Меню
16+

Сетевое издание «По новому пути»

05.04.2019 18:21 Пятница
Категория:
Если Вы заметили ошибку в тексте, выделите необходимый фрагмент и нажмите Ctrl Enter. Заранее благодарны!
Выпуск 13 от 05.04.2019 г.

Дагъистаналъул бетIерас Халкъияб Собраниялде ХитIаб гьабуна

«РФялъул президент Владимир Путиница Федералияб Собраниялде гьабураб ХитIабалдаги «маялъул указаздаги» чIванкъотIун рихьизарун руго нилъеда церечIарал масъалаби. Гьел тIуразаризе нилъеда тIадабги буго», — янги абун, байбихьана ДРялъул бетIерас ХитIаб.

Дагъистаналъул бетIерас Халкъияб Собраниялде ХитIаб гьабуна

«РФялъул президент Владимир Путиница Федералияб Собраниялде гьабураб ХитIабалдаги «маялъул указаздаги» чIванкъотIун рихьизарун руго нилъеда церечIарал масъалаби. Гьел тIуразаризе нилъеда тIадабги буго», — янги абун, байбихьана ДРялъул бетIерас ХитIаб.

«Дир Дагъистан»

Рехсараб цIаралда гъоркь тIобитIараб кадрабазул къецалдаса рази вукIинги загьир гьабуна ДРялъул бетIерас. «Россиялъул президентасул администрациягун цадахъ тIобитIараб гьеб къецалъ рес кьуна гIолохъанал, жидер пикру бугел ва махщел камилал хIалтIухъаби нухмалъиялъул идарабазде хIалтIизе рачине. Гьелде тIадеги, республикаялде тIадруссана Россиялъул компаниязда лъикIаб хIалбихьи щварал дагъистаниялги. Къецалъул хIасилалда жавабиял хъулухъазде тIамуна 42 чи ва гьезул хIалтIул лъикIал хIасилалги руго», — ян абуна В. Васильевас.

Рукъзал кьезе руго…

«ГьабсагIаталда, республикаялъул минабазул фондалдаса рукъзал щвеялъухъ балагьун, иргаялда вуго 13500 чи. Гьелда бан закон къабул гьабуна 2006 соналдаго, амма цониги чиясе кьечIо жеги рукъ. Дида лъикIаблъун бихьула гьеб рахъалъ ДРялъул хIукуматалъ къабул гьабураб хIукму ва дица гьелда тIадкъалеб буго республикаялъул бюджеталда гьеб иш тIубаялъе ресал ратеян абун. Балагьизе ккола 300 млн гъуруш, сакъатал гIадамазеги сакъатал лъимал хьихьулел хъизамазеги рукъзал кьеялъул мурадалда. ХIадуризе буго 10 сонил болжалалда бигьалъигун бецIизе рес кьолеб ипотекаялъулаб кредит рагьиялъул къагIидаги. Гьеб кредиталъул бащдабниги бецIизе буго республикаялъул бюджеталъ.

КIиабизе абуни, ипотекаялъул кредит босиялдалъун рес буго жакъаго федералияб кумек щвезе ва эбелалъул капиталалда бащалъулеб (453 азарго гъуршил) гIарцул субсидиялдаса пайда босизе. Гьелде тIадеги, лъабго ва цIикIкIун лъимер бугеб хъизамалъе рес кьолеб буго ипотекаялъул кредит бецIиялъул мурадалда федералияб бюджеталдаса жеги 450 азарго гъуруш щвезеги», — ян абуна Дагъистаналъул бетIерас.

Медицина

ДРялъул бетIерасул баяназда рекъон, 2018 соналда медицинаялъул кумек гьабун буго анлъазарго дагъистаниясе. Исана ракIалда буго жеги цIикIкIинабизе. Гьелъул мурадалда гьаризесел тадбиразда гьоркьор Васильевас рехсана информациялъулал технологиял гIумруялде рахъинариги, тохтурасухъе хъвай-хъвагIай гьабиялъул электронияб къагIидаги, медицинаялъул идарабазул сайтаздаса хIажатал баянал росизе рес щвейги.

