Меню
16+

Сетевое издание «По новому пути»

21.12.2018 17:18 Пятница
Категория:
Если Вы заметили ошибку в тексте, выделите необходимый фрагмент и нажмите Ctrl Enter. Заранее благодарны!
Выпуск 50 от 21.12.2018 г.

Дир бокьулеб ВатIан – Дагъистан

Дие Аллагьас бикьун ва бокьун кьураб хIикматаб, дунялалъул таргIил баргъичалда тIад, берцинаб жавгьар — якъуталъул нагIли гIадаб Дагъистан! Дур гьуинал, тIогьол махIаз цIурал,гьураз рекIел чIвабиги сородизарун лъугьарал, гIакълу щущазарулел бакъназ, дур бечедал нигIматазул махIаз мехтизавун, сагьвил гьавун вуго дун.

Дир бокьулеб ВатIан – Дагъистан

Дие Аллагьас бикьун ва бокьун кьураб хIикматаб, дунялалъул таргIил баргъичалда тIад, берцинаб жавгьар — якъуталъул нагIли гIадаб Дагъистан! Дур гьуинал, тIогьол махIаз цIурал,гьураз рекIел чIвабиги сородизарун лъугьарал, гIакълу щущазарулел бакъназ, дур бечедал нигIматазул махIаз мехтизавун, сагьвил гьавун вуго дун.

Дие мун хирияб буго карандаса чваххулеб, дун кIудияв гIезавулеб, дие гIумру кьолеб эбелалъул рахь гIадин, дунялалда берал рагьарабго дида бихьараб, дун хIайран гьавураб эбелалъул гьумер гIадин, дун жин-дир берцинлъиялъ гIакълуялдаса инавулеб, хадубго цун гIакълуялдеги вачIинавулеб эбелалъул гьими гIадин.

Хирияб Дагъистан, дир рекIелъ дуца кколеб бакI, цогидабщиналъ кколелда данде цIаларо. Берал рагьарабго дида бихьараб эбелалъул гьумерги гьимиги Дагъистаналъул мугIрузда гурищ бижараб. Дун веэдана дур хурдузул ва тIугьдузул махIаз, дур гъутIбузда рижарал тIамхазул шуршуралъ, дур лъаразул лъималазул гIадаб релъиялъ. Дие къуват кьуна дур кьурабазул кьвариялъ, гьелги гIанлълъун нухалги хурзалги гьарулев инсул ччорбаз, гьесул яхIалъгин лъугIел гьечIеб сабруялъ. Дир эбел-эмен гьал мугIрузда жалго цохIо рукIинчIо.

Гьезиеги къуват кьуна Дагъистанги дунялги ккурал мугIруз, мугIрузул бисаз, мугIрузул цIумаз, мугIрузда гIурал умумуз, магIарулаз. Дагъистан, умумуз ракь бухъун, къадал сокIкIун, лабалал мугIрузул карандагьечIел бакIазда рукIинаруна хурзал. Сухъмахъцин гьечIел парсазда гIезаруна ахал. ЗахIмат бихьун балагьана, гIезабуна дур гIицIал, гъогъол цIурал ракьазда гIумруялъе хIажатабщинаб нигIмат. Пурцица хурзал рекьун, рикIкIаде ун балагьун хьон хьан, бижарабго чIаран, бухъун, хъандироялъ лъилъун, гулал къан, щвелъелал гьарун, хадуб гIарал, харчIал гьарун сокIкIун, гьакица щиб, мугъзада лъун щиб, гьоцIибе баччун, гьениб тирщун, бегун, бакъварабго накку, лал тIамун, кинабго рокъобе баччун, царгъахъе бан балагьана квание богIоллъи. РукIана гьабихъе инегIан жоги гьечIого, рокъобго квералъ сверулеб гьитIинабго кверзул гьабикьан биччан гъурада гьабун толелги.

Гьабихъе баччун гьебгун ун, ххараб гIатIал къандалъо рокъобе щолелги рукIана. МичIчIил карщ, яги гъурададул карщ гурони щоларезе гьабихъа бачIараб гIатIал хинкIал рукIарал гьуинал! Гьеб гьез жибго квен гуреб дандежолъун рикIкIунаан. Дагъистан, жакъа дица дур магIид рецIцIулел кьурабазда гьикъулеб буго: додин къо бихьун чед балагьизеги кколеб гьечIин, гьанжеги нуж дол захIматал соназго гIадин щай гIодулелин, гIурччинаб хIеталъулъан кьурабазул кьватIалабахъан чваххулеб, бецIцIулеб магIил магIна щибилан? Дида гьез абулеб буго гьелъул магIна бугила, гIорцIарал лъималазда ракъарал умумул кIочон тей. ГIорцIарал чIахIияздаги ракъараб заманги, къо бихьун гьабураб магIишатги кIочон тей. Гьезда, Аллагьас, къого бихьичIого, регун кваназарулел ругелъул, гьеб жидерго гьунарилан ккей, исрапчилъи гIадатияб жолъун лъугьин. РакIалде щвезаре рагъдаса хадусел сонал.

