Меню
16+

Сетевое издание «По новому пути»

10.08.2018 17:01 Пятница
Категория:
Если Вы заметили ошибку в тексте, выделите необходимый фрагмент и нажмите Ctrl Enter. Заранее благодарны!
Выпуск 31 от 10.08.2018 г.

Аралда туманкI речIчIани, бачIунелъ гIарада балеб

Гьаб заманалда бусурбабаздехун рокьукълъи загьир гьабулезул гьаракь борхалъараб мехалда, цо-цо «гIалимзабаз» хIаракат бахъулеб буго исламалъул нухккурал лъавукъал ва щибго жо бажаруларел чагIи рукIараблъи ва ругеблъи бихьизабизе. ХIакъикъатин абуни тIубанго гIаксияб букIин, гьайгьай, хIакъаб буго, ва гьеб гьедин бугеблъи бусурбаби рихараздаги лъала. Амма лъаниги, гьезул мурад батIияб бугелъул, гьединаз хIаракат бахъула хъахIаб чIегIераблъун бихьизабизе.

Аралда туманкI речIчIани, бачIунелъ гIарада балеб

Гьаб заманалда бусурбабаздехун рокьукълъи загьир гьабулезул гьаракь борхалъараб мехалда, цо-цо «гIалимзабаз» хIаракат бахъулеб буго исламалъул нухккурал лъавукъал ва щибго жо бажаруларел чагIи рукIараблъи ва ругеблъи бихьизабизе. ХIакъикъатин абуни тIубанго гIаксияб букIин, гьайгьай, хIакъаб буго, ва гьеб гьедин бугеблъи бусурбаби рихараздаги лъала. Амма лъаниги, гьезул мурад батIияб бугелъул, гьединаз хIаракат бахъула хъахIаб чIегIераблъун бихьизабизе.

РачIаха, бусурбабазул гIалимзабаз батIи-батIияб заманалда, батIи-батIиял гIелмиял бутIаби церетIезариялъулъ лъураб лъалкI бихьизабизе. Гьебгиха, Европа лъавукълъиялъул ва бецIлъиялъул нухда букIараб мехалда. Абизе ккола, исламиял гIалимзабазул кумекалдалъун цебетIеялъул нухде гали бегьанин Европаялъиланги.

ГIелму – гъветI, гIамал — пихъ

ГIелму цебетIезе ккани, хIажалъула кагъат. Гьебгиха, гIемераб кагъат. Гьединаб куцалда кагъат гьабизе къваригIуна фабрика. Гьебги бичIчIун, 794 соналда Багъдадалда тIоцебе гьединаб фабрика барав чи ккола ибн Фазил (739-805). Гьев вукIана доб заманалда халиплъун вукIарав Гьарун Рашидил вазирасул вас. Гьеб заманалда европаялъулазда кагъат гьабулеб къагIида лъазего лъалароан. Хадуб гьединабго фабрика бана Египеталда (800 сон) ва Андалусиялда (950 сон). Кагъат гьабулеб фабрика 1100 соналда бана Византиялда, 1102 соналда – Сицилиялда, 1228 соналда Германиялда ва 1309 соналда – Англиялда. ХIакъаб жо, кагъат гьабулел фабриказул кIудияб кумек ккана гIелму цебетIезабиялъе, батIи-батIиял тIахьал хIадур гьариялъе. 891 соналда цохIо Багъдадалда рукIана тIахьал хъвалезул 100-ялдаса цIикIкIун чи. Ал-Вакъиди (747-823) абурав машгьурав тарихчи хведал, гьесул нахъарокъоб батун буго 600-ялдасаги цIикIкIун гIелмияб тIехь жаниб бугел гъансал. Щибаб гъансил бакIлъиялъул х1акъалъулъги бицуна гьеб щуго чиясда хIалица гурони багъаризабизецин кIолеб букIинчIолъиялъ. АнцIабилеб гIасруялда гIумру гьабун вукIарав СахIип бин ГIибадал библиотекаялда рукIун руго доб заманалда Европаялъул тIолалго библиотекабазда рукIараздасаги цIикIкIун тIахьал.

