Меню
16+

Сетевое издание «По новому пути»

15.11.2019 18:41 Пятница
Категория:
Если Вы заметили ошибку в тексте, выделите необходимый фрагмент и нажмите Ctrl Enter. Заранее благодарны!
Выпуск 45 от 15.11.2019 г.

Нилъер Авараг Маккаялдаса ТIаифалде ин

Нилъер Авараг Маккаялдаса ТIаифалде ин

Авараглъи кьун анцIабилеб соналъ Хириясул имгIал АбутIалиб ва чIужу Хадижат Аллагьасул къадаралде щвана. Салат-салам лъеяв Аварагасе гьезул букIараб кумек-квербакъиги къурайшиязул капурзабаздаса цIуниги бицине кIоларебгIанги кIудияб букIана. Гьединлъидал гьеб соналда Хирияс пашманлъиялъул сонин цIар тана.

АбутIалиб хун хадуб Къурашияз Хириясе гьев чIаго вугеб мехалъ гьезда ракIалдецин кколареб гIадинаб гIакъуба кьуна. ХIатта, гьезул цо гIабдалас гьесие нух ккуна ва гьесул ботIроде ракь бана.

Цинги Къурайшиязул зарал гIорхъолъа индал, исламалде рачIине гьезул хьул гьечIолъиги бихьарав салат-салам лъеяв Авараг Сакъиф абураб къапилаялдаса кумек тIалаб гьабун, гьел исламалде рачIинин абураб хьулалда, ТIаифалъул рахъалде валагьун, къватIиве вахъана. ТIаиф шагьар Маккаялдаса гIага-шагарго лъабкъоялда анцIго километраялъ рикIк1ада ккола. ТIаифалде щведал, Хирияв Сакъифазул бади-кIалдисел чагIаздехун вуссана ва аскIов гIодовги чIун, гьел Аллагьасул нухалде ахIана. Амма гьез гьесул ахIи квешаб къагIидаялъ нахъчIвана, тIад релъун, хIакъирги гьавуна. Гьеб гIечIелъубе жидерго гIабдалзабиги лагъзалги гьесизаруна гьесде семун ахIдезе ва гамачI-къоно тIаде базе.

Къварилъиялъ тату хвезабурав Хирияв цо чамасдакIил гъотIокь гIодов чIана. Ширкалъул агьлуялъул рахъалдасан рихьарал заралазул бищун кIудияб зарал Хириясда ТIаифалъул агьлуялдасан бихьана. Гьесул нухда кIиго мухъ гьабунги чIун ТIаифалъулаз гьесул хIатIал, ганчIил цIад базабун, бидухъ разаруна.

Салат-салам лъеяв Аварагасухъе гьеб мехалда Аллагьасул рахъалдасан Жабраил малаик вачIана. Гьес салат-салам лъеясдаса тIалаб гьабулеб букIана ТIаифалъул кIиябго рахъалда ругел мугIрул гьезда тIаде тIезаризе изну. Гьезул мугъзал гьодилъан Аллагьасде иманги лъолел ширкги гьабуларел наслаби лъугьинин жиндир хьул бугинги абун, Хирияс гьесие изну кьечIо.

Багинуса ШугIайб Афандияс жиндирго «Къалаидулжавагьир» абураб гIажам тIехьалда хъвалеб буго гьадин: «Аллагьас мугIрузда тIад тарав малаикас гIодилаго салат-салам лъеясда абунила гьанже хIакълъанила жиндие Мун умматалда гурхIел цIикIкIарав, гьезие рахIмат бокьулев абун, сифат гьабурав Авараг вукIин».

ТIаифалда вукIаго, гьединаб хIалалда салат-салам лъеяв Авараг вихьарал РабигIатил лъимал ГIутбатидаги Шайбатидаги яхI-намусалъ кверщел гьабуна. Гьез жидерго насранияб диналда вукIарав лагъ ГIаддасида абуна тIотIодаги лъун, цIолбол гъабу кванайин абун. Дов Чиясе кьезе айин абун. ГIаддас малъухъе амру тIубазабизе ана ва Хирияс бицунелдеги гьесул тIабигIатаздасан бихьаралдеги балагьун, бусурманлъана.

ТIаифалъул агьлуялдаса хьул къотIарав салат-салам лъеяв Авараг Маккаялде нахъвуссана. Гьесул къавмги дагьабги кутакалда гьев хIакъир гьавулел, тIад релъулел ва гьесдехун тушманлъи гьабулел рукIана.

Хириял бусурбаби, балагье, чан мисалги, чан дарсги нилъее бугеб салат-салам лъеяв Аварагасул гIумруялда жаниб?

Имамзабазе диниял церехъабазе гIадамазул, гIаммаб халкъалъул хасго росуцоязул гIагарлъиялъул кьибил-тухумалъул хъачIлъи, чIухIи, гIамал-кIодолъи хIехьеялде ахIулеб мисал буго гьаб Хириясул ТIаифалде гьабураб сапаралда жаниб. Гьединго пикру гьабизе ккараб мисал буго данде зарал гьабизе кIолеб букIингун, цадахъ заралги гьабичIого, тIаса лъугьун тейги. Жегиги пикру гьабизе ккараб мисал буго Хирияс рагъ гьабичIого кIалзул дагIват гьабунщинаб заман.

Добавить комментарий

Добавлять комментарии могут только зарегистрированные и авторизованные пользователи. Комментарий появится после проверки администратором сайта.

8