Меню
16+

Сетевое издание «По новому пути»

03.05.2019 16:28 Пятница
Категория:
Если Вы заметили ошибку в тексте, выделите необходимый фрагмент и нажмите Ctrl Enter. Заранее благодарны!

Жеги чIаго руго гьес чIарал гъутIби

Жеги чIаго руго гьес чIарал гъутIби

СагIид Мусаев разведкаялда халатккун вукIинчIо. Батальоналъул командирасда хехго бихьула гьесул берзул канлъи ишан босизе цIакъго лъикIаб букIин. «Мун, Мусаев, лъикIав снайпер вукIина»,-ян абуна гьесда комбатас. Гьедин ккана СагIид Геленджикалда аскIоб букIараб артиллериялде. Гьениб рагIана гьезда рагъул кутакаб кьвагьдей. Новороссийскиялда аскIоб кьварарал рагъал унел рукIана. Геленджикалдаса цIакъ балъго гьенибе рехана СагIид гъорлъ вукIараб артиллерия. Бомбабаз ва гIарадабазул гулбуз кIобокIизабулеб ва кескахинабулеб букIараб гьеб гьитIинаб ракьалде солдатал русбузда ва гумузда тIад гIодориччан лъедон унел рукIана. Гьале, пириялъ гIадин, зоб кьватIизабуна. Гамида тIад гIарадачагIигун СагIид чIун вукIарав нахъисеб рахъалда хIуби гIадин эхеде речIчIун бачIана лъим. Гамил маххалда щолел рукIарал гулбуз рекелазул тIваркъи бахъунеб букIана. Лъукъун угьдизе лъугьана цо рагъухъан, цинги цогидавги.

Немцазда бихьана нилъер гамул рачIунел рукIин ва гьезде бакIаб яргъица кьвагьдезе байбихьана. СагIидида бихьана аскIоб букIараб гамида тIад гIарададул гулла бихъараб куц. Гамида тIад тIупана кIкIуй, тIибитIана цIа ва гьеб лъеда гъоркье ана.

Гьел рещтIинаруна хадуб жиндир цIар араб доб ГьитIинаб ракьалда. Немцаз гьелъул щибаб метр борлъизабулеб букIана. СагIидида ракIалда букIана анкьго къоялъ гьоркьоса къотIичIого ва рахIму тун жидеда тIаде бомбаби рехулел рукIарал куц. Бомбаби тIад рихъизари гьоркьоб къотIараб дагьабго заманалда кьвагьдон, фашистазул артиллериялъ нилъеразда бетIер борхизе толеб букIинчIо. Амма нилъер гIарадачагIаз кьварун нахъчIвалел ва тIагIинарулел рукIана тушман кьвагьдолев вукIарал бакIал. Гьел захIматал къояздаги цо нухалда гуро СагIидица рагъулъ тIокIлъи бихьизабураб.

Цо нухалда рагъ гьоркьоб къотIараб лахIзаталда СагIидида аскIове вачIана батальоналъул политрук ва абуна: «Сержант, щай мун партиялде лъугьунарев?» — ан.

Мусаевас тамашалъи гьабуна. Гьесда кколаан партиялда цIакъго бахIарчиял, киналалиго гIадатиял гурел гIадамал рукIине кколилан. Гьале коммунистал данделъараб мехалда, киназго гьесул хIакъалъулъ гIицIго лъикIаб пикру загьир гьабуна ва, цо чияс гIадин, рорхана гьез кверал гьев партиялде восизе.

Новосибирскиялда аскIоб, ракьул гьитIинаб кесекалда цIа-кIкIуй гIемерлъиялъ, къад мех сордолъун, сордо къад мехлъун бихьулеб букIана рагъухъабазда.

1943 соналъул байбихьуда Северияб Кавказалда немцазул аскарал къезе байбихьаниги, гьезул югалъулаб 17-абилеб ударнияб армиялъ Тамань бащдаб чIинкIиллъиялда гIорхъаби щулаго ккун рукIана. Гьеб бащдаб чIинкIиллъи советиял аскаразул мугъзада нахъехун букIана.

Амма гьенир щулаго чIун рукIана немцазул аскараз ккун чIезарулел рукIарал нилъер аскаразул кIудиял къуватал.

Фашистаз кутакалда щула гьабун букIараб рагIаллъиялъул цо участакалда рагъул операция гьабизе бегьулеб майдан ккун букIана нилъераз. Анкьго моцIалъ гитлерилаз къасд гьабуна нилъер рагъухъаби нахъе къазаризе ва ралъдалъе рехизе, амма гьезухъа гьеб бажаричIо. Советиял солдатаз бахIарчилъиялда ккун чIезабуна гьеб хирияб ракь. Гьезда гъорлъ вукIана СагIид Мусаевги. Гьениб тIокIлъи бихьизабиялъе гIоло цогидазда цадахъ шапакъаталъе мустахIикълъана гьевги. БитIахъе хандакъалда жаниб багьадурав магIаруласе коммунистасул билет кьуна, доб мехалда 18-абилеб армиялъул командирасул политикияб рахъалъ заместительлъун вукIарав Л. И. Брежневас.