Бусурбабаз гIелму цебетIезабиялъулъ лъураб бутIа борцун хIалкIолеблъун букIинчIо. Гьел сундулго рахъалъан рукIана цебесеб кьерда ва медицина, физика, математика, химия, гьединго цогидалги гIелмабазда росана чIахIи-чIахIияб бергьенлъаби. Масала, местIер ва философ ибн Синал (Авиценна) хIакъалъулъ рагIичIев чи дунялалдаго ватиларо. Гьесул «Къанун» абураб тIехь кколаан медицинаялъул бутIаялда хIалтIулелщиназ пайда босулеблъун. 600 соналъ гьеб тIехьалдаса гIелму лъазабулаан Европаялъул университетазда цIалулезгун хIалтIулез.

Медицина

Гьесдего вахарав чилъун рикIкIуна тIадерахъиялъул хIакъалъулъ тIоцересел хIалтIаби хъварав Разиги (864-925). СултIан ФатихIил мугIалим Акшамсудиница (1389-1459) тIоцебе хъвана микробазул хIакъалъулъ. Азарго соналъ цебе барас унтул ва гьеб сах гьабулеб къагIидаялъул хIакъалъулъ бицана ибн Жассарица. Ибн ХIатIипица (1313-1374) гIелмияб къагIидаялдалъун чIезабуна къавуда, бахунеб унти кколеблъи.

Гьеб гуребги, беразул унтабазул ва гьел сахгьарулел къагIидабазул хIакъалъулъ хъварал чагIиги ккола бусурбаби. Ибн Рушдица (1126-1198) ва ХI гIасруялда гIумру гьабун вукIарав ГIали бин ГIисаца беразул унтабазул хIакъалъулъ хъвараб «Тазкира» абураб тIехьалдаса пайда босулаан гьанже нахъалъизегIанцин.

ИчIго гIасруялъ цеве вукIарав ГIаммар абурав гIалимчияс берал унтаразе гьабулаан операция. ГIали бин ГIабасицайин (994 соналда хвана) абуни ракалъ унтарал сахгьарулаан, операцияги гьабун. Гьесул «Китабул Маликил» абураб тIехьалъ жакъаги тамашалъизарула гIалимзаби.

Абулкъасим аз-Захравица (963-1013) хирургия хасаб гIелму кколеблъиги чIезабун, ургъана операция гьабиялъе хIажалъулеб 20-ялдасаги цIикIкIун тIагIел ва мухIканго бихьизабуна щиб сундуе хIажалъулебали.

Ибн Нафисица (1210-1288) европаялъулаздаса 300 соналъ цебе бихьизабуна би хьвадулеб къагIида, ва гьеб лъугьана хадусеб гIелалъе цIакъго къиматаб хазиналъун.

Гьединго, 706 соналдаго Димашкъалда (Дамаск) рагьун букIана больница. Европаялъулаздайин абуни больница щиб жо кколебали доб заманалда лъалебцин букIинчIо. 978 соналда гьеб больницаялда хIалтIулел рукIана 24 батIияб махщалил тохтурзаби. ХI гIасруялда Къагьиралдаса (Каир) гIалим ГIали бин Ридваница бетIерлъи гьабулаан тохтурзабазул гIуцIиялъе ва гьес хъвараб гIелмияб хIалтIудаса жакъаги пайда босула гьанжесел тохтурзабаз.

Математика

Математикаялъул гIел-муялдаги кIудияб бутIа лъурал чагIи ккола бусурбабазул гIалимзаби. Масала, профессор Жак Рислерица хъвалеб буго: «Бусурбаби ккола математикаялъул гIалимзаби», — ян. Цогидав профессор Е. Ф. Готьеца хъван буго: «Алгебра гуребги, математикаялъул цогидал гIелмабиги Европаялда церетIуна бусурбабазул кумекалдалъун. Гьединлъидал жакъасеб математикаялда абизе бегьула исламалъул математикайин», — илан.

Масала, Европаялъ росараллъун ккана бусурбабаз ургъарал тарихал. Жиндир заманалда хIалтIизаризе захIматал румазул тарихалги тун, европаялъулал рачIун рукIана «Индиялъул тарихазде». Хадур къабул гьаруна гIарабазул тарихалги. ТIоцебе гьел тарихал хIалтIизаруразул цояв ккола Леонардо Фибоначчи (1170-1240). Северияб Африкаялде щведал, гьесие гIемераб гIелму щун буго гIарабаздасан. «0» тарихин абуни тIоцебе хIалтIизабуна ХIаризмаца (780-850) ва гьелдалъун кьучI лъунин абизе бегьула алгебраялъе. Алгебраялъул рахъалъ гьес тIоцебе хъвараб тIехьалда цIарги букIана «Ал-Жабр ва-л-Мукабала» абураб. БакътIерхьул улкабазда гьеб тIехьалда абулаан къокъго — «Ал-Жабр» абун. Гьелъул цIаралдасан бачIараб буго «Ал-гебра» абураб рагIиги.

