Меню
16+

Сетевое издание «По новому пути»

01.06.2018 18:45 Пятница
Категория:
Если Вы заметили ошибку в тексте, выделите необходимый фрагмент и нажмите Ctrl Enter. Заранее благодарны!
Выпуск 21 от 01.06.2018 г.

ГIачивехьасулги Шамхаласулги къиса маргьу

ГьаракIуниса гIемерал гIадамал унаанила лъарагIлъиялде, батIи-батIияб пихъги босун. Пихъ хисулаанила гьениб рукъалъул алатазухъ, парта-магIалалъухъ, ретIел-куналъухъ.

ГIачивехьасулги Шамхаласулги къиса маргьу

ГьаракIуниса гIемерал гIадамал унаанила лъарагIлъиялде, батIи-батIияб пихъги босун. Пихъ хисулаанила гьениб рукъалъул алатазухъ, парта-магIалалъухъ, ретIел-куналъухъ.

Цо нухалда гIачивехьасул чIужуялъ абунила росасда:

- Мунги шай унарев цониги нухалъ Азайнуве, Шамхаласухъе, гьениса жидеего къваригIарал жалги щун рачIунел руго гури гIадамал — абун.

- Дунали гьениве цIакъ инаанилан абунила вехьас, — гьенибе босизе куракгIаги бугебани.

- Куракали дица балагьилин, мун ине къачIазе вуго — ян абунила чIужуялъ.

Лъие-лъиениги цере ккара-ккарал гIадамазе щиб-щибниги хIалтIи гьабизеги хьвадун, гьелъ курак балагьанила. РачI хIулараб хIамида гьебги лъун, Азайниханасухъе гIачивехьги вахъанила.

ГьерекIдерил мегIер тун унаго, гьесда дандчIванила гъоркьчIоларел чуяздаги рекIун, меседалъ къачIараб ярагъги бан вачIунев микьго чи. Гьел рукIанила магIарде жидеего рекIелгъеялъе тира-сверизе рахъарал гIадамал. Гьезул бищун цеве вукIарас гьикъанила вехьасда:

- Мун щив кколев? — абун.

- Дун вуго цо чи — йилан жаваб кьунила вехьас.

- Жиндие дагьаб курак бичеян абунила вехьасда гьес.

- Валлагь бичиларо, — ян абунила вехьас гьесда, — гьаб буго Азайни Шамхаласе сайгъаталъе унеб бугеб жо.

- Биче ле, дагьабниги, дица дуе абураб жоги кьелилан абунила гьес нахъеги вехьасда.

КигIан гьараниги вехь гьал рекIаразда мукIур гьавизе кIвечIила.

РекIаразул цевехъан вукIун вуго живго Шамхал.

- ЛъикI буго, аха дурго унеб бакIалдеян абунила гьес вехьасда ахирги.

Живгойин абуни, магIардасанги сверун, вехьасдаса цеве рукъове щванила. ТIаде вехьги гIунтIанила. РештIанила гьев Шамхаласул бакIалда, кьунила гьесие вехьас куракги. Шамхаласги кьунила гьесие лъикIаб ретIел-кунги, гIарацги, рази гьавун, берцинго нухтIа витIанила.

Вехь къватIиве лъугьун аравго цо нукарас абунила Щамхаласда:

- Дуца гьав вехьасе кьураб гIанасеб жо гьабгонияб заманалда нукарлъи гьабулел рукIаниги нижер цонигиясе кьечIо. Изну кье дие досда хадув ине, дица досухъа дуца кьурабщинаб жо бахъила — ян.

- ЛъикI буго — ян абунила Шамхалас.

- А дурго. Амма дуца досда квер хъваге, кIолеб батани кIалзул хабаралдалъун бахъе.

Борчун лъикIаб ярагъгун, вахун лъикIаб чодегун жуванила нукар вехьасда хадув. ТIаде гIунтIулаго ахIанила нукарас вехьасде ханас нахъе ахIулев вугин, мун вачине жив витIанин гьесилан.

- Амма вачинчIогоги тела — ян абунила нукарас дица кьураб лъабго суалалъе битIун жаваб кьуни.