ГIорцIизегIан богIоллъиги, черх бацараб ретIелги гьечIеб заман. Дир эмен вукIана учителлъун хIалтIулев. Хъизамалъул вукIана анкьго чи. Щуго лъималги, эбел-эменги. Щивасе радал гьабулаан хIанчIил хоно чIинтIун гьабураб гIадаб роценалъул лъаб-лъаб цIоросаролъил гIатIал хинкI. Киназдаго гIадин анлъго сон барав дида абулаан: кIиго хинкI радалги кванан, цо къаде кваназе теян, къаде квен букIунареблъи нижеда лъалаан. Толаан цо-цо гьединги. Амма къаде кваназегIан гьеб хинкI тезе дида кIолароан. Бащдаб сагIаталъ «дир цойги хинкIги буго» абураб гуреб пикру ботIролъе бачIунароан. Векерун ун кIалдибе реххулаан.

Гьанже хьул къотIиялъ бигьалъиги лъугьун бакъалда вегун щиб, мадугьаласул гIел бащадав васгун вагъилаго щиб, васандилаго щиб унаан къо. Къасиги кIудияб хъизаналъе цо гьитIинабго тутиядул хьаг цIураб кару букIунаан цадахъ кваназе. Гьеб кванаялъги бакъалда вегиялъги бакъул унти ккун кигIан гIазаб чIамураб. Хадубги ракIалда буго росулъ, анкьго сон барав дун, бакъанимехалъ квен кьеян эбелалда гьардарав куц. «Я дир вас, – ян абула эбелалъ – гьабсагIат дуе квен кьуни къаси киназдаго цебе лъезе дагьлъула, Аллагьасе гIоло сабур гьабе, метералде квен сундул гьабилебали дида лъаларо». Лъимада гьеб кин бичIчIилеб? ГIодилаго къватIиве унев дун кIудияб, басрияб цIулал кавуялда ваччула. Каву реххун ун гIодоб речIчIула. Нахъаса-нахъе реххун аскIов дунги ккола.

«Вабабабай! Хвезе хъван вукIаравани вакъун хвезехъин вукIун вуго дир вас», – ан гIодилаго эбел дида тIад хурхуна ва кодове вачуна. Гьеб сурат цебечIун дир ракI эбелалда гурхIун жакъаги гIодула. БакъинегIан колхозалъул хIалтIи гьабулей йикIун свакарай эбел, рогьинегIан лъималазул къватIахъ сверун хохорал хьитал рукъулейги йикIунаан. Гьанже рекьичIого чIахIие руссарал урзалги, кисан бачIарабали лъачIого Аллагьас чIезарун ругел нигIматаз, гIаданлъигичилъиги хвезабулеб бихьараб мехалда, гIадамазул инсанлъиялъул гьоркьорлъаби чучулел рихьидал, дир рекIел ругъналъе, гIодиялъулъе, магIилъе цIам гуреб, кьогIлъиги жубалеб буго. Хирияб Дагъистан, кибе жакъа мун бачунеб бугеб?

Чилъи бугелщиналги шагьидзабилъун гьарун, лъил цIобалде мун унеб бугеб? Дир хирияб Дагъистан! Мун бокьун угьулеб хIухьел, хIалихьалъиялъулги, хъублъиялъулги, хъантIарал жанаваразулги, Аллагьги реххун тун тIадчагIазе лагълъи гьабулезулги бицун чорок гьабиларин. Аллагьас кьела гьезие къимат. Гьезде гурищ исламияв гIалим ва шагIир БакьагьечIиса ЧIанкIаца магIарулалде сверизабураб ингилисазул шагIир Шекспирил кочIолъ хъвалеб бугеб: Дарай – гIатIласаца чилъиги мерхьун,

Чиго гуревщинав тахида вуго,

ГIакълу гьардухъ араб гьаб дунялалда,

Дица хвалил амру ахIулеб буго.

ЯхI бугелщиназ хвалил амру ахIулеб хIал лъугьун гьечIищ жакъаги. Аллагьасдеги, ВатIаналдеги, эбелалдеги рокьи кинаб ахIвал- хIалалде кканиги тIолеб жолъун букIунаро. ТIунани гьеб би кьабулеб рекIедаса, хIухьел цIарал гьуъруздаса черх батIа гьабилъун букIуна. Гьеб, черхалъе хIажалъулеб лъедаса, тIубанго махIрум гьавилъун лъугьуна. Дагъистан, дур мугIрузул карандасан бурулел, чваххулел тIокIкIарал иццазул гIадаб лъим дица кибго гьекъечIо. Дур иццазул лъеца гIадин дир къеч буссине рес гьечIо. Гьеб гурищ гьекъараб Дагъистаналъул имамзабаз, АхIулгохIалъул шагьидзабаз. Гьелъ гурищ дозие къуватги бахIарчилъиги кьолеб букIараб? Доз гьекъолароан щакал лъинал. Гьекъолаан бацIцIадаб мугIрузул лъим.