Математикияб гIелмуялъе кьучI лъуразул цояв ккола Баттани (858-929) абурав бусурбанчи. Жак Рислерил рагIабазда рекъон, Баттани кколев рагIула тригонометриялъул «эменлъунги». Синус – гьебги ккола исламиял гIалимзабаз ургъараб жо. Гьез гьеб терминалда абулаан «Жайб» абун. Тригонометриялъул «тангенс», «котангенс», «косинус» гIадал терминалги нилъее ирсалъе щвана исламалъул математик Абул Вафадаса (940-998). Тригонометриялъул гIелму загьир гьабуразул цояв вуго Насредин Туси (1201-1274). Тригонометриялъул формулабазул бетIергьанин абуни ккола ибн Юнус. «Бином Ньютона» абураб формула ургъаравги Ньютон гуро. Гьеб ургъарав чи вуго машгьурав шагIир ГIумар ХIайям (1048-1123). «Дифференциалги» Ньютонида батичIеблъи чIезабуна гIалимзабаз. Гьеб тIоцебе батарав ккола Сабит бин Кура (901). Цо-цояз абула Декарт кколин (1596-1650) геометрия арифметикагун жубазабурав чийилан. ХIакъикъаталдайин абуни, гьеб жубазабурав чиги ккола Сабит бин Кура. АнцIилал дробал ва гьел хIалтIизарулел къагIидабазул хIакъалъулъ тIоцебе хъвана Гиясюдин Жемшидица (1429). Арифметикаялда запятая хIалтIизабуравги гьевго вуго.

Астрономия

Щибаб исламияб улкаялда букIанин абизе бегьула обсерватория. Гьенир хIалтIулез нахъе-тарал гIелмиял хIалтIабаздаса пайда босулаан гьанже нахъаги. Парангазул машгьурав профессорас абун буго: «Математикиял гIелмабаздаго гIадин бусурбабазул астрономазги тана цIакъго кIудияб лъалкI», — ан. Гьедин абиялъе гIиллаги ккола тIоцебе бусурбабаз ургъараб букIин астролябия. Гьеб гIелмуялъул кумекалдалъун кIола цIваби ругеб бакI, гьезда гьоркьоб бугеб манзил борцине. Гьеб гIелмуялда тIасан тIоцересел хIалтIаби хъварав чиги ккола Машаалагь абураб цIаралда гъоркь машгьурлъарав бусурбанчи. Астролябиялъул цIияб тайпайин абуни ургъана аз-Заркалица (1029-1087). Дунял шар гIадинаб гургинккараб формаялъул букIинги бусурбабазда лъалаан, гьелъул хIакъалъулъ европаялъулазда щибго лъалеб букIинчIеб заманалдаго. Дунял гургинаб букIинги ва гьеб жиндирго хIосалда ва бакъуда сверун сверулеб букIинги чIезабун букIана Бируница (973-1051). Гьебгиха, гьединаб цIирагьи Коперникица гьабилелде 500 соналъ цебеккун. Гьединго Бируни ккола ракьалъул диаметр борцарав гIалимчиги. Гьебго заманалда ракьул горсверуда бугеб манзил борцарав ккола Х гIасруялда гIумру гьабун вукIарав МухIаммад бин Муса. Ал-Ферганицайин абуни чIезабуна бакъуда тIад тIанкIал ругеблъи. Цогидав астроном Ал-Баттаница (877-929), европаялъулазда гьев лъала Албатегнус абун, Х гIасруялдаго гIуцIун рукIана астрономиялъулал таблицаби.

Халиплъун ва гIалимчилъун вукIарав Улугбегица (1394-1449) Самаркандалда бан букIана кIудияб обсерватория. Гьелъул ва гьединалго цогидалги обсерваториязул кумекалдалъун исламиял гIалимзабазда лъалаан бакъ-моцI кида кквезе бугебали ва гьеб кквеялъе гIиллаби. Гьезул хIалтIабаздаса жакъаги пайда босула астрономаз.

