Меню
16+

Сетевое издание «По новому пути»

23.08.2019 16:01 Пятница
Категория:
Если Вы заметили ошибку в тексте, выделите необходимый фрагмент и нажмите Ctrl Enter. Заранее благодарны!
Выпуск 33 от 23.08.2019 г.

22 август – Россиялъул Федерациялъул Пачалихъияб байрахъалъул къо

22 август – Россиялъул Федерациялъул Пачалихъияб байрахъалъул къо

Россиялда щибаб соналъул 22 августалда кIодо гьабула Россиялъул Федерациялъул пачалихъияб байрахъалъул къо. Гьеб чIезабуна 1994 соналъул 20 августалда Россиялъул Федерациялъул Президентасул № 1714 Указалдалъун. 1991 соналъул 22 августалда Москваялда «ХъахIаб рукъалда» тIад борхана лъабго батIияб кьералъул байрахъ, нилъгун квартIаялъул гIаламатгун букIараб багIараб байрахъги хисун. Гьеб къоялъ РСФСРалъул Верховный Советалъул сессиялда хIукму гьабуна хъахIаб, хъахIилаб, багIараб, чIва бугеб байрахъ Россиялъул хасаб миллияб байрахълъун рикIкIине. ТIоцебе хъахIаб – хъахIилаб – багIараб чIваби ругеб байрахъ борхун букIана Алексей Михайловичас ханлъи гьабулеб заманалда «ЦIум» абураб рагъулаб гамаялда, Голландиялъул инженер Давид Бутлерица 1668 соналъ. ХъахIаб кьералъ – жахIдахIусуд гьечIолъиялъул, къадру букIиналъул, хъахIилалъ – ракIбацIцIалъиялъул, багIаралъ – хIинкъи гьечIолъиялъул ва гIаданлъиялъул гIаламатал загьир гьарула.

Добавить комментарий

Добавлять комментарии могут только зарегистрированные и авторизованные пользователи. Комментарий появится после проверки администратором сайта.

10