Дир хирияб Дагъистан, дур гьуразулги хIанчIазулги бакъназ, харибакIазул сасалъ, гъутIбузда тIамхазул балъгояб шуршуралъ, хехал лъаразул релъиялъ, магIарда гIи кваналеб, гIурдада кьагIи-буртIал расандулеб гъадиялъ, магIарул ва цогидалги миллатазул мацIазул хассаб бакъаналъ гIадаб асар дир рекIее кигIан гучабги симфониялъ гьабуларо. Гьел Дагъистаналъул тIабигIаталъул бакъназ дир ракI беэдула, дир черх сах гьабула, намусги яхIги бацIцIад гьабула. Дир рекIел гьант рекъола дур ахакь тира-сверизе, алъдал ва гIоразул рагIалда васандизе, дур тIабигIаталда хIалхьи гьабизе щвараб мехалда. Дагъистан дур цIорорал иццахъ, дур лъаразул чваххукь, дур гIоразулъ чвердон лъадарана дица ирго черх. Дие мун бокьичIого кин букIинеб?

Дие рухIгIан рокьула мун бокьулелщиналги. Дуде бугеб рокьиялъ гурищ Дагъистаналъул имамзаби ГъазимухIаммад, ХIамзат, Шамил ва цогидалги шагьидзаби, АхIулгохIалъул, Гъуниб мегIералъул гъазизаби лъебергогIан соналъ тIаса ярагъ ахъичIого, чол кьолониса рещтIинчIого рагъарал! Дуде бугеб рокьиялъ гурищ Дагъистаналда рагъулги захIматалъулги бахIарзазул цIарал рикIкIун хIал кIолареб? Дуде бугеб рокьиялъ гурищ Дагъистаналъул щайихзабазги гIалимзабазги Дагъистаналъул халкъ хIакъаб нухда тIобитIулеб бугеб? Дуде бугеб рокьиялъ гурищ Дагъистаналъул шагьидзабазги, яхI бугелщинал васазги жидерго гIумру къурбан гьабураб? Дуде бугеб рокьиялъ гурищ Дагъистаналъул гIалимзабазги шагIирзабазги, багьадурзабазги Дагъистаналъул цIар цIвабзазда аскIоб хъвалеб бугеб? Киналго дагъистаниязего гIадин диеги лъай щвана дур мактабазда, тIадегIанал цIалул идарабазда.

Дагъистаналъул шайихзабазул, гIалимзабазул, шагIирзабазул, цIар рагIарал багьадурзабазул ирсилазе, Дагъистаналъул букIинеселъе. Дун воххун вуго лъикI ккарал дарсаздаса, рекIекълъун вуго тIадагьго арал, пайда гьечIел дарсаздаса. Дагъистан!

Дур мугIалимзабазда гьоркьов цо мугIалимлъун ватиялдаса кIудияб талихI Аллагьас дие щиб кьезе рес букIараб? Дие, санал цIикIкIун сокIкIиналъ кIолеб гьечIониги, гьанжеги бокьун буго дир тIолабго захIмат, пикру-анищ Дагъистан цIуниялде, гьелъул гьайбатал гIолилазул лъай камил гьабиялде, гьеб тIегьаялде буссинабизе. Дие бокьун буго щивав дагъистаниясда, цIар, миллат цIехечIого къвал базе, щивав бусурбанчиясда бусурбанлъи баркизе. Дие бокьун буго щивасда гьаб Дагъистан бижаравги Аллагь, гьелъие гьунарал кьуравги Аллагь, гьелъул щибаб пара-лахIзат нухда бачуневги Аллагь вугелъул, гьадигIан гьайбатаб, хIикматаб Дагъистанги дунялги нилъее кьуралъухъ Гьесие гIорхъи гьечIеб рецц гьабизе. Дунялалъул халкъалго гIадин, нилъ исламалде ахIарав, уммат хирияв МухIаммад аварагасда Аллагьасул свалатги саламги лъеги! Нилъеца Аллагьасда гьарила Дагъистан цIунеян, Дагъистаналъул халкъ илбисазул макрабаздаса, щайтIабаз гуккиялдаса, напсазул унтабаздаса, чIухIи-пахрулъиялдаса, хъантIи-тIадлъи бокьиялдаса, ТIадегIанав Аллагьасда риханщиналдаса цIунеян. БетIергьан Аллагь, Дуца баракаталдагъистаниязул: шайихзабазул, шагьидзабазул, гIалимзабазул баракат киназего гIахьал гьабе. Дунял хириял, гIарцуе гурони лагълъи гьабуларезул питнаялдаса дагъистаниял цIуне. Дагъистаналда исламги исламияб умматги тIадегIан гьабе! ТIадегIанав Аллагь, Дагъистаналъул халкъ хъублъиялдаса, илбисазул гIамалаздаса цIуне! Амин. Дир бокьулеб ВатIан – Дагъистан.

Добавить комментарий

Добавлять комментарии могут только зарегистрированные и авторизованные пользователи. Комментарий появится после проверки администратором сайта.

240