Гьайгьай, гьединал, ай астрономиялъул гIелмуялда цIар тарал гIалимзаби бусурбабазул гIемер рукIана. Гьел киназулго цIарал ва гьез ургъарал жалазулгун хIалтIабазул сияхI гьаниб хъван хIалкIоларо.

Физика

Физикаялъул бицунаго, тIоцебе ракIалде вачIуна ХII гIасруялъул ахиралда гIумру гьабун вукIарав ИсмагIил ал-Жазари. Гьев рикIкIуна гьанжесеб кибернетикаялъул «эменлъун». Ибн ХIайсамица (965-1051) хъвана дунялалдаго цIар рагIараб «Горюнтюлер Китаби» абураб хIалтIи ва гьев ккола физикаялъул цо бутIалъун кколеб оптикаялъе кьучI лъуравлъун. Гьесул хIалтIудаса пайда босулаан Европаялда рукIарал гIалимзаби Бэконица, Кеплерица, Леонардица ва цогидазги.

Фараби (870-950) абулев гIалимчияс баян кьуна гьаркьие, ай бихьизабуна физикаялда гьеб щиб кколебали. Ибн Карара (хвана 1100 соналда) ккола тIоцебе харатIалъул станок ургъарав чи. Инсанасда воржине кIолеблъи чIезабулеб букIана ИсмагIил ЖахIравица (950-1010). Амма гьесул анищ гIумруялде бахъинчIо, битIун гIелмуялъул завалалде вахиндал къадаралде щвеялда бан. Гьесул анищин абуни гIумруялде бахъинабуна Хезарфен АхIмад Челебица ХVII гIасруялда. Гьес ургъараб алаталъул кумекалдалъун инсан гьаваялдасан воржана Истамбулалда. ХIасан Челебийин абуни рикIкIуна ракетаби ургъиялъе кьучI лъуравлъун. Ракетаялъе хIажалъулеб цIатариялъул кумекалдалъун «зодове» воржарав гIалимчи ккола гьев. Гьев зодове воржараб къо букIана Султ1ан Мурадие яс гьаюраб къо. Эвлия Челеби абулев гIалимчияс хъвалеб буго ХIасаница гьаваялде вахъунелъул ахIанила падишагьасде, мун толев вугин БетIергьанасда божилъи гьабун. Саламатаб манзилалъги боржун, гьев тIад рекIараб алат, гамачI гIадин ракьалде бортун бачIунеб мехалда, киназдаго ракIалде ккун букIун буго гьанже гурони гьанже гьев ракьалда речIчIилин. Амма ХIасаница, жинцаго ургъараб парашютги рагьун, гьев бигьаго рещтIун вуго ракьалда. СултIанасде аскIовеги вачIун гьес махсара гьабун буго ГIиса аварагас салам битIанин дудейиланги абун. «Планер» тайпаялъул боржунеб алат ургъарав чийин абуни ккола ибн Фирнас. Гьебгиха 850 соналда. БакътIерхьул Европаялдайин абуни вацал Райтал тIоцере «зодоре» роржана гIицIго 1903 соналда. Физикаялъул тIахьазда хъван батула ракьалъул жиндего тIаде цIалеб хасият букIин тIоцебе Ньютоница загьир гьабунин. Амма, тарихалде раккани, гьелъул бицунеб буго Ар-Рази, ал-Беруни ва ал-Хазини гIадал гIалимзабаз. Гьединлъидал, ракIчIун абизе бегьула ракьалъул щибго жо тIаде цIалеб хасият букIин бусурбабазул гIалимзабаз Ньютон гьавилалдего чIезабун букIараблъи. СагIтил хьвади рекъезабулеб чарх, ай маятникалъулаб сагIат ургъарав чи Галилей (1564-1642) вугин бицуна школазда. ХIакъикъаталдайин абуни гьединаб сагIат ургъарав чи ккола ибн Юнус (1009 сон).

