Меню
16+

Сетевое издание «По новому пути»

13.07.2018 18:01 Пятница
Категория:
Если Вы заметили ошибку в тексте, выделите необходимый фрагмент и нажмите Ctrl Enter. Заранее благодарны!
Выпуск 27 от 13.07.2018 г.

Щибха кколеб рокьи?

Рокьиялъул цIар бахъидал щивав чиясул ракI бохула, щайгурелъул, рокьи букIун Аллагьасул гурхIелалдасан цо гурхIел. Эбелалъе бокьула жиндирго лъимер, лъималазе рокьула эбел-эмен, хъулухъчиясе вокьула мутIигIав хIалтIухъан, хIалтIухъанасе вокьула ритIухъав хъулухъчи. ВитIун чIарав муъминчиясе вокьула Аллагь, Аллагьасе рокьула ритIухъал лагъзал. Росасе йокьула лъади, лъадуе вокьула рос. Гьединаб гIажаибаб асар лъун буго Аллагьас инсанасул рекIелъ. Рокьи абураб калима ТIадегIанав Аллагьас хирияб Къуръаналда ункъогоялдаса цIикIкIун бакIалда рехсонги буго.

Щибха кколеб рокьи?

Рокьиялъул цIар бахъидал щивав чиясул ракI бохула, щайгурелъул, рокьи букIун Аллагьасул гурхIелалдасан цо гурхIел. Эбелалъе бокьула жиндирго лъимер, лъималазе рокьула эбел-эмен, хъулухъчиясе вокьула мутIигIав хIалтIухъан, хIалтIухъанасе вокьула ритIухъав хъулухъчи. ВитIун чIарав муъминчиясе вокьула Аллагь, Аллагьасе рокьула ритIухъал лагъзал. Росасе йокьула лъади, лъадуе вокьула рос. Гьединаб гIажаибаб асар лъун буго Аллагьас инсанасул рекIелъ. Рокьи абураб калима ТIадегIанав Аллагьас хирияб Къуръаналда ункъогоялдаса цIикIкIун бакIалда рехсонги буго.

Рокьи букIуна кIиго батIияб.

ХIарамабщинаб жоялде гIащикълъи ккола щайтIаналдасан бугеб иш. РитIухъаб рокьийин абуни буго Аллагьасдасан бачIараб амру. РитIухъаб, Аллагьасдасан бачIараб рокьи ккола Аллагьасе бокьулеб жо бокьи. Гьединаб рокьи бугони, гьеб рокьиги инсанасул киданиги тIаса унаро. Гьединаб рокьиялде ахIулел руго аварагас нилъ, чIужу ячиналъул яги яс росасе кьеялъул амру тIаде бачIараб мехалда.

Хирияс абулеб буго, нужеца ригьин гьабейин дин бугеб агьлуялъулгунилан. Щайгурелъул, диналъе гIоло ккараб рокьи тIаса унаро. Амма ясалъул берцинлъиялъе гIоло ккараб рокьи, гъолъул берцинлъи тIаса индал рокьиги тIаса уна.

Бечелъиялъе гIоло ккараб рокьи, цоги бечедай ятидал яги живго бечелъидал тIаса уна. Гьелъул хIасилалда ригьнал риххула, рукъзал чIунтула. Гьединлъидалин инсанасда бичIчIизе кколеб рокьи Аллагьасул хIикмат букIин. Гьеб хIикмат даимлъизе бокьарасдаги абизе ккола Аллагьасе мутIигIлъейин.

Рос-лъадуда гьоркьоб рокьи букIине ккани, гьез кквезе ккола Аллагьасул дин. Аллагьасул дин кквечIони, Аллагьас жиндирго хIикмат рекIелъа нахъе босула, цинги гьениб щайтIаналъ рукIунги гьабула. Мисалалъе, нилъеда жеги рагIарабищ жамагIат гьабун как балел, даимго цоцазе дарсал цIалулел, росас алжан-жужахIалъул бицунаго бадиса магIу тIолей чIужу, яги исламалъул рагIдукь хьвадулел бахIарал ратIалъанин абун? РагIичIо. Гьединал рос-лъади хвалица гурого ратIа гьаруларо. Амма чанха нилъеда рагIараб лъади росасе мутIигIлъичIого, росас жиндирго хIукъукъал тIурачIого, шаригIаталъул гIурхъалаби цIуничIого ригьин бихханин абун.

Гьединлъидал бусурбабаз, рос-лъадиялда гьоркьоб рокьи-хинлъи букIине ккани, гьезул цоцазул рекIелъе нух бахъизе ккола иманияб тарбия кьеялдалъун. Гьайгьай, жакъа нилъер гIолилал ясаз хIалбихьула росабазул рекIелъе нух бахъизе чехьги рекъезабун. Цинги чахьал цIураб мехалъ росабазда лъудбиги кIочона яги чехь цIезабулеб цогидаб бакIалде нух бахъула.