1943 соналъул ичIабилеб сентябралдаса анцIабилелде къаси нилъер аскараз бащдаб лъагIалидаса цIикIкIун заманалъ оборона ккун букIараб «ГьитIинаб ракьалъул» рахъалдасан, фронталъ кьабиял щвезариялдалъун ва ралъдахъан торпедазулал гумузул гьужумалдалъун байбихьана. Новороссийск шагьар эркен гьабиялъе гIоло рагъ. Гьедин 16 сентябралда гьез гьеб масъала тIубазабуна.

СагIид Мусаевас чIухIигун абулаан «ГьитIинаб ракьалда» оборона ккун вукIарал къоял жиндир фронталъулаб биографиялда бищунго захIматазул цоял рукIанилан.

Мусаевасе ракIалдаса унареллъун рукIана Тамань шагьаралъе гIоло рагъал. 111-абиеб гвардиялъулаб дивизиялъул 129-абилеб артиллериялъул полк Тамань шагьаралда гIагарлъухъ чIун букIана. ЗахIматаб букIана гьеб шагьаралде нух. ХIари багъарараб нухдасан чуяз захIматго цIалел рукIана гIарадаби. ЦIар рагIарал юк баччулел Америкаялъул автомобилалцин гIемер къалел рукIана гьенир хIарщулъ. Амма полкалъ жиндирго рагъулаб масъала тIубазабуна. Гьенибги цо нухалда гуро командованиялъ ракI цIодорав ва хехго жо бичIчIулев гвардиялъул кIудияв сержант, снайпер Мусаевасе баркала кьураб.

Советиял аскараз байбихьана фашистаздаса Украина эркен гьабизе. Гьел чIун рукIана Украиналъул цо гьитIинаб росдада аскIор. РакIалдаго гьечIого немцаз гьужум байбихьана. ЧIвана гIарадаялъул командир. Ботальоналъул командир копитан Литвиновас Мусаевасе буюрухъ кьуна гIарададул командирлъи гьабизе жиндаго тIаде босеян ва гьес лъикIго тIубазеги гьабуна цебе чIараб масъала. Мусаевасул къокъаялъ гитлерилазул кIиго пулемет тIагIинабуна, кумек гьабуна нилъеразе тушманасул гьужумал нахъчIвазе ва жалго гьужумалъ ана.

Хадур дандчIвайдал капитан Литвиновас Мусаевасда гьикъана: «Дуца гордеялда цоги орденалъе жеги каратI бахъичIищ? КIочон тоге бахъизе», — ян.

Хадубккун Мусаевасул рагъулаб нух букIана Карпаталъул мугIрул къотIун.

КIкIалахъан тIаде бачIунеб букIана квач. Гьеб гъоркь кIкIвинабулеб букIана гIарадаби мугIрузде рахинарулаго тIолеб букIараб хинаб гIетIуца. Советиял аскаразул тIадекIанцIе чIезабизе жигарги бахъулаго немцаз рагъде лъугьинаруна цIиял къокъаби. Гьел хIинкъизаруна Чехословакиялде нилъер рагъулал частал рорчIиялъ. Нилъер аскарал бакътIерхьудехун кьварун церехун унел рукIана. Дивизиялъул командованиялъ нилъерал гIедегIизарулел рукIана. Дора Карпатазда кIвар бугеблъун букIана борхалъабазда немцазда цере ккун щулалъизе.

СагIид гIодов чIун вукIана цIорораб накIкIилгъотIода мугъги цун. Гьениб гьесда рагIана самолеталъул хъуди. Гьеб букIана немцазул самолет-разведчик. Цинги гьез нилъеразде гьужум гьабизе байбихьана. Амма рагъ хехго лъугIана. Фашистал нахъе къана. ЛъикIго хIалтIана нилъер пулеметчагIи ва гIарадачагIи. Полкалъул командирас Мусаевасул каранда бана Реццалъул орден. ГIарадачагIазул часталъ Чехославакиялъул пачалихъалъулаб гIухъи бахараб мехалда, СагIидида рагIана шагьаразул къватIахъ ва росабалъ гьезда дандчIвай гьабулел рукIарал гIадамаз: «Наздар! Наздар!» абун ахIулеб СагIидида ккана гьез «Назад» «нахъе къай» абулеб бугилан. Гьес пикру гьабуна щай нахъе къазе кколел, гIицIго церехун гурищ ине кколелан. Гьесда гьеб байбихьуда квеш бихьана. Жиндир бищун лъикIав ишан босулев рагъухъан щай пашманлъаравали лъайдал, капитан Литвинов разиго велъанхъана. Гьес Мусаевасда бичIчIизабуна «наздар» кколин «лъикI щварал» абулеб гIадинаб магIнаялъул рагIиян. ХIакъикъаталдаги гьаниб кинаб «нахъе къаялъул» хабар букIине бегьулеб, гIемерисел руччабазги бихьиназги гьезда дандчIвай кодоб чедгун ва чогърол цIурал гIарталгун гьабулеб мехалъ.

