Меню
16+

Сетевое издание «По новому пути»

31.05.2019 19:15 Пятница
Категория:
Если Вы заметили ошибку в тексте, выделите необходимый фрагмент и нажмите Ctrl Enter. Заранее благодарны!
Выпуск 20 от 24.05.2019 г.

КIал биччаялъул сахI

КIал биччаялъул сахI тIадаблъун гьабуна гьиджрияб тарихалъул 2 леб соналъ. Гьебго соналъ тIад гьабуна кIалги. Гьеб тIад гьабиялъул хIикматги, нафсалъе бацIцIалъи ва лъикIаб гIамалалъе цIобай буго. Гьединго гьелъулъ кIалалда жаниб ккараб жагъаллъи бацIине гьабиги буго, какилъ сагьвилъиялъул суждаялда релълъун.

КIал биччаялъул сахI

КIал биччаялъул сахI тIадаблъун гьабуна гьиджрияб тарихалъул 2 леб соналъ. Гьебго соналъ тIад гьабуна кIалги. Гьеб тIад гьабиялъул хIикматги, нафсалъе бацIцIалъи ва лъикIаб гIамалалъе цIобай буго. Гьединго гьелъулъ кIалалда жаниб ккараб жагъаллъи бацIине гьабиги буго, какилъ сагьвилъиялъул суждаялда релълъун.

СахI бахъиялъул гIужал

1) Бегьулеб гIуж: Рамазан моцI байбихьаралдаса

2) ТIалъулеб гIуж: Рамазаналъул ахирисеб къоялъ бакъ тIерхьаралдасан байбихьун.

3) Хирияб гIуж: ГIидалъул къоялъул рогьалил какдаса хадуб, ГIидалъул как байзегIан.

4) Карагьатаб гIуж: ГIидалъул какдаса хадуб, бакъ тIерхьинегIан. Кинниги какдаса нахъ бахъиялъулъ карагьалъи гьечIо, цIикIкIун хIажатав чи вачIиналъухъ балагьун чIун ругони. ГIуж тIаса инчIебгIан заманаялъ.

5) ХIарамаб гIуж: ГIидалъул къоялдаса нахъе бахъани. (ай бакъ тIерхьун хадуб).

КантIизари: СахI бахъараблъун рикIкIуна, ниятги гьабун мустахIикъаб агьлоялъухъе швараб мехалъ. Гьединго тIалъулеб гIуж щвелелде сахI бахъулеб бугони нияталде тIаде «цудунго» абураб рагIи абизе ккела.

СахI тIалъиялъе шартIал

1) Бусурманав вукIин.

2) ГIуж щун букIин. Гьеб тIадаблъун лъугьуна Рамазаналъул ахирисеб къоялъ бакъ тIерхьараб мехалъ.

Рамазаналъ чIагоги вукIун ахирисеб къоялъул бакъ тIерхьиналде хванани гьев чиясда сахI тIалъуларо, тIерхьун хадуб хванани тIалъула. Гьединго тIалъула бакъ тIерхьиналде гьабураб лъимадудаги, тIерхьун хадуб гьабуни тIалъуларо.

ХIанафил мазгьабалда рекъон (ай гIарцудалъун бахъула бугони) тIадаб гIуж щола гIидалъул къоялъул рогьел баккаралдаса, гьел цере рехсарал хIукмабиги тIалъула рогьел баккаралдаса хабуд.

3) СахI тIалъулеб гIужалъ, сахI бахъизе рес букIин (цо сордо-къоялъул бетIербахъиялдаса цIикIкIараб жо букIин).

СахIбахъулеб бугонани балугълъиялде рахинчIел лъималаздаса, чIужуялдаса, яги хьихьезе тIадал эбел-инсудаса вакиллъи къварагIунаро. Балугълъиялде рахарал лъимаздасан бахъула бугони яги вац-яцалдасан бахъула бугони вакиллъи тIалаб гьабизе ккола. Амма ХIанафил мазгьабалда рекъон бахъула бугони чIужуялъулги эбел-инсулги вакиллъи босизе ккола.

СахIил къадар

ШафигIил мазгьабалда рекъон сахIие бахъизе ккола, жив вугеб бакIалъул цIикIкIун бетIер бахъи гьабулеб жо. (нилъер гьаниб ролъ). СахIил къадарги 2.400 грамм.