- ЛъикI буго. Кье дурго суалал — абун разилъанила, вехь.

- Гьаб дунялалъул бакьулъ бакI киб бугеб? — абун гьикъанила нукарас.

- Гьаб дир чIегIер хIамил щинкIил чIараб бакIалда гъоркь буго, гьечIеб батани, борце дуцаго-ян абунила вехьас. Бегьанила гьеб жаваб.

- Гьадаб зодоб чам цIцIва бугеб? — абун гьикъанила нукарас вехьасда кIиабизеги.

- Гьаб дир чIегIер хIамида чам рас батаниги, гьедагIан цIцIва буго — ян жаваб гьабунила вехьас, — гьелда шаклъи ккани, рикIкIе дурго.

- Гьеб кIиябго суалалъени дуца жаваб цIакъ битIун кьуна. Гьанже лъабабилелъеги кьуни, вукIина мун цIакъав чи, — янги абун, гьикъанила нукарас:

- Бищун ясазе вокьулев чи щив? — абун.

- Гьеб дуда бугеб ретIелги, ярагъги, гъоркъ рекIун бугеб чуги дихъе кье, гьеб мехалда вихьизавила дица дуда кинав чи ясазе вокьулевали — ян абунила вехьас. Нукар разилъанила. Хисанила гьаз ретIел, банила вехьас нукарасул ярагъ, ваханила гьесул чоде.

- Гьале гьадинав вокьула ясазе чи — янги абун, лъунила

вехьас чода цIал, нахъе балагьичIого бухъизабунила гьес рукъобе.

Бачун вехьасул хIул-хIулараб хIамагун, тIадвуссине кканила нукарги.

- ЧIалгIаде гуреб тIоцебего вехьас абун букIараб: дун цо чи вугилан. Долъул магIна букIана: «Дун вуго цо чиясе чи», абураб, — ан бицанила вехьасул гIамал-хасият рекIее гIурав Азайни Шамхалас нукарасда.

ГIадамазул рагI лъугIуларо

Малланасрудин жиндирго васгун цадахъ цо сапаралде анила. Васги хIамида рекIинавун унаго, цо росолъе щванила. Гьениве щвараб мехалъ гIадамаз абунила:

- ВахI, кIудияв чиги гIодосан вилъун, хIамида рекIарав вас — абун.

Гьеб мехалъ Малланасрудин васги лъелго виччан, живго хIамида рекIанила.

Цойги росулъе щвейгун, гьезда гIадамал релъанхъанила

- ГIодор рехъерхъун бохдулгин хIамида рекIарав кIудияв чи вихьулищ? — абун.

- Валлагь гьабги бегьулеб жо букIун гьечIо — ян.

Малланасрудиница васги хIамиде вахинавунила.

Гьедин цо хIамида кIиявго рекIун рихьидал, лъабабилеб росдал гIадамаз гьазде гIайиб гьабунила.

- Валлагь, гьабги бегьичIо — ян кIиявго эменги васги хIамидаса рещтIанила. Лъелго анила.

- ГIорцIен гIадинаб хIама щайдай цебе къотIараб, кIиго чиги лъелго рилъун? — ан гаргаданила гIадамал.

Малланасрудиницацинги абунила:

- ГIадамал тIагIинчIого гIадамазул рагIи лъугIиларо — ян.

Гьоболлъухъ

Цояв вачIун вуго гьоболлъухъ. Гьав вачIараб мехалъ гьоболасул чIужуялъ хинкIал гьаризе гьан тIамун буго.

Гъой къватIие араб мехалъ гьелъул рос вачIун, гьесги рехун буго гьан хьагинибе.

Хадуб жиндирго къваригIе-лалъе гьевги къватIиве ун вуго. Гьеб мехалъ тIаде вахъун гьоболасги тIамунила гьан, рос-лъадуца босаралъусаги босун.

Цинги хинкIалги гьарун, гьел рахъулеб мехалъ лъадуда батанила лъабго батIаяб гьанал кесек. Гьалъ цIеханила:

- Гьабни дица тIамураб бугин, гьаб кIиябго кесек киб букIараб? — абун.

Росас абунила:

- Дица тIамунин цо кесек — дуца дагьаб тIамун батилин абун.

