Меню
16+

Сетевое издание «По новому пути»

08.02.2019 18:20 Пятница
Категория:
Если Вы заметили ошибку в тексте, выделите необходимый фрагмент и нажмите Ctrl Enter. Заранее благодарны!
Выпуск 5 от 08.02.2019 г.

Шамил имам ракIалде щвезавуна

Шамил имам ракIалде щвезавуна

Кавказалъул бахIарчиясул гIумрудул къисаги дарсалги

Лъабабилев имам Дагъистаналъулги Чачаназулги

1834 — 25 август 1859.

миллат – магIарулав.

Дин — ислам, суннит.

Гьавураб къо — 26 июнь 1797 сон, Генуб росулъ Унсоколо районалъул.

Хвараб къо — 4 февраль 1871 сон.

Вукъун вугеб бакI — БакъигIалда Мадинаялда.

Эмен — Денгав МухIаммад.

Эбел — Бахумеседо.

Руччаби — ФатIимат, Джавгьарат, Загьидат, ШугIайнат (Анна), Аминат.

Лъимал:

Васал — Джамалуддин, ГъазимухIаммад, Сагlид, МухIаммад-ШафигI, МухIа-ммад-Камил.

Ясал — Нафисат, ФатIимат, Нажават, Баху-меседо, Сафият.

Дагъистаналъул лъабабилев имам Шамил ракIалде щвезавиялъул рагьараб дарс тIобитIана Лаваша районалъул ХахитIа росдал гьоркьохъеб школалда.

Дарс хIадур гьабун букIана школалъул тарихалъул мугIалим Лиана Муталимовалъ. Гьениб гIахьаллъи гьабуна школалъул администрациялъ ва учительзабаз.

Тадбир байбихьана 7 классалъул цIалдохъабаз. Гьез цIакъ асар гьабулеб церерахъин хIадурун батана гьеб тадбиралде

Гъваридаб магIнаялъул доклад цIалана, Шамил имамасул къадруяб нухалъул бицун, Лиана Муталимовалъ. Шамил имамасул гIумруялъул, Кавказалъул тарихалда гьес тараб лъалкIалъул, Дагъистаналда ва Чачаналъ ислам тIибитIизабиялъулъ гьес бихьизабураб хIаракат-чилъиялъул хIакъалъулъ бицана гьелъ.

Имам Шамил хвараб къоялъул хIурматалда тIобитIараб гьеб тадбиралде хIадурун рукIана цIар арав бахIарчиясул гIумрудул нух бихьизабулел фотоальбомал ва гьединго рихьизаруна имамасул гIумруялъул нух рагьулел документалиял фильмал. Кутакалда Шамилил тарих ракIазулъе биун тIоледахъ рахъун ругоан гьел.

Школалъул завуч Ума АхIмадовалъ, тадбиралъул ахиралда, абуна цIакъ магIна бугел рагIаби: «Пикру гьабе, жакъа нилъ рихьаралани, кинаб бербалагьидай букIинаан Шамил имамасул? РачIа нилъеца хIаракат бахъизе, гьес нилъее гьабураб васияталда рекъон гIумру гьабизе».

Добавить комментарий

Добавлять комментарии могут только зарегистрированные и авторизованные пользователи. Комментарий появится после проверки администратором сайта.

19