу акбар ва лиллагьиль хIамд – лъабго нухалъ.

Аллагьу акбар, Аллагьу акбар, Аллагьу акбар.

Аллагьу акбар кабира вальхIамдулиллагьи касира ва субхIаналлагьи букратан ва асила.

Лаилагьа илляллагьу валлагьу акбар! Аллагьу акбар ва лиллагьиль хIамд!

Гьеб бачуна мажгитазда, рукъзабахъ, къватIазда — киса-кибего. Бихьиназе беццараб буго борхараб гьаркьидалъун бачине, руччабазе -жидеего бачине.

Гьединго такбир бачине лъикIаб буго киналго каказда хадуб азкарал гьарилалде цебе ахиресеб ташрикалъул къоялъул, ай I3-леб Зуль-ХIиджаялъул къо, бакъанил какалда хадуб мех щвезегIан.

ГIидалъул сордо

ГIидалъул сордо чIаго гьабизе суннатаб буго. Гьеб ккола Аллагьас дугIа нахъе чIвалареб сордо! Аварагас (с.гI.в) абуна: «Щив вугониги, жинца кIал биччаялъулги, Къурбан хъвеялъулги кIиябго сордо чIаго гьабурав чиясул цогидазул ракIал холеб къоялъ, гьесул ракI холаро». ТIолго сордо чIаго гьабун бажаричIес, сардил ахирисеб лъабабилеб бутIа, гьебги бажаричIони, гьелъулги бащдаб заман, гьебги бажаричIони боголилги, рогьалилги какал жамагIатгун райзе мажгиталде ани лъикIаб букIина.

ГIидалъул как

Сордо бащалъаралдаса байбихьун гIидалъул какил заман щвезегIан гьабизе суннатаблъун бихьизабун буго:

1. Радал тIаде вахъине.

2. Цаби чуризе, сивакалъ рацIцIине.

3. Черх чуризе.

4. ЛъикIаб ретIел ретIине.

5. Берцинал махIал гьаризе.

6. ГIидалъул как базегIан кваначIого чIезе.

7. ГIидалъул как базе мажгиталде инагун гьаракь борхун такбир бачине.

Радал бацIцIадаб, бугонани цIияб ретIелги ретIун, берцинал махIалги гьарун ина мажгиталде гIидалъул как байзе. Какил заман байбихьула бакъ баккун I5-20 минут араб заманалдаса къалъул гIуж щвезагIан. Мажгиталде ине рес гьечIонани гIидалъул как байзе бегьула рокъоб хъизангун. Как бан хадуб къурбан хъвеялъул замана тIаде щола.

ГIидалъул как

ГIидалъул как бала кIал биччаялъул как гIадин. Гье-лъул балеб къагIида лъаларез базе бегьула кIиго ракагIаталъул суннатаб гIидалъул какин абун ниятги гьабун.

Амма гьединаб къо сонал-да жаниб цо нухалъ гурони бачIунарелъул, хIаракат бахъизе ккола гьеб как базе, гьоркьоб хутIани бецIунги-цин базе.

Гьеб ккола сапаралда ругел гIадамазеги.

ГIидалъул как балаго тIоцебе абила: «Аллагьу акбар!» ва цадахъго ракIалдасан гьабила нийят: «Дица ният гьабула кIиго ракагIаталъул суннатаб къурбаналъул гIидалъул как базе ТIадегIанав Аллагьасе Аллагьу акбар!»

Хадуб лъалез цIалила «Ваджагьту». Гьелда хадуб тIоцебесеб ракагIаталда 7 нухалъ абила «Аллагьу Акбар» как бухьунелъул гIадин квералги рорхун, гьеб щибалда гьоркьоб ахирисеб анкьабилелда хутIизегIан цIалила:

СубхIаналлагьи валм-хIамдулиллагьи ва ла илагьа илаллагьу ва ллагьу акбар.

Анкьабилеб «Аллагьу акбаралда» хадуб цIалила сура «Аль-ФатихIа (АльхIам)».

КIиабилеб ракагIаталда «Аллагьу акбар» абила 5 нухалъ, тIаде вахъиналъул Аллагьу акбар рикIкIинчIогун. (Добго тартибалда, Аллагьу акбаразда добго тасбихIги абила).

Къурбан хъвей

Къурбан къоялъ хъолеб хIайваналда къурбанилан абула.

Гьелъул гьан рес гьечIел гIадамазе бикьула. Къурбан къоялъ лъикIаб буго гIагарлъиялде тIаде ине, мадугьалихъе щвезе, гьалбал ахIизе, цоцазда баркизе, рохел загьир гьабизе.

Къурбан хъвезе ккола Зуль-ХIиджаялъул лъабго къоялда жаниб:

11-леб, 12-леб, 13-леб къоял. Гьел къоязда жаниб хъураб хIайван рикIкIуна къурбанлъун.

Цогидал къояз Къурбан хъвезе гьукъараб буго.