Гьоболасги абунила:

- Валлагь дицаги тIамунин цо кесек, киназго тIамизе кколеб жо батилин ккун.

Дибирги мискинчиги

Жиндие мухьдахъ хIалтIун швараб гIарцухъ, цо мискинчияс хъизамалъе хъвезе багьаб куй бичун босанила.

Базаралдаса вуссун вачIунаго, гьев гьоболлъухъ рештIанила мадугьалихъ росдал рагIалда бугеб мянаялъув. Гьеб букIун буго росдал дибирасул бакI. Дибирасул «рокьи» кканила гьоболасул куйдухъ.

Гьес мискинчиясда абунила:

- Метер къиямасеб къо чIезе буго, рачIа къасе дур куйги хъун лъикIаб садакъа гьабязе — ян.

Мискинчи гьесда божанила ва куй хъвезе изну кьунила. Куйдул гьан гIицIго дибирасул хъизамалъ кванан лъугIараб мехалъ лъанила мискинчиясда, жиндир жагьиллъиялдасан пайдаги босун, дибирас живго гуккаравлъи.

Гьоболасда ракIалде кканила киндай гьеб хIиллаялде данде жиндицаги хIилла ургъилаян.

Дибир рукъоса къватIиве араб гIужалъ мискиячияс гьесул минаялда цIа лъунила.

Гьеб бихьарав дибир ахIданила:

- Дуца гьабураб щиб, гIабдал? — абун.

Мискинчиясги абунила:

- Метер къиямасеб къо чIезе бугелъул дуе мина щиб гьабизе? — ян.

Дибир, гьесда данде абизе рагIиги батичIого, жиндирго рукъалда рекIараб цIа свинабизе лъугьанила.

Дунги рикIкIани, лъабго вац вуго

Цо гIандисев ун вукIун вуго чачаналде. Гьоболлъухъ гьасда цебе лъун буго буцараб тIеххги урбаги.

Кваналаго гIандисесул щокъроб къан буго тIеххгун урба.

Бехе гъобги унарого, хIухьел цIазе кIоларого, чара хун вугев гьоболасда бугеб хIалги лъачIого, чачанав цIехолдизе лъугьун вуго хъизам кIудиябиш бугеб, ваццал чам ругел? — абун.

- Хизамалъул къадар-чагIи хадур рикIкIина — гьаб щокъроб къараб тIеххалъ гъанкъичIого дун ворчIани, нижер лъабго вац вуго — ян хIаллица жаваб гьабун буго гIандисес.

Дунги хутIбаялъулъ рехсе

Цо росулъ вукIун вуго Уцуми абулев хан. Уцумиханас гьарун буго цо мутагIелумасда:

- Цониги къоялъ дуца дун хутIбаялъулъ рехсе — абун, жиндица дуе гьелъухъ 20 цIцIе кьелилан. ЛъикI буго — ян разилъанила мутагIелум.

Цо пуланаб къоялъ гьев мутагIелум вукIанила хутIба гьабулев. ХутIба гьабулаго, гьоркьоб Уцумил цIарги рехсон, гьес абунила:

- Гьединаб кIудияб гьойлъун мун гьавурав ва гьадал дур ясалги мутагIилзабазе вакъфулъун гьарурав Аллагьасе рецц! — абун.

ГIараб мацIалъ мутагIелу-мас рикIкIарал рагIабазул магIна бичIчIулев дибир гьесде къенкIезе лъугьанила.

- Мун вуцIцIун чIа — ян абунила мутагIелумас гIараб мацIалъ дибирасда. Дие ханас хутIбаялъулъ гьев рехсаралъухъ кьолеб буго къого цIцIе — гьезулъан аяцIгояб дица дуе кьела. ВуцIцIун чIанила дибирги.

Жив хутIбаялъулъ лъикIал гIадамазда гьоркьов рехсанилан чIухIун, вохуца холаго Уцумиги анила рукъове, мутагIелумасе цIцIаниги щвнила.

Добавить комментарий

Добавлять комментарии могут только зарегистрированные и авторизованные пользователи. Комментарий появится после проверки администратором сайта.

21