Меню
16+

Сетевое издание «По новому пути»

30.08.2019 18:08 Пятница
Категория:
Если Вы заметили ошибку в тексте, выделите необходимый фрагмент и нажмите Ctrl Enter. Заранее благодарны!
Выпуск 34 от 30.08.2019 г.

МугIалимзабазул данделъи

Исанаги тIобитIана щибаб лъагIалил августалда районалда гьабулеб мугIалимзабазул данделъи. Районалъул нухмалъиялъул пикруялда, улкаялъ Дагъистаналда цIикIкIун кIвар кьолеб буго ахирал соназда лъай кьеялъул суалазе. Республикаялдаса хIакимзаби, ва Лаваша районалъул нухмалъи цере рахъун, гьаруна районалъул лъай кьеялъул рахъалъ хIасилал. Гьединго гьоркьор лъуна цIияб лъагIалил соналда тIуразе ккарал масъалаби

МугIалимзабазул данделъи

Исанаги тIобитIана щибаб лъагIалил августалда районалда гьабулеб мугIалимзабазул данделъи. Районалъул нухмалъиялъул пикруялда, улкаялъ Дагъистаналда цIикIкIун кIвар кьолеб буго ахирал соназда лъай кьеялъул суалазе. Республикаялдаса хIакимзаби, ва Лаваша районалъул нухмалъи цере рахъун, гьаруна районалъул лъай кьеялъул рахъалъ хIасилал. Гьединго гьоркьор лъуна цIияб лъагIалил соналда тIуразе ккарал масъалаби

29 августалда Лавашаб культуриялъул кIалгIаялъул залалда тIобитIана районалъул нухмалъиялъулги мугIалимзабазулгун данделъи. РакIарана киналго школазул мугIалимзабиги, директорзабиги, ясли-ахазул хIалтIухъабиги ва.гь.ц. Филологалги математикалги гIемер ракIарун рукIана араб цIалул соналъул ЕГЭялъул хIасилазул хIисабал гьарулел рукIиналъ. Данделъиялда гIахьаллъи гьабуна районалъул Администрациялъул бетIер Шамиль Дабишевас, районалъул лъайкьеялъул идараялъул нухмалъулесв ХIамид НурбахIандовас, районалъул Депутатазул Собраниялъул нухмалъулев Юсуп ГIалибековас, Дагъистаналъул Халкъияб Собраниялъул депутат Мухтар ХаламухIамадовас, ДГУялъул историялъул факультеталъул декан Башир Булатовас, лъайкьеялдехун гIахьаллъи бугел киназго.

Данделъи байбихьана конференциялъул призидиум бищиялдасан. Данделъи рагьана ва бачана районалъул бетIер Шамиль Дабишевас. Гьес цеберагIиги бицун хехго микрофон кьун, трибунаялде кIалъазе рагIи кьуна Районалъул лъайкьеялъул идараялъул нухмалъулев ХIамид МухIамадовасухъе. ХIамид НурбахIандовас халатаб докладги цIалун рехсана киналго школазул, директорзабазул гIунгутIабиги, тIокIлъабиги. Бицана араб цIалул соналъулгун цогояб пачалихъияб экзаменалъул хIасилазул ва тIадчIей гьабуна цIияб цIалул соналда лъайкьеялъул идарабазда церечIарал масъалабазул. Рехсана киналго ЕГЭ кьезе бажаричIел лъимал ругел школабиги ва гьаруна гьезие кколел бадирчIваялги. ХIамидил рагIабазда рекъон гьаб соналъ кIудияб кIвар кьезе бугин мугIалимзабаз лъималазул цIалул суалалде, щайгурелъул киназдаго бихьана гъоркьcияб цIалул соналъул хIасилалда аттестат гьечIого лъимал хутIараблъи. Киназдаго бихьулеб буго ЕГЭ кьолеб къагIида сонидаса сониде кьваризабун букIин. ХIамид МухIамадовас гьединго рехсана районалда лъай кьеялъул рахъалъ цебесеб кьерда ругел школаби. ЛъикIал хIасилал ЕГЭялда рихьизари гуребги, районалда тIоритIулел батIи-батIиял цIалиялъул рахъалъ къецазда гIахьаллъи гьабулебги бугила гьел школаз. Гьединлъидал гьездаса мисал босизе ккелила хутIаразги. Данделъиялъул ахиралда, гIадатлъун билълъараб къагIидаялда шапакъат кьуна (5 азарго гъурущ) ва Районалъул Администрациялъул рахъалдасан грамотаби 2018-19 цIалул соналъ лъикIал хIасилал рихьизарурал районалъул школазул мугIалимзабазе, гьединго районалъул школазда гьоркьоб художествияб самодеятельносталъе чIел босарал школазеги:

I бакI – МКОУ «Левашиская СОШ №2» — 20 азарго гъурущ.

II бакI – МКОУ «Урминская СОШ» — 15 азарго гъурущ.

I бакI – МКОУ «В-Убеки ООШ» — 15 азарго гъурущ.

II бакI – МКОУ «Н-Убеки ООШ» — 10 азарго гъурущ.

Гьединго кьуна грамотаби ва гIарцул шапакъатал муниципалиял этапазда батIи-батIиял конкурсазда шапакъатал росарал учительзабазе. Гьединго кьуна мустахIикъарал учительзабазе Лъай кьеялъул министерствоялъул грамотаби. РукIана тIадегIанаб шапакъаталъе «Отличник образования РД» мустахIикълъарав 4 учительги. Гьезда киназдаго баркула щварал шапакъатал ва гьарула гьезие кIуди-кIудиял бергьенлъаби.

Исана тIоцебесеб нухалъ кьуна грамотаби ва гIарцул шапакъатал ЕГЭялда тIадегIанал балал росарал цIалдохъабазе:

1. НурмухIамадов Ислам Рустанбегович — химия — 80 балл — МКОУ «Левашинская СОШ № 2».

2. Закаргаева Эльвира ГIабдулкъадиевна — обществознание — 97 балл — МКОУ «Мекегинский лицей им. М. Г. Гамидова».

3. ДинбахIандова ПатIимат ДинбахIандовна — биология — 86 балл МКОУ «Мекегинский лицей им. М. Г. Гамидова».

4. ГаджимухIамадов ХIажимурад Шамилович – обществознание – 86 балл – МКОУ «Кулецминская СОШ».

Районалъул учительзабазул профсоюзалъул комитеталъул председатель Раисат ВаскIаевалъ профсоюзалъул рахъалъан гьаруна сайгъатал школалда гIемер соназги хIалтIун нахъе унизе, хIалтIулел ругел, 70-80 сон барал мугIалимзабазе ва цогидазеги.

Районалда лъикIаллъун рикIкIарал мугIалимзабазе рагIиги кьун къокъгьабун лъугIизе тана мугIалимза-базулгун данделъи.

Районалъул нухмалъиялъ баркана мугIалимзабазда цIияб цIалул сон ва гьарана гьезие талихI ва хIалтIулъ бергьенлъаби.

Добавить комментарий

Добавлять комментарии могут только зарегистрированные и авторизованные пользователи. Комментарий появится после проверки администратором сайта.

4