Гьеб лъабабго къоязда гьоркьобги, бищунго хирияб буго Къурбан хъвезе

Зуль-ХIиджалъул 10-леб къо, гIидалъул как бан хадуб.

Гьеб хъвезе бегьуларо как бан лъугьиналде.

Гьел къояз Къурбан хъвезе цIакъго кIвар кьезе кола.

Гьеб буго Аварагас (с.гI.в) цIакъго тIад чIезе бихьизабураб суннат (сунат уль-муаккада).

Аварагасул (с.гI.в) хIади-салда буго: «Щив чи вугонаниги, жив Къурбаналъе хъвезе хIайваналда хадув рокъоса къватIиве вахъарав, щибаб хIатIил лъалкI рикIкIун гьесие хъвала 10 лъикIаб гIамал ва бацIцIуна 10 квешаб гIамал, гьесул бича-хисиялъул кIалъай хъвала тасбихIлъун (Аллагь рехсей), хIайваналъухъ кьураб щибаб диргьам хъвала 700 лъикIаб гIамаллъун. Гьес гьеб ракьалда бегизабураб мехалда, ракьалдаса анкьабилеб зодобе щвезегIан ругел тIолалго махлукъаталъ байбихьула гьесул мунагьал чурайгиян гьардезе, щибаб бидул къатIраялъул рикIкIеналда рекъон Аллагьас рижине гьарула малаикзаби Къиямасеб къо щвезегIан гьесул мунагьал чурайгиян гьардолел рукIунел».

Гьединго хIадисалда абун буго: «Дир умматалъул бищун лъикIаз Къурбан хъола, квешаз — хъоларо».

Имам ШафигIица абуна: «Дица лъикIаблъун рикIкIунаро рес бугев чияс Къурбан хъвечIого тезе».

Ибн ГIаббасица абулеб буго: Къурбан хъвечIого тезегIан, хIелеко хъвезецин лъикIаб бугилан, гьеб Къурбаналда бащалъичIониги. Гьелъул магIна ккола: Къурбан къо кIодо гьабун, гьелъул хIурмат гьабун суннатаб бугин щиб бугониги хъвезе.

Къурбан хъола нийатги гьабун балугълъиялде вахарав бусурманчиясдасан.

Къурбанлъун хъвезе рихьизарун руго: гъварани, гIака (оц, гамущ ), кьегIер ва цIцIе (цогиял хIайванал данде кколаро). Гьезул бищунго беццараб рикIкIеналда рекъон бихьизабун буго. Гъварани, гIака (оц, гамущ) хъвезе бегьула анкьго чиясдасан, кьегIер яги цIцIе цо чиясдасан. Амма лъикIаб букIина щибав чиясдасан цо-цо кьегIер яги цIцIе хъвезе, анкьго чиясдаса цо гIака хъоялдаса.

Къурбаналъул хIайван букIине ккола саназда рекъон кIудияб: кьегIер-лъагIел, кIиабилеб лъагIелалда жаниб бугеб, цIцIе, гIака (оц, гамущ) – кIиго лъагIел, лъабабилеб лъагIелалда жанир ругел, гъварани-щуго сон, анлъабилеб соналда жаниб бугеб.

Хъолеб хIайван букIине кола сахаб, унтичIеб, гIузру гьечIеб.

Бегьула цо чанго ца камун бугониги, лъабгоялъул цо бутIа гIин къотIун бугониги, амма бегьуларо тIолго гIин яги киналго цаби камун ругонани. РачI, берал ва цогидал санал, хъолеб Къурбаналъул рукIине ккола сахал. Гьеб букIине ккола кьарияб, унтичIеб. ХIалакъаб хIайван хъвезе бегьуларо!

Хъвезе бугеб хIайваналда гурхIел гьабизе ккола. Хъвезе бугеб бакIалде гьеб берцинго бачина ва гьединго бегизе гьабила. Авараг (с.гI.в) абуна:

«Нужеца хъвезе бугеб хIайван берцинго, мухIканго хъвезе хIаракат бахъе».

Хъвезе бугеб хIайван батIа бачине ккола, цогидал хIайваназда бихьулареб бакIалде, хасго эбелалдаса тIинчI батIа гьабизе ккола.

Цо чияс хIайван гIиндулги ккун бехъерхъун ина бихьараб мехалда Аварагас (с.гI.в) абуна: «Гьелъул гIиндул риччан, цебесан габурги ккун баче» – ян.

Нус букIине ккола рекIараб, хIайваналъе гIазаб букIинаредухъ.

Гьединго бегьуларо хъвезе бугеб хIайваналда цебе нус лъухьизе.

Аварагас (с.гI.в) цо чияс бегизабураб хIайваналъул горбода хIетIеги чIун нус лъухьулеб бихьараб мехалда абун буго: «Щай дуца нус цудунго рекIине гьабичIеб?

Дуе гьелда цо гуреб, цо чанго хвел бихьизейищ бокьун бугеб» – илан.