Мусаевас гIахьаллъи гьабуна гьединго Словакиялъулги чехиялъулги гIемерал шагьарал эркен гьариялъулъ. Фашистазда тIад бергьенлъи босун хадур гIемерисел рагъухъаби рокъоре унел рукIана. Амма кIудияв сержант Мусаев рокъове тIадвуссана Германия кверде бачIун хадуб кIиго лъагIалидасан. Гьев гъорлъ вукIараб дивизия Украинаялде бачана. КIиго лъагIелалъ халатрахъана гьенир гьенир гьркьоса къотIи гьечIел ругьунлъаби, кьвагьдеял ва цогидалги занятиял. Рагъулал кьвагьдеялгун тIоритIулел рукIарал ругьунлъабазда цо нухалда гуро гвардиялъулав Мусаевас тIокIлъи бихьизабураб.

СагIидил эбел-эмен рохиялъул гIурхъи букIинчIо Суворовасул ва Богдан Хмельницкиясул орденазе мустахIикълъараб 294-абилеб гвардиялъулаб артиллериялъул полкалъул командир полковник Григолащвилил кагъат бачIиндал. Гьес гьелда хъван букIана: «Дир часталда хъулухъ гьабулев СагIид Мусаевас чияр ракьал рахъулел рукIарал немцазулгун рагъазулъ Кавказалъул мугIрузул гIорахъа Чехословакиялъул тахшагьар Прагаялде щвезегIан кIудияб нух нахъа тана. Рагъазулъ Мусаевас бихьинчилъи ва багьадурлъи бихьизабуна. Гьелъие гIоло гьесие кьуна хIукуматалъул тIадегIанаб шапакъат. СагIидие гьединго щвана ТIадегIнав бетIерав командующий, Совет Союзалъул маршал И. В. Сталинил 13 баркала, бакъбаккул улкабазул гIемерал шагьарал эркен гьаруралъухъ».

ГIагарлъиялъги ХахитIа росдал жамагIаталъги рохалида дандчIвай гьабуна Мусаевасда рокъове тIадвуссун вачIиндал. КъасилъезигIан аваданлъи гьабуна гьезул рокъоб росуцояз.

Байбихьуда СагIид Мусаев хIалтIана росдал Советалъул секретарьлъун. Цинги росуцояз гьев колхозалъул председательлъун вищана. Гьеб мехалда рагIалде бахъинабуна гьес жиндирго анищ, ракIалде щвана рагъул гулби щун «гIодулел рукIарал» лъукъарал гъутIби. КIудияб жигаралдалъун тIаде босана Мусаевас ах гьабизе. Гьесул хIаракатчилъиялдалъун 13 гектаралда гIезаруна пихъил гъутIби. Гьеб Мусаевас гIагараб росулъ гьарурал лъикIал ишазул ахирисеб букIинчIо. Колхозалъул председательлъун хIалтIулаго, гьесул рагъулал шапакъатазде тIаде жубан ЗахIматалъул БагIараб Байрахъалъул орденги.

Колхозалъул ахалги чанго гектаралъ жеги кIодо гьарун ва гьелъул материалияб базаги щула гьабун, Мусаев Каспийск шагьаралде гочана. Гьенив гьев батIи-батIиял хъулухъазда хIалтIула, 35 соналъ гьабуна гьес СМУ-5-ялъул складалъул заведующиясул хIалтIи. Рагъдаго гIадин, гьенивги ракIбацIцIадго хIалтIана Мусаев ва, коллективалда гуребги тIолабго Каспийскиялдаго гьесул къадру-къиматги букIана. ВукIинчIо гьенив гьев лъаларев чиги.

Мусаев кколаан шагьаралъул рагъул ветераназул советалъул жигарав член. Цониги байрам ва тадбир букIунароан гьениб гьесул гIахьаллъи гьечIеб. Каспийскиялъулазда лъала ва ракIалда буго шагьар гIурччин гьабиялъулъ Мусаевас кIудияб бутIа лъураблъи. Дагьал гьечIо гьеб шагьаралъул къватIахъ хахитIасесул квераз чIарал гъутIби. Гьедин, гьанже нилъеда гъорлъ гьечIев гIагараб ракьалъул унго-унгояв патриотас, гьев лъикIав инсанас жиндирго хIакъалъулъ лъикIал ракIалде щвеял тана нахъе, живго вижараб ХахитIа росулъги Каспийск шагьаралдаги.

Добавить комментарий

Добавлять комментарии могут только зарегистрированные и авторизованные пользователи. Комментарий появится после проверки администратором сайта.

10