Меню
16+

Сетевое издание «По новому пути»

26.04.2019 19:07 Пятница
Категория:
Если Вы заметили ошибку в тексте, выделите необходимый фрагмент и нажмите Ctrl Enter. Заранее благодарны!
Выпуск 16 от 26.04.2019 г.

Рагъул кьогIлъи кIочене бегьуларо

Исана 74 сон тIубалеб буго Совет Союзалъ гьелъул армиялъ, рагъда гIахьаллъарал пачалихъазул прогрессивияб халкъалъ гитлерилаб фашизмалъул Германиялда тIад бергьенлъи босаралдаса нахъе.

КIудияб Бергьенлъиялъе — 74 сон

Рагъул кьогIлъи кIочене бегьуларо

Исана 74 сон тIубалеб буго Совет Союзалъ гьелъул армиялъ, рагъда гIахьаллъарал пачалихъазул прогрессивияб халкъалъ гитлерилаб фашизмалъул Германиялда тIад бергьенлъи босаралдаса нахъе.

Гьеб кIудияб бергьенлъиялъе гIоло советияб халкъалъул 28 миллион чияс рухI кьуна рагъда. Щибаб соналъ гIадин, жакъаги дунялалъулго халкъаз кIодо гьабулеб буго фашизмалда тIад босараб КIудияб Бергьенлъи. КIиабилеб дунялалъул рагъул хIинкъи букIана цохIо СССРалъул халкъазе гуребги ТIолгодунялалъул халкъазеги. «Нилъеца тIолабго дунял накабазда чIезабила» — гьединаб ахIигун кагъат букIана Германиялъул фашизмалъул щивав солдатасул кисиниб. Гьединаб мурадгун цолъана Германия, Италия ва Япония. Гитлерил планалда рекъон гIицIго славяназул хвезе кколев вукIана 40 миллионалде гIагарун чи. Москва ва Ленинград шагьарал ракьул гьумералда ращад гьаризе буюрухъ кьун букIана Гитлерица. Гьединабго къагIидаялъулаб вахIшилъи жидеда щвезе букIин бичIчIулеб букIана социализмалде дандечIараб Англиялъул хIукуматалъул бетIер У. Черчилидаги. I941 соналъул 22 июналъ бакъанил гIужалда радиоялдаса кIалъалаго, гьес абуна: «Россиялъе бугеб хIинкъи — гьеб буго нилъее ва Америкаялъул цолъарал штатазе бугеб хIинкъи. Жиндирго рукъалъе, гъанситоялъе гIоло вагъулев щивав гIурусасул иш ккола тIолабго дунялалъул киналго ракьазде ругел эркенал гIадамазул ва эркенал халкъазул ишлъун», — ян.

Дунялалъулго халкъал рахъана ВатIан цIунун хъамалчагIазде данде рагъизе. КIиабилеб дунялалъул рагъалъ гъорлъе вачун вукIана миллиардгун 700 миллион чи вугеб 61 пачалихъ. 110 миллион чияс кодобе босана ярагъ, 40 пачалихъалъул ракьалда тIад унеб букIана рагъ. 1418 сордо-къоялъ халалъана кIиабилеб ВатIанияб рагъ. I941 соналъул июналда СССРалъул армиялда 2,9 миллион чи вукIун ватани, хадуб гьелъул къадар бахана 6,7 миллион чиясде. КIиабилеб дунялалъул рагъда хвана 50 миллионалдаса цIикIкIун чи. СССРалда тIаде кIанцIана цадахъго 4 гьаваялъул флот ва 190 дивизия. Гьезда гъорлъ рукIана 5,5 миллион чи солдатазул ва офицеразул, 37I2 танк, 4500 самолет, 50000 гIарада. Гьеб къуват 2-3 нухалъ цIикIкIараб букIана дандечIей гьабизе кколел гIорхъабазда рукIарал БагIараб Армиялъул аскараздаса.

Нилъер улка тIубан хIадурлъун букIинчIо рагъде. Къокъабго заманалда тушманасухъе щвана тIощел гIезабулел рукIарал ракьал, риххизаруна 60 процент чаран кьолел заводал, гьедигIанасеб къадар тIурччи бахъулел шахтаби. Рагъул заманалда фашистаз чIунтизабуна I710 шагьар ва поселок, 70000 цIикIкIун росу, 31850 заводалгун фабрикаби, 98000 колхоз, 39000 медучреждение, 82000 школа ва гIемераб цогидабги. 25 миллион чи хутIана жанир чIезе рукъзал гьечIого. Гьеб захIматаб ахIвал-хIалалъул заманалда СССРалъул пачалихъалъул нухмалъулез, улкаялъул цIар рагIарал рагъул полководцазул жигараб рагъул аскаразе гьабураб битIараб нухмалъиялъ, политбюроялъ бетIералда Генералиссимус Иосиф Сталингун къокъаб заманалда жаниб тIолабго улкаялъул промышленность, росдал магIишаталъул буголъи ва цогидалги промышленносталъул бутIаби мутIигI гьаруна рагъул мурадалъе. БакътIерхьул рахъалда ругел регионаздасан ва централиял районаздаса заводал, фабрикал хIажатал сурсаталгун ва специалисталгун рехана Дальний Востокалде, Уралалде ва Гьоркьохъеб Азиялде. «Кинабго фронталъе гIоло!» абураб ахIиялда гъоркь хIалтIулеб букIана улка. Уралалдаса добехун гочинабун рехана 2593 промышлияб предприятие. 1942 соналъул март моцIалда Востокалде рехарал предприятиябаз къватIиб биччана рагъулаб продукция тIолабго СССРалъ рагъул соназде щвезегIан къватIиб биччаралдасаги цIикIкIун.

Анлъго моцIида жаниб фашистазул аскарал щун рукIана Москва шагьаралда гIагарлъизе 75-110 км. манзилалде. Гьеб заманаялъ ахIи букIана «Нахъе къазе ихтияр гьечIо, нахъехун Москва буго» абун. I941 соналъул 5 декабралъ циндаго БагIараб Армиялъ байбихьана тушманасде гьужум гьабизе ва 1942 соналъул 7 январалъ тушбаби Москваялдаса нахъе къазаруна 250 км. манзилалъ. Гьеб букIана тIоцебе нилъее щвараб кIудияб бергьенлъи. 1943 соналъул 2 февралалъ тушманасдаса эркен гьабуна Сталинград шагьар.

Гьеб рагъда хвана фашистазул 1,5 миллион чи ва асирлъуде восана 90 азарго чи. Гьеб букIана Германиялъ тIолабго улкаялда магIирукъ лъазабураб къо. Гьеб букIана нилъер аскараз босараб кIвар бугеб кIиабилеб бергьенлъи. Сталинград кверде босиялъ кьолболъанго рагъул ин хисизе байбихьана ва тIолго дунялалъулго рагъул кверщел кодобе щвана СССРалъухъе. 1943 соналъул июль моцIалъ Курскалъул дугаялда рагъал унаго тушманасул аскараз байбихьана гъоркьчIел гьабизе, амма БагIараб армиялъул гьужумалъ гьел гьеб соналъул ахиралде Белоруссиялъул гIорхъабазде нахъе къазаруна. 1943 соналъ нилъеца росарал бергьенлъабазул хIасилалда тIубан кьолболъанго хисана рагъул ин. Гьебги букIана нилъее щварал бергьенлъабазул лъабабилеб. 1944 соналъул 6 июналда рагьана кIиабилеб фронт ва Англо-Америкаялъул аскарал рещтIана Нормандиялда-Франциялъул ракьалда. I944 соналъул январь моцIалъ блокадаялдаса эркен гьабуна Ленинград. Гьебго соналъул апрель-май моцIаз БагIараб Армиялъ щущахъ риххизаруна тушманасул аскарал ЧIегIераб ралъдал рагIаллъабазул ракьаздаса — Крым, Севастополь, Одесса. 1945 соналъул байбихьуда Европаялъул пачалихъалги эркен гьарулаго, БагIараб Армия ана 500 км. манзилалъ цере Берлиналдехун. Гьебго соналъул 30 апрелалъ БагIараб Армиялъул гучалдалъун Берлиналъул Рейхстагалда тIад парпазабуна Бергьенлъиялъул байрахъ. Гьеб байрахъ лъуразда гъоркь вукIана дагъистанияв АбдулхIаким ИсмагIиловги. 2 маялъ Берлиналъул гарнизон ва 8 маялъ тIубанго Германия кверде бачIана. 2 маялъ Чехословакиялъул тахшагьар Прагаялда кодор росана вермахталъул рагъул рукIарал ахирал аскаразул къокъаби. Гьеб заманалда Западалъул ракьалда ругел пачалихъазда рагъ лъугIана. БагIараб Армиялъ Востокалда бугеб Япониялъул армия щущахъ биххизабуна ва 2 сентябралъ гьеб кверде босана. КIиабилеб дунялалъулго рагъда жигараб гIахьаллъи гьабуна кIинусазаргоялде гIунтIун дагъистанияс. Рагъда росарал бергьенлъабазе гIоло 30 азаргоялдасаги цIикIкун дагъистаниясе щвана рагъул орденал ва медалал, 58 чиясе щвана Совет Союзалъул БахIарчиясул цIар.

Гьезда гьоркьор руго нилъер ракьцоял, Анатолий Хуторянский ва Зульпукъар ГIабдурахIманов. Дагъистаналъул халкъалъ ВатIаналъул рагъул соназда танкал, самолетал ва цогидабги рагъулаб къайи гьабиялъе кьуна 350 млн. гъурущ гIарац, фронталъе битIана 150 вагон хинаб ретIел-хьиталъул, ва 140 вагон батIи-батIиял сайгъатазул. Гьеб кинабго бакIариялъулъ гIахьаллъи гьабуна херазги, руччабазги, школалъул лъималазги, гIаммаб къагIидаялъ-киназго. РухIалда, яхIалда барахщичIого рагъда жигараб гIахьаллъи гьабуна нилъер районалъул халкъалъги.

Нилъер районалдаса КIиабилеб ВатIанияб рагъде ана ункъазариде гIагарун чи. Гьезул гIемерисел абадиялъего къанщана кьалул майданалда. Районалъул щибаб росулъ руго рагъде аразул, рагъдаса руссинчIезул рагъул гIахьалчагIазул сияхIал. Киналго рагъда гIахьаллъаразул, гьезул бахIарчилъиялъул, рагъда росарал бергьенлъабазул бицун нилъер хIал кIвеларо, амма якъинго лъалеб жо буго гIемер миллаталъулаб Совет Союзалъул рагъулал аскаралгун цадахъ лъугьун гьез бахIарчияб къагIидаялда кьаби щвезабуна тушманасда.

Бигьаго щвечIо нилъее бергьенлъи. Рагъул соназ фронталда букIаралъул бицун хIал гIоларо. Рагъда нилъ бергьана И.В. Сталинил нухмалъиялда гъоркь СССРалъул тIолалго миллатазул халкъазул цолъиялдалъун. Советиял рагъухъабазул ва тылалда ругезул рагъулабгун хIалтIулаб кьварараб гIадлу-низам, щибав рагъухъанасул бахIарчияб вагъи, сордо-къоялъулаб кIвахI гьечIеб хIалтIи, рагъухъабазда ва халкъалда гъоркьоб гьабураб бергьенлъиялде тIолго халкъ ахIараб патриотикияб пропаганда-гьеб ккола КIудияб Бергьенлъиялъул аслу. Амма жакъа къоялъ гьедин захIмат щвараб бергьенлъиялъул тарих БакътIерхьул пачалихъазгун СШАялъул тарихчагIазгун политиказ хисизабизе жигар бахъулеб буго.

Дунялалда тIад кидаго букIинчIо ва букIине рес гьечIо кинабго рахъалъан щвалде щвараб ритIухълъи бугеб пачалихъ. Улкаялъул къисмат бараб букIуна гьелъул нухмалъиялда. Н.С. Хрущев СССРалъул компартиялъул тIоцевесев секретарьлъун ккаралдаса нахъе жакъа къоялде щвезегIан тIагIунеб гьечIо И.В. Сталин каки. Сталин хун хадусала рачIаралщиназ къасд бахъулеб буго гьес бекьараб хуриса бачIинги бакIарун, ганчIал жанире рехизе. Гьелъул хIасилалда гьез кIвахI тун жигар бахъулеб буго жидерго политикияб карьера борхизабизе.

Рагъул заманаялъулги, хадусел соназулги щвалде щун бицинчIониги, къокъаб заманалда жаниб Сталинида кIвана улка промышленносталъул рахъалъан дунялалдаго тIад кIиабилеб бакIалде бачизе. БукIун батила улкаялда тIад гIадлу-низам щула гьабулаго, законал щвалде щвараб къагIидаялда цIунулаго, пачалихъалъул буголъи цIуниялъе гIоло гьарулел кадраби тIаса рищун тIамиязул тадбиразулъ Сталинил гIайибалдалъун ккарал репрессияби, гьелда инкар гьабиларо. Н.С. Хрущевасул тIадкъаял-далъун батIи-батIиял идарабаз кьурал баяназда рекъон, 1921-1952 соназда политикиял гIиллабазе гIоло тамихIалде цIаразул къадар 3,7 млн. бахун батани, Советияб пачалихъ биххун хадуб, Россиялъул халкъалъе ккараб ками лъабго нухалъ цIикIкIун рагIула.

Добавить комментарий

Добавлять комментарии могут только зарегистрированные и авторизованные пользователи. Комментарий появится после проверки администратором сайта.

91