«ТIадегIанал технологиязул медицина цебетIезабиялъул хIасилалда рес щвезе буго республика тун къватIибехун лъикIаб хIалбихьи щварал махщелчагIи Дагъистаналде рачIиналъе шартIал гIуцIизе. ЛъикIаб хIасил кьезе буго «Земский доктор» абураб федералияб программаялъул кьучIалда росабалъе гIолохъанал тохтурзаби хIалтIизе иналъги. 2019 соналда, гьеб программаялда рекъон, росабалъе витIизе ракIалда буго 224 тохтурги 10 фельдшерги (гъоркьиса гьедин хIалтIудалъун хьезавуна 202 махщелчи).

ХIаракат бахъизе буго дагъистаниязе хIажатаб медицинаялъул кумек республикаялдаго щвеялде кIвар цIикIкIинабизе, хасго росабалъго амбулаториялги фельдшеразул пункталги разе. Гьебмехалда МахIачхъалаялде щвезегIан рачIинеги ккеларо кумекалда хадур.

Улкаялъул президентасул квербакъиялдалъун Болъихъ районалда балеб буго мугIрузул районазул гIадамазе кумекалъе больница. Гьениб букIине буго компьютералъул томографги. ХIажат руго гьединал больницаби цогидал районаздаги разе. Исана босизе буго 70-ялдаса цIикIкIун хехаб кумекалъул машинаги флюорографиялъул 50 аппаратги.

Республикаялда цIикI-кIунел руго лъималазе прививка гьабиялдаса инкар гьабулел хъизамал. Гьелда тIадги хIалтIизе ккола муниципалитетазул бутIрулги росабазул нухмалъиги. Вакцинаялъул кIвар букIин бичIчIизабизе ккола гIолохъанал улбузда», — ян бицана Владимир Васильевас.

Лъайкьей

«Исана базе буго 11047 цIалдохъанасе бакI бугеб 33 школа. Гьелъие бачIана федералияб бюджеталдаса лъабго миллиардгун ичIго миллионалдаса цIикIкIун гъуруш.

«100 школа» абураб проекталъул квербакъиялдалъун ва бакIалъулал нухмалъиялъулгун меценатазул кумекалдалъун лъикIлъизабуна 117 школалъул материалиябгун техникияб хIал.

Гъоркьиса федералияб бюджеталъул гIарцухъ 140 школалъе росана автобусал. Исана босизе буго жеги 95. Амма босизе ккола 168 автобус.

ЦIигьабизе буго 168 росдал школалъул материалиябгун техникияб база. Исана нижехъа бажарана цIалдохъаби цIалул тIахьаздалъун хьезариялъул иш цебе туркIизабун. Щибаб школалде ритIана хIажатал тIахьал», — ан абуна Владимир Васильевас.

Нухалги бакIал райги

Владимир Васильевас абуна заман щун бугин Хважалмахьи росулъан унеб нух къачIан бахъинабизеги. «Гьебго районалда базе кколеб кьодул сметаялъул халгьабураб мехалда, гьелъул багьа бихьизабун батана цо миллиардгун анлъго миллион гъуруш. Документазул мухIканаб хIисаб гьабидал, гьеб багьа учуз гьабизе кIвана 500 млн гъурушалъ.

Ахирал соназда гIадлу биххун буго МахIачхъалаялда ралел бакIазулги. ТIагIана хIухьбахъиялъе санагIатал ахал. Москваялъул хIукуматалъ нилъее сайгъат гьабуна 350 млн гъуруш – МахIачхъалаялъул аслияб майданги гьелъул сверухълъиги цIигьабизе. Гьеб гьабулаго, кIваркьезе ккола тахшагьаралъул тарихияб сипат цIуниялде», — ян кIалъана Владимир Васильев.

Добавить комментарий

Добавлять комментарии могут только зарегистрированные и авторизованные пользователи. Комментарий появится после проверки администратором сайта.

1