Меню
16+

Сетевое издание «По новому пути»

03.08.2018 17:45 Пятница
Категория:
Если Вы заметили ошибку в тексте, выделите необходимый фрагмент и нажмите Ctrl Enter. Заранее благодарны!
Выпуск 30 от 03.08.2018 г.

Вагьабизм ва гьелъул хIакъикъат

Вагьабизм ва гьелъул хIакъикъат

Хадур гIунтIизе захIматаб, лъица щиб гьабулеб бугебали лъалареб, цо-цо къосарал къукъабаз гьереси уяблъун ккезабизе, хIакъикъияб гьересилъун бихьизабизе жигар бахъулеб, инсанасул гlумруялъул капкил гIанги багьа гьабулареб, чIвай-хъвей цIикIкIараб, питнаби гIемерлъараб заман буго гьаб. Радио-телевизоралдасаги гIeмep кьола, газетаздаги гIeмep хъвала, рокъобгун къватIахъ гIадамазги гIeмep бицунеб букIуна доба кибалиго мина, тIад гlадамалгун машина кьвагьизабун бугилан, гъоркьлъалие гIадамал ккун, чIван, рикъун рагIулиланги. ГIемерисеб мехалда гьел нахъегIанал къасдал гIумруялде рахъинарурал чIвадарухъабазда террористазда aскIop рехсон pyкIунa вагьабиялги. Щал ва киса раккарал чагIиха гьел кколел, вагьабиял? Гьезул тарих байбихьанин абизе бегьула Англиялъул къватIисел улкабазулгунисел ишазул Министерствоялъул колониязе нухмалъулеб отделалда цебе хасаб идара хIалтIизе лъугьаралдаса. Дунялалъулго бечелъабазда тlад кверщел гьабизе Англиялъул нухмалъулел сверабазул мурадазе квалкваллъун букIана ислам ва гьеб билълъанхъизабулел пачалихъал. Гьединлъидал ХVIII гIасруялъул байбихьуда гьез xIукму гьабуна жанисанго ислам чучлъизабизе, гьелда хадур рилълъунезда гьоркьоб рикьи ккезабизе мурадгун бусурбабазул улкабазде нус-нус жасусал ритIизе. Гьелде цебеккунго гьабуна лъикIаб хIадурлъи: малъана Къуръан, лъазаруна исламалъул рукнаби. Англиялъул жасусазда гьоркьов вукIана Хемпер абулев чи. Гьесул макруяб гудракье ккана ГIиракъалъул Басра шагьаралда гIелму цIалулев вукIарав ГIабдулвагьабил вас МухIамад. Гьев гIолохъанчи вукIана жиндасаго живго чIухIарав, цIикIкIун жо лъалевлъун живго рикIкIунев, чорхолъ иман щулалъичIев чи. Гьелъ бажарана Хемперида гьесул бетIер сверизабизе, жиндаса бергьарав гlалимчи цоги гьечIин абурал макруял реццбакъалъул маргьуязда гьев божизавизе. МухIамадил рекIелъе нух рагьун, гьесул бищунго божарав гьудул-гьалмагълъун чIун хIатта цадахъ гIелму лъазабизе лъугьун ингилисас гьев дагь-дагьккун къосиналъул нухде вачана, исламалъ какарал пишабазде вазавуна. Узухъда, камичIо гьесул нух тIaca бищарал, гьесда хадур рилълъунелги. Живго МухIамадил эмен ГIабдулвагьаб вукIана лъикIал гlалимзабаздаса цояв. Гьес абулеб букIун буго гьав жиндир вас МухIамад нахъа къосизе вугин ва гьес гIемерал гIадамалги къосизаризе ругин. Гьединго вац Сулайманицаги нахъчIвалеб букIун буго МухIамадил пиша. Гьелъул хIакъалъулъ гьес тIехьги хъван буго. Щиб хьвадизабулел чагIиха гьел вагьабиял