Меню
16+

Сетевое издание «По новому пути»

01.02.2019 18:07 Пятница
Категория:
Если Вы заметили ошибку в тексте, выделите необходимый фрагмент и нажмите Ctrl Enter. Заранее благодарны!
Выпуск 4 от 01.02.2019 г.

РацIцIалъи цIунизе ккола гьитIинасги кIудиясги

26 январалда районалъул бетIер Шамиль Дабишеасул жигараялдалъун Лаваша районалда тIобитIана тIолгорайоналъул субботник. Субботникалда гIахьаллъи гьабуна 2000 ялдаса цIикIкIун чияс ва 27го росдаца.

РацIцIалъи цIунизе ккола гьитIинасги кIудиясги

26 январалда районалъул бетIер Шамиль Дабишеасул жигараялдалъун Лаваша районалда тIобитIана тIолгорайоналъул субботник. Субботникалда гIахьаллъи гьабуна 2000 ялдаса цIикIкIун чияс ва 27го росдаца.

Районалъул бетIерасул ахIиялда рекъон, росаби рацIцIине ккелин абураб пикруялъул рахъ ккуна киназго ва араб анкьалъул шамат къоялъ росабалъ ругел хъулухъчагIи, минабазул бетIергьаби ва школлъимал рахъана цебеккун жидее рихьизарурал бакIазда рацIцIалъиялъул гваялде. Абула рацIцIалъи-сахлъиялъул аслу ва иманалъул бащалъи кколин ва гьеб лъухьунеб бакIалда гуреб, хъублъи гьабулареб бакIалда букIунилан. ГIемерал руго рацIцIалъиялда хурхун абиял. Жидер мина-карталда рацIцIалъи чIезабуларев чи къанагIатги ватиларо, амма, кигIанго бокьичIониги, гьедин абизе кIоларо райцентралдаги росабалъги къватIазулги, нухазулги, росабазул рагIаллъабазулги бугеб хIал бихьидал. Гваялги тIоритIула, щибаб данделъиялдаги бицуна, санитарияб комиссиялъ рейдалги тIоритIула, амма кколеб хIасил заманалъулаб букIуна. Жалго лъугьун рацIцIалъи чIезабиялъул гваялде рахъунел дагьал руго Аслиял хIалтIаби унел рукIана нухал, къватIал рацIцIад гьариялда сверухъ. Гьенисан бакIарараб ришни-къул баччана хас гьарурал бакIазде ва бухIана. РакI бохулеб букIана хадусеб къоялъ росабалъ бугеб рацIцIалъи бихьидал, амма пайда щибха…

Щивас хIисабалде босизе ккола, жакъа нилъеца рацIцIалъи цIуничIони, метер экология хъублъулеблъи ва сезе гьеб нилъедаго данде багъулеблъи. КIочене бегьуларо тIабигIаталъ жиндие гьабураб заралалъухъ нилъедаса рецIел босичIого толареблъи.

Шамиль МухIамадовичас баркала кьолеб буго субботникалда гIахьаллъаралщиназе. «Районалда гIадатлъун билълъараб суботникал тIоритIе ккола – чIогояб мисал районалъул халкъ гъункараб букIиналъе. Щивас, субботникалда гIахьаллъарас, лъуна жиндир бутIа районалда рацIцIалъи ва берцинлъи букIиналъе.» — ян абуна Шамиль Дабишевас.

Добавить комментарий

Добавлять комментарии могут только зарегистрированные и авторизованные пользователи. Комментарий появится после проверки администратором сайта.

1