Рехселин дагьаб цебе гIарабиязул ракьалда ккараб лъугьа-бахъин. Пуланав чи вукIана бечедав, рес бугев хъулухъчи. Жиндирго хъулухъалъ гьев сапаразде гIемер кколаан. Гьев бечедав чиясул йикIана бечелъиялъул нигIматазулъ тIерхьарай гIолохъанай ясги. КигIан къваригIаниги бокьарабщинаб нигIмат бугониги заманалдасан гьей гьардезе лъугьана жиндие машина босейин.

- Валлагь, дир яс, машина буго кинабниги квешлъиялъул рагьу, гьелъ ясал бихьиналгун журазарула, ясал машинаги хун нухда хутIизе бегьула. Дур вацасул буго машина, дуе бокьаралъуе гьес щвезаюла мун, дуе машина хIажат гьечIо, — ян жаваб кьола инсуца. Гьеб насихIат ясалъе гIечIо. Ясалъ байбихьана гIода-чIвадун инсуда гьардезе ва заманалдасан инсуца босула ясалъе машина. Машина гаражалъуб лъезе гуреблъидал босулеб, ясалъ байбихьана бокьаралъубе ине ва бокьараб мехалда ячIине, цадахъ цIалулел ясалгун шагьар сверизе. Пуланаб къоялъ ясалъ абула инсуда:

- Эмен, дун Англиялде ингилис мацI лъазабизе ине кколей йиго, гьенир руго дида цадахъ цIалулел ясалги.

Гьабизе жо лъугIарав инсуца ясалда абула:

- Мун инчIониги тIубазе бегьула гьеб, дица дуе Британиялде ине ихтияр кьоларо, ясал рокъор рекъараб буго, — ян.

Амма яс тIаса йичIуларо, жинца киданиги яхI-намус рехуларин, рекъечIеб жо гьанжелъизегIанги дихъа ккечIин, хадубккунги кколарин кIалъала. Гьелъулги хIасил ккечIеб мехалда, ясалъ байбихьула инсуе хIилла гьабизе, ай гьелъ тола квен, лъимцин гьекъеларин чIола. Ясалда ракI гурхIарав инсуца абула, лъикI бугин, дица йиччалин мун Британиялде, амма цин цебеккун нилъеца Маккаялде гIумра гьабизе кколин. Гьеб жаваб рагIидал яс кутакалда разилъун лъугьуна. Амма инсуда ракIалда гIумра гьабизе букIинчIо, гьес сапар бухьана салул авлахъалде ва щвана гьел жиндаго лъалев вукIарав вехьасул къавуде. ТIаде щведал инсуца хъваш-башги гьабун вехьасда цIехола гIумру-яшавалъул. Вехьас абула, гьалейинха варанабиги хьихьун, гьезул рахь-нахги бичун бетIербахъиялда вугинхайилан. Цинги инсуца вехьасда цIехола чIужу йигищин. ГьечIин, лъицайин жиндие яс кьелейин пашманго жаваб гьабула вехьас. Ясалъул инсуца абула вехьасда гьай дир яс ячинарищин. Вехьас, гIемер вохиялъ, ячинин абула. Гьеб бакIалда инсуца магьариги лъола. Къо рагIалде бакIаридал, инсуца рокъове тIадвуссине хиял гьабула, амма гьес цебеккунго вехьасда абун букIуна яс дуда аскIой чIезе нечезе йигин, дуца гьей махсародеги ккун, машинаялъуса кодойги ккун рокъое ячеян. Гьениб ясалда щибго жоги лъалеб букIунаро ва ясалъги байбихьула къайиги бакIарун машинаялъуе яхине. Машина бакидал вачIун росас жиндирго бахIарай кодойги ккун ячун уна, эменги рокъове тIадвуссуна.

Анкь индал инсуца телефоналдасан ахIула гьудуласухъе, дир ясалъулги вехьасулги щиб хIал бугебалиго лъаларищин, гьезул хабарго рагIанищин. Гьудулас жаваб кьола дур ясги дурцги кутакалда лъикI ругин, сон базаралда цадахъ рихьанин гьел, кутакалда цоцадаса разигоги ругоанин. Гьеб хабар рагIидал эмен вохула ва моцIал ун, лъагIел сверула.

Цо къоялъ радал вахъиндал инсухъе телефоналдасан гьудулас ахIула дур ясалъе вас гьавунин. МоцIидасан эмен, хъизанги ячун, ясалъухъе уна. Ясалъухъе щведал, йохиялъул кутакалъ ясалъул бадиса магIу чвахула, цинги бахIараз лъикIаб гьоболлъиги гьабула. Хан гIадин инсул рокъой гIурай йигониги, вехьасул рокъоб талихI букIин бичIчIарай ясалъ, инсуе кIудияб баркала кьола, кигIан лъикIин дуца дун Британиялде йиччачIейилан абула.