кколел? Гьез хварав чиясул хабада Къуръан цIализе, гьесда хадуб садакъа-хайрат гьабизе биччаларо, вализабазул, шайихзабазул хабалазда зиярат гьаби гьукъула, тIарикъат нахъчIвала, гьеб хlалтIизабулел муридзаби мушрикинал-капураллъун рикIкIуна. Гьез ункъавго имамги, гьезул мазгьабалги малъуларо, гьезул рагIуда нахъ рилълъунаро. ГIабдулвагьабил вас МухIамадица жинда нахърилълъунел чагIи нахъ чIвалел рукIун руго аварагасде (c.гI.т.c.) свалат битlиялдаса, фикъгьиялъул, тафсиралъул, хIадисазул тIахьал цIалиялдаса. Гьез Къуръаналъул магIнаги гьабулеб букIун буго жидеего бокьараб къагIидаялъ. ХIатта гьезул цо-цояз гьаб жиндир гIaнca МухIамад аварагасдаса (c.гI.т.c.) лъикIаб бугин, гьебни борохь-жо чIвазениги пайдаялъе батулин, аварагин абуни хун вугин, гьесул пайда щибинцин абулеб букIун буго. Гьале ГIабдулвагьабил вас МухIамад хун 2 сон буго, амма Басра шагьаралда гьесул квербакъигун Англиялъ чIараб зазил хъарахъалъ жакъаги кьогIаб пихъ кьолеб буго. Бицунеб хабар хисаниги, хIалтIул къагIидаби батIиял тIaca рищаниги, масъалаби долго руго дунялалда тIад кверщел гьабизе БакътIерхьул рахъалъул къасдазе аслияб квалкваллъун бугеб ислам чучлъизаби, бусурбабазул агьлуялда гьоркьор рикьалаби лъугьинари, питна бекьи. Жакъа гьеб мурадалъе харж гьарулел руго нус-нус миллионал долларал, гьелъие хIалтIизабулеб буго пропагандаялъулабгун агитациялъул тIолабго гуч. БакътIерхьул идеологаз жигар бахъулеб буго исламги террорги цогояб ишлъун бихьизабизе, бищунго ракълилаб, сабруялде ахIулеб диналдаса дунялалъул миллионал гIадамазул ракI буссинабизе. Жакъа БакътIерхьул рахъалъ вагьабизмалъул хIаракаталдаса пайда босулеб буго россиялда питна бекьиялъеги улкаялъул цоголъи биххизабиялъеги. Гьеб нилъеда якъинго бихьула Северияб Кавказалда бугеб ахIвал-хIалалдасаги, Чачаналъул мисалалдасаги, гьелъие гвангъарал мисалаллъун руго 1999 соналъул августалъулал лъугьа-бахъиналги. КигIанги щулиял кьалбал риччан руго вагьабизмалъ Дагъистаналдаги. Гьез жидерго хIалтIул къагIида хисизабун буго, цIодорго хIалтIулел руго, улкаялда ругел захIмалъаби, цо-цо тIадчагIазул мекъал, законалде данде кколарел ишал, нилъерго хIалтIулъ ккарал гъалатIалги хIисабалде росун жидерго кьеразулъе цIия-цIиял гIадамал, хасго гIолилал цIалел руго. 1999 соналъул лъугьа-бахъиназ гьел кантIизарун гьечIо, нилъеда гьоркьорги pyкIун жидерабго гьабулел руго. Гьединлъидал улкаялъул халкъалъул къисматалъул ургъел гьабулев щивав чиясда тIадаб буго вагьабизмалъул гьод бекизабиялъе, гьелдаса общество бацIцIад гьабиялъе жиндихъа бажарарабщинаб гьабизе.

Добавить комментарий

Добавлять комментарии могут только зарегистрированные и авторизованные пользователи. Комментарий появится после проверки администратором сайта.

5