Ал-Хазинил хIакъалъулъ нилъеда гIемераб жо лъаларо. ХI-ХII гIасрабазда гIумру гьабун вукIарав гьес хъвараб «Мизанул ХIикмат» абураб тIехь рикIкIуна цIакъго машгьураблъун. Гьесухъа бажарун буго гIемерал веществабазул бакIлъи борцун. Бируницайин абуни (978-1051) 18 веществоялъул гурони бакIлъи борцун букIинчIо. Гьесго борцун букIана гьаваялъул массаялъулги объемалъулги гьоркьоблъи. Атомалда гъорлъ кутакаб къуват бакIарун букIиналъул ва гьелъул ядро бихх-биххун ине рес бугеблъиялъул хIакъалъулъ тIоцебе хъварав чи ккола Жабир бин ХIаян (721-805). ГIалимзабаз гьев рикIкIуна «химиялъул эменлъун». ХIII гIасруялда гIумру гьабун вукIарав КъутIбудин Ширазица, Декартидаса 300 соналъ цебе гIелмияб къагIидаялъ баян кьун букIана нур чIеялъе букIунеб гIиллаялъе. ЗагIипал электромагнитниял къуватазул хIалтIи рагIалде бахъинабизеги кIвечIого хварав Эйнштейнил (1879-1953) гьеб иш гIумруялде бахъинабуна бусурманав гIалимчи ГIабдусаламица. 1979 соналда гьев мустахIикълъун вукIана Нобелил премиялъул лауреат абураб цIаралъеги.

Химия

Жабир бин ХIаянида (721-805) абулаан «химиялъул эменилан». Гьевин абуни машгьурав вуго гьесдаса хадуб заманалда гIумру гьабун рукIарал гIалимзаби Пристлидаса (1733-1804) ва Лавуазьедаса (1743-1794). Европаялъулазда лабораториял щал жалалицин лъалареб заманалда, гьес ран рукIана лабораториял ва гьенир гьарурал гIелмиял цIех-рехаздалъун дунялалдаго цIарги рагIана бин ХIаянил.

ЦIар рагIарав химик ккола Абубакар ар-Рази (864-925), европаялъулазда гьев лъала Разес абураб цIаралда гъоркь, тIоцебе сераялъул кис-лота ва бацIцIадаб спирт ургъарав чи хIисабалда. Брандтидаса цебе гьесда лъана фосфор гьабизеги. ГIарадабазе тункIихер ва гумпараби ургъаралги ккола бусурбаби. Миномет ургъана ФатихIица (1432-1481).

География

Географиял гIелмабазда абадияб лъалкI тараллъунги рехсола бусурбаби. Масала, Эвлий Челеби (1611-1682) ва ибн Батут (1304-1369) ккола дунялалдаго цIар рагIарал гIалимзаби ва бицун хIалкIолареб гIелмуялъул гвангъараб чирахъ наслабазе тарал чагIи. Христофор Колумбица (1446-1506) хъвалеб буго Америкаялъул хIакъалъулъ жинда лъанила бусурбабазул гIалимзабаздасан. Хасго жиндие кумек кканила ибн Рушдил тIахьазул. Масала, ал-Бируница (973-1051) Америкаялъул хIакъалъулъ хъван буго анцIила цоабилеб гIасруялъул авалалдаго. Васко де Гамада Индиялде (1497-1499) нух малъарав чи ккола гамил капитанлъун вукIарав ибн Мажит. Гьес ургъарал прибораздаса пайда босулаан европаялъулаз. Ал-Идрисица (1100-1166) 800 соналъ цебе бахъана дунялалъулго карта ва гьеб рикIкIуна гьанжесел картабазда цIакъго релълъараблъун. Америкаялъул картайин абуни бахъана Пири Раисица 400 соналъ цебе. Гьесдасаги 52 соналъ цебе КIудияб (Средиземное) ралъдал карта ургъарав географ ккола Ибрагьим абурав бусурбанчи.

Ботаника ва зоология

Гьоркьохъел гIасрабазда гIумру гьабун вукIарав цIар рагIарав ботаник ва фармацевт ибн БайтIарил (1190-1248) хIалтIабазулъ батула 1400 чIахI-хералда цIар ва кинал унтабазе гьел хIажалъулелали хъван. Гьесул тIахьаздаса пайда босулаан 300 соналъ. ХIV гIасруялда гIумру гьабун вукIарав Демирица хъван буго 1069 рухIчIаголъиялъул хIакъалъулъ ва гьев рикIкIуна зоология цебетIезабиялъулъ бергьун кIудияб бутIа лъурав гIалимчилъун.