ХIурматиял бусурбаби! ГIин тIаме гьаб гьитIинабго насихIаталъухъ. Хасго гIин тIаме рокьи ккарал васаз! Нужеца къад къо ясазул данделъабазда тIобитIула. Нужеца базаралъул, университетазул, школазул рагьаби кидаго сверун ккун рукIуна. Радал-бакъанида ясазе хъаравуллъи гьабула. Нужеца къаси сордо борчIула социалиял сетазда гIинда чIван телефоналгун.

ГIин тIаме рокьи ккарал ясал! НасихIат буго ясазеги. Нужер берал магIил цIун рукIуна васазухъ балагьун чIеялъ.

Нужерго анищазул асараз нуж гуккула. ГIолилаз бачIанщинаб сообщения уябин ккола. Дир гьитIичал! Нужее буго насихIат, нужеда гьеб кIочонге, гьеб кIочарасда сахаб къо бихьуларо. Нужер бераз магIил бакIалда би тIуниги дунял-ахираталъул талихI гьедин нужеда дандчIваларо. Щайгурелъул, нуж гьеб нужерго рокьиялъ рачуна ширкалде. Нужер СМСал сабаблъун тола какал, какал ралаго нужер рекIелъ букIуна гIантаб пикру. Нужер гIантаб рокьиялъ кIочона нуж рижарав ва нужер ракIалда бугеб бихьулев Аллагь. Чан гIолохъанай ясалъе рокьи сабаблъун жужахIалъуб гIазаб кьураб? Дагьал сагIтаз дунялалдаги гуккун, чан берцинал бераздаса хьвердгун би чвахараб? ЦIехе дуца гIолохъанай ясалда, чан нигIмат дуца биччан тараб, чан хIарамаб пиша дуца дурго нафсалда чIамизабурабилан? Чан ургъел-пашманлъи тIаде цIараб? Инсулгун вацасул къадру чан нухалда хвезабураб? Чан как дуца басра гьабураб? ЦIехана дуда гьедин, мунго цохIо бецIаб гвандиние лъугьинайидал…

Цинги гьикъе дуцаго дудаго… Щай дир гьурмал нур свараб? Щай дир берцинал берзул тIелхал зазлъун бадир къалел ругел? Щай дир берцинаб къаркъала хIапароялъ кваналеб? Щай дир черхалдаса рокьукъаб махI бахъараб? Щай дир бетIералдаса рас хIулараб? Вай, дир сурукълъиго щиб? Гьанже гьабе дуего ракI разияб жаваб: дун гьаб хIалалде ккана, гIолиласдехун ккараб чIобогояб рокьиялъ. ГIантаб рокьиялъ дир берал бецц гьаруна, мекъаб рокьиялъ дида Аллагьасул калам рагIичIо…

Ахираб заманалда телефонал сабаблъун кколеб пасалъи цо чиясда къокълъун чIолеб масъала гуро. Пасалъи тIибитIараб мехалда, цо чи гьалаглъун хутIуларо. Ракь багъарараб мехалда тIолабго шагьар чIунтула. Рокъоб цIа ккедал, мина цадахъго бухIула. Зина тIибитIидал Халикъасул ццим киназдего щола.

МасгIудил ГIабдуллагьица бицун буго: «Ракьалда тIад зинаги рибаги загьирлъидал, ай тIатун гьеб гьабизе лъугьараб мехалда Аллагьас гьеб шагьар гьалаг гьабизе изну кьола», — ян.

Нилъер берзул канлъилъун вугев хирияв МухIаммад аварагасги абулеб буго: «Пуланаб къавмалда гьоркьоб вахIшилъи загьирлъани, гьезда гьоркьоб тIагIун ва цогидал, ай цересел умматазулъ рукIинчIел унтаби загьирлъичIого хутIуларо», — ян.

Жакъасеб чорокаб, телефоназул рокьиялъ кIоченарула умумузул гIадатал, туризарула улбузул ракIал, риххизарула минаби, бесдал гьарула гIисинал лъимал, сахал гIадамал унтизарула, унтарал хабалъ лъола, хваразул рухIал зигардула.

Хирияв аварагасул наси-хIат буго: «Ле, гIолохъаби, нужер рес бугев чияс ригьин гьабе, ригьнаца гьесул берги гIасилъиялдаса къанщизабула, мунагьалдаса гIавратги цIунула».

Добавить комментарий

Добавлять комментарии могут только зарегистрированные и авторизованные пользователи. Комментарий появится после проверки администратором сайта.

28