Цо чияс Аварагасда (с.гI.в) абун буго: «Йа, Авараг (с.гI.в), дица хIайван хъолеб мехалда, дир гьелда ракI гурхIула».

Аварагас (с.гI.в) гьесда абула: «Мун хIайваналда гурхIани, Аллагь дудаги гурхIина».

Гьединго хIайван хъолеб мехалда, нилъеца Аллагьасе щукру гьабизе ккола

Гьес гьеб нилъее мукIур гьабиялда. ХIайван хъвезе ккола хехаб къагIидаялда.

Хъолеб мехалда къотIизе ккола кIиябго кIудияб бидурихь.

Суннатаб буго хъвезе бугеб хIайваналъе гьекъезе лъим кьезе, квегIаб хьибилалда бегизе гьабизе ва къилбаялдеги буссине гьабун, кваранаб нахъисеб хIетIеги тун, хутIараб лъабго бухьине.

Гьеб шуршудун лъугьин-чIого гьелъул тIом ччукIине байбихьизе бегьуларо.

Суннат буго жиндасаго хъолеб Къурбан чияс жинцаго хъвезе.

Жинцаго хъолеб гьечIона-ни, лъикIаб букIина гьев хъолеб мехалда аскIов вукIине.

Къурбан хъолеб бугонани чIужугIаданалдаса яги балугълъиялде рахинчIел лъималаздаса, гьелги аскIор рукIине суннат буго.

(Балугълъиялде рахин-чIел лъимаздаса къурбан хъвезе бегьула амма суннатаб гьечIо).

ХIайван хъвелалде цIалила:

«Аллагьу акбар, Аллагьу акбар, Аллагьу акбар ва лиллагьиль хIамд.

Бисмиллагьи ррахIмани ррахIим. Инна салати ва нусуки ва махIя я ва мамати лиллагьи раббиль гIаламин ла шарика лагьу ва бизалика умирту ва ана миналь-муслимин»

Гьелда хадуб цIалила салават: «Аллагьумма салли гIала саййидина МухIаммадин ва гIала али саййидина МухIаммадин ва саллим» «Кама саллайта» цIалани гьелдасаги лъикI букIина.

Гьелда хадуб: «Аллагьу акбар, Аллагьу акбар, Аллагьу акбар. Аллагьумма гьаза минка ва илайка фатакъаббаль минни».

МагIна: «Йа дир Аллагь! Гьаб Къурбаналъе хIайван Дуца дие кьуна. Дица гьеб хъолеб буго Дуе гIоло! Дуца къабул гьабе!» Гьеб буго суннаталда рекъон, амма къокъаб дугIа гьабуни гьебги бегьила: «Бисмиллагьи, Аллагьу акбар».

Лъабабго мазгьабалъул имамзабазда рекъон (Абу ХIанифа, Малик, АхIмад) лъан, кIочон тун гуреб, «Бисмиллагь» бахъичIого хъураб хIайваналъул гьан кваназе хIарамаб буго. Гьединлъидал нилъер имам ШафигIил мазгьабалда нахъ ругезги «БисмиЛлагь» бахъичIого хIайван хъвезе лъикIаб гьечIо.

КIочон тун «Бисмиллагь» бахъичIеб хIайван кваназе бегьулин бихьизабун буго.

Абу ХIанифал мазгьабалда рекъон хъвезе бугеб Къурбаналъул хIайван суннат буго чанго къо цебе хIадур гьабизе. Гьеб ккола инсанасул Аллагьас тIад лъураб къурбан хъвеялде цебеккунго хIадуравлъун вукIин. Бегьула хъвезе бугеб хIайваналъул горбода берцинаб чIоло (бант) бухьине, гьеб къурбаналъе хIадурараб хIайван букIине лъазе. Къурбаналъе хъвезе бугеб хIайван лъикIаб гьечIо бечIчIизе, квас къунцIизе, тIад рекIине. Имам ШафигIил мазгьабалда рекъон абуни тIад рекIине бегьула ва бечIчIизе бегьула гьелъул рахьдаца гъвариялъе квалквал гьабулеб бугони. Гьединго квас къунцIизеги бегьула хIайваналъе гьелдасан пайда бугонани. Масала, ихдал ва риида хIайваналда тIад гIемераб квас бугонани ва гIидалъул къо щвезе гIемераб заман бугонани, щай гурелъул квас къунцIун хадуб хIайван кьаралъула, гьелъул гьан гьуинлъула. КъунцIараб квас суннатаб буго садакъаялъе кьезе.

Амма квас къунцIун хIай-ваналъе пайда гьечIонани гьеб къунцIуларо.

Аллагьас киназулго хъураб къурбанги, гьабураб лъикIаб гIамалги къабул гьабеги! Амин!

Добавить комментарий

Добавлять комментарии могут только зарегистрированные и авторизованные пользователи. Комментарий появится после проверки администратором сайта.

28