ХIанафил мазгьабалда рекъон кIал биччаялъул сахIил къимат кьезе бегьула, хириябцин буго. Щай гурелъул, гьелдалъун факъирзабазе пайда цIикIкIун букIиналъ. Гьесул мазгьабалда сахIил къадар 3.800 гр. буго.

СахI щолеб агьлу

Аллагьас Къуръаналда закагIаталъе микьго агьло рехсон буго:

1) Факъирзаби – Я жедер хIалтIи гьечIел я боцIи – мал гьечIел, яги боцIи мал бугел амма гьеб жедее гIолорел. (мисал 10 гъ. къварагIунеб бугони 3гъ. горони щаларел)

2) МискIинзаби – жедеда рекъараб хIалтIи бугел. БоцIи-малги бугел, амма хIажаталъе жедее гьеб гIоларел (мисал 10 гъ. къварагIунеб бугонани 7гъ горони щалорел)

3) ЗакагIат-сахIалда тIад хIалтIи гьабулел гIадамал. (гьеб хъвалел бикьулел ва гь.ц.)

4) ЦIиял Исламалде рачIарал гIадамал, гьезул исламалъулъ ракIал щулалъизе рукIине.

5) БоцIиги тIад къотIун тархъарал лагъзал.

6) ХIалалаб нухалда, тIад налъи ккарал гIадамал.

7) Аллагьасул нухда (гъазаваталда) ругел гIадамал.

8) ХIалалаб сапаралда ругел гIадамал.

Ният гьаби

Ролъ кьолеб бугони: Дица ният гьабуна, дидасанго, яги дун вакил гьавурав (пуланасдасан) кIал биччаялъул ГIидалъул паризаяб сахI бахъизе ТIадегIанав Аллагьасе.

Вакил гьавулеб къагIида: Дица мун вакил гьавуна дидасанго кIал биччаялъул гIидалъул паризаяб сахI бахъизе — ян цояс абила ……Дица къабул гьабуна — ян цогидас абила.

ГIарац кьолеб бугони: Дица ният гьабуна дидасанго, яги дун вакил гьавурав (пуланасдасан) кIал биччаялъул гIидалъул паризаяб сахIил къимат кьезе АбуХIанифал мазгьабалда нахъ вилълъун ТIадегIанав Аллагьасе.

Вакил гьавулеб къагIида: Дица мун вакил гьавуна дидасанго кIал биччаялъул гIидалъул паризаяб сахIил къимат кьезе — ян цояс абила……Дица къабул гьабуна- ян цогидас абила.

ГIидалъул сордоялъ хабалалъе зиярат гьаби

ГIидалъул сордоялъ бакъанидаса байбихьун бусурбабаз вализабазул, шайхзабазул, гIага-божаразул хабалазде зиярат гьабула, ракIалде щвезарула хварал, цIалула Къуръан, гьабула дугIа-алхIам. ЛъикIаб буго хабада «АлхIам» цIализе, «Бакъарат» сураталъул тIоцебесеб 5 аят ва ахирисеб 2 аят цIализе. Гьединго аятул «Курсий», «Ясин», «ГIамма», «Табарака», «ХIам мим», «Алгьакум», «Алам нашрахIлака», «Къулгьу», «Къул агIузуби» гIадинал суратал цIализе ва хадуб зикру бачине, салават битIизе. Гьеб кинабго къабул гьабеян ва камилаб кири щвезабиян Аллагьасде гьаризе ва нилъее щвараб гIадаб кири Аварагасе (гI.с.с.), асхIабзабазе ва шайхазабазе щвезабеян гьаризе. Хадуб гьел киназулго баракат – шафагIатгун цадахъ хваразеги щвезабеян гьаризе.

Къуръан битIун цIализе лъаларес зикру-салават гIемер гьабила ва хварасе дугIа гьабила.

ГIурус хатIалъ хъварал Къуръаналъул аятал цIалиларо, гьеб Къуръан букIунаро! Гьедин гьеб цIалиялдаса нилъедаго лъалеб зикру бачине ва Аварагасде (гI.с.с.) свалат битIизе, нилъедаго лъалел суратал цIализе гIемер лъикIаб буго.

Добавить комментарий

Добавлять комментарии могут только зарегистрированные и авторизованные пользователи. Комментарий появится после проверки администратором сайта.

452