Тарих ва архитектура

Философиялъул тарихалда ибн ХIалдун (1332-1406) машгьурлъана «социология» абураб гIелмуялъе кьучI лъурав чи хIисабалда. Гьесул хIалтIабазулгун лъай-хъвай гьабун хадуб, Европаялъул гIалимзабаз гьесда абулаан «ГIарабазул Монтескье» — йилан.

Жиндир заманалда дунялалдаго машгьурав ва жинде вахарав цогидав чи гьечIев архитектураялъул гIалимчи вукIана Хважа Синан (1489-1588).

ХадурагIи

Гьанир рехсарал гIалимзабазул къадар ккола цIакъго дагьаб. Гьелин абуни бусурбабазда гьоркьор гIемер рукIана. Гьезул заманалда бусурбаби рикIкIунаан гIелмуялда тIадчIарал, жидерго ишалъе ритIухъал гIадамаллъун.

Гьанже нахъагицин Европаялъул гIалимзабаз гIажаиблъи гьабулаан гьез ургъарал ва рахъарал гIелмиял жалазулгун лъай-хъвай гьабидал. Гьез канлъи кьунин абизе бегьула Европаялъе. Амма гьезул гIелмиял хIалтIабазул кьучIазда жидерго цIарал машгьур гьаруралги гIезегIан ккана.

Бидул хьвадиялъул бицунаго, ракIалдещвезавула Гарвей (1578-1657); планетабазул хьвади рагьаравлъун рикIкIуна Кеплер (1571-1630) ва Коперник (1473-1542); бокьараб жо тIаде цIалеб къуват ракьул букIин Ньютоница (1642-1727) чIезабунин малъула гьабсагIатги; атомалъул «эменлъун» рикIкIуна Эйнштейн (1879-1955). ХIакъикъаталдайин абуни гьел киналго руго рехсарал гIалимзаби гьарилалдего бусурманал гIалимзабаз рагьарал ва ургъарал гIелмаби.

Доб заманалда гIалимзабазда гьоркьоб цIакъ машгьураб жолъун букIун буго цоцазул гIелму бикъи. Масала, Африкаялдаса КъунстIантIин (1016-1087), исламиял улкабазда медицинаялъул гIелмабиги лъазарун вачIана Европаялде ва гьесул «хIалтIаби» машгьурлъун рукIана «Либер Пантегни» абураб цIаралда гъоркь. 40 соналда жанир гьесул хIалтIаби рикIкIунел рукIана кутакалда кIвар бугеллъун. Амма Европаялдаса Стефан абурав гIалимчияс чIезабуна гьев «цIогьор» кколевлъи ва гьел хIалтIаби 994 соналда хварав ГIали бин ГIабасил «Китабул Малики» абураб тIехьалдаса хъварал рукIин. Лъидаго рачIел гIалимзабаз гьарурал цIех-рехазул хIасилалда баянлъана батIи-батIиял гIелмаби церетIезариялъулъ бищун кIудияб бутIа лъураллъун бусурманал гIалимзаби кколеллъи. Гьебги кьучI гьечIеб хабар гуро. Гьезул хIалтIаби гьабсагIаталдаги цIунун руго дунялалъул улкабазда ругел батIи-батIиял библиотекабазда ва гIелмуялда тIад хIалтIулезда гьеб якъингоги лъала. Масала, парангазул математик ва тарихчи Либрица (1803-1869) хъван буго гьадин: «Тарихалдаса бусурбаби нахъе рачани Европаялда гIелму цебетIеялъул хIакъикъат рехсезецин нечезе руго», — ян. Бриффо абулев гIалимчияс хъан буго: «Бусурбабаздаса гьанжесеб дунялалъе щвараб бищун кIудияб давла ккола гьез гIелмуялда лъураб кьучI», — абун. Густав Лебон мукIурлъулев вуго Европа жагьиллъиялъулъ гъанкъулеб заманалда исламалъул тахшагьараллъун кколел рукIарал Багъдадги Кордоваги рукIанила халкъалъе канлъи кьолел бакIаллъунин. Гьединал пикраби загьир гьарурал гIалимзабазул сияхI цIакъго халатаб буго ва гьел киналго гьанир рехсонги хIалкIоларо. Гьединлъидал, цоги нухалда абуниги, исламалъул гIалимзаби рикIкIуна хIакъикъаталдаги европаялъулазда канлъи чIвазабураллъун.

Добавить комментарий

Добавлять комментарии могут только зарегистрированные и авторизованные пользователи. Комментарий появится после проверки администратором сайта.

6