Меню
16+

Сетевое издание «По новому пути»

22.03.2019 18:47 Пятница
Категория:
Если Вы заметили ошибку в тексте, выделите необходимый фрагмент и нажмите Ctrl Enter. Заранее благодарны!
Выпуск 11 от 22.03.2019 г.

ЦIун бачIаги

МагIарухъ ихдалил гIаламатал тIатарал байрамазул цояб ккола оцбаялъул байрам. Гьеб гIемерисез кIочене тараб умумузул байрамалдаса байбихьана исана Кутишаб ихдалил хIалтIаби. Умумузул абиялда рекъон, бачIинги тIорщелги гьарзалъиялъул балъголъи бугила, байрам тIобитIиялда бараб. Кин гьеб дандчIвараб, гьелда релълъун бачIинги бакIарулила хаслихъе.

ЦIун бачIаги

Кутишаб оцбаялъул байрам

МагIарухъ ихдалил гIаламатал тIатарал байрамазул цояб ккола оцбаялъул байрам. Гьеб гIемерисез кIочене тараб умумузул байрамалдаса байбихьана исана Кутишаб ихдалил хIалтIаби. Умумузул абиялда рекъон, бачIинги тIорщелги гьарзалъиялъул балъголъи бугила, байрам тIобитIиялда бараб. Кин гьеб дандчIвараб, гьелда релълъун бачIинги бакIарулила хаслихъе.

Марталъул 10 абилеб къоялда Кутиша росулъ тIобитIана тIоцебесеб ихдалил байрам Оцбай.

Байрамалде рачIарал къиматал гьалбадериреда гьоркьор рукIана БакътIерхьул Каспиялъул рахъалъул лъел идараялъул нухмалъулев ХIусейн Къурбанчиев, районалъул депутатазул Собраниялъул нухмалъулев Юсуп ГIалибеков, районалъул росабазул бегавулзаби ва цогидалги.

Кутиша тIобитIараб оцбаялъул байрамалда гIахьаллъана росдал бегавул Шамиль ШагIманов, гьес росуцоязда ва рачIарал гьалбадерида баркана ихдалил байрам ва росу-жамагIаталъе бечедаб бачIин щвагиян гьарана.

Байрам байбихьана мавлид ахIиялдалъун ва росдал бищун къиматав векьарухъанас тIоцебесеб рахъ бана. Хадуб, росуцоял майданалде ана ва бечедаб столалда нахъа данделъана. Гьенибго байбихьана цоцазде лъим тIеялъул гIадатги. Гьеб ккола бечедаб, цIадалаб, гьарзаяб сон букIагиян абулеб гIаламат.

Гьенирги кванан, кеп гьабун росулъе тIадруссана. Бихьинал хурир хIалтIулебгIан заманалда руччабаз лъималазе гьуинлъи бикьана. Рекериялъул къецал тIоритIана школлъималазда ва чIахIиязда гьоркьор. Цебе гIадин исанаги киназего бищун бокьулеблъун ккана херазда гьоркьоб тIобитIараб рекериялъул къец.

Бергьаразе сайгъаталъе рукIана, гIадатал чадил берцинго къачIарал, горал.

Ихдалил гIадатазда хурхарал байрамал Дагъистаналъул киналго гIадин районаздагун росабалъ тIоритIула. Гьеб ккола нилъер цересел гIадатал цIуни гуребги, рухIияб бечелъиги. Нилъее, бачIунеб гIелалъе, гьеб ккола умумузухъан щвараб ракьалъулги гIадамасулги тIей гьечIолъи бихьизабулеб гIадат. Нилъецаги гьеб цIунизе ккола.

Добавить комментарий

Добавлять комментарии могут только зарегистрированные и авторизованные пользователи. Комментарий появится после проверки